1920-1921 соназда советияб хӏукуматалде данде рахъиналъул тарихалдаса

1920-1921 соназда советазде данде гьабураб восстание къинабиялъул мурадалда гьарурал аслиял гьужумазулъ гӏахьаллъулеб аслияб къуватлъун букӏана Хӏ армиялъул 32-абилеб кьвагьдохъабазул дивизия. Гьеб Бакуялдаса Дагъистаналде рехана 1920 соналъул лъабабилеб ноябралда. Дивизиялъе нухмалъи гьабулеб букӏана Александр Тодорскияс. «Дивизиялда гъорлъе унаан рекӏаразулгун мугӏрузул батареягун цадахъ рекӏаразул бригадаги, 282-абилеб ва 285-абилеб кьвагьдохъабазул полкалги. Гьеб къуват бачӏинахъего битӏана магӏарухъе, Хӏоцоса Нажмудинил аскаралде данде къеркьезе».

Дивизиялъул авлахъалъулаб штабалъул разведкаялъул баяназда рекъон, дандечӏаразул гьеб заманалда букӏана 10 азаргогӏанасеб хечгун хвалченги, чамали мухӏканлъичӏеб къадаралда пулеметалги, ункъо гӏарадаги.

Нажмудинил аскаралъухъ букӏана Темир-Хан-Шура районалда Генуб росу. Гьаракӏуниб букӏана анлънусгониги хечги 100 хвалченги, кӏи-кӏи гӏарадаги пулеметги. Чӏалда-Могьохъ-Хӏоцо мухъалда букӏана 500 штыкги, 200 хвалченги, кӏиго пулеметги бугеб къокъа, Буцӏра-Шагьада — нусгогӏанасеб хеч. Магӏарухъа Кӏахетиялде унеб нухккун хӏалтӏулеб букӏана полковник Гӏумар Пираловасул нухмалъиялда гъоркь 400 хечги 300 хвалченги бугеб къокъа. Лъахъ-Гьонохъ мухъалда — Кучраса Ибрагьим-Хӏажил нухмалъиялда гъоркь 200 хечгун хвалчен. Хӏоцоса Нажмудиницаги Хъайтмаз Гӏалихановасги ккун рукӏана Гӏободаги Тӏанусиги росаби — гьезухъ букӏана 1000 хечги кӏиго пулеметги ва цо гӏарадаги.

Дагъистаналда советазде дандечӏаралгун къеркьеялъе кумекалъе ичӏабилеб ноябралда Чачаналда, Грозныялдаса Ведено хъаладухъе ва хадубккун Болъихъе гьужум гьабиялъул мурадалда, битӏана Кавказалъул захӏматалъул армиялъул бутӏалъун кколеб Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полк. Веденоялда цо чанго къоги бан, гьенив нусгогӏанасев багӏарармиялъулавги тун — цоял унтун, цоял хӏатӏида гӏицӏго рукӏиналъ — полк бахъана Болъихъехун ва 16 ноябралда, кинабгӏаги дандечӏейги батичӏого, гьенибе жанибе лъугьана. Кӏиго къоялдасан полкалъул комиссар Аузенил нухмалъиялда гъоркь кӏиго ротаги пулеметалъулаб командаялъул цо бутӏаги ана Муни росулъе — муридзабазухъа кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Къокъабго кьвагьдеялдаса хадуб Муни росу ккуна гьез, амма муридзаби цадахъ гӏарадабигун нахъе къана Гъоркьколо росулъехун.

Багӏарармиялъулазул хьвада-чӏвади букӏана бергьенлъи босарал аскариязда релълъараб: гьез гъоркьлъалие росана гӏадамал, гӏемерисел магӏарулазухъа бахъана ярагъ, Муни росдал жамагӏаталда тӏадаблъун гьабуна кванил нигӏматаздалъунги чуязе хералдалъунги аскариял хьезари. «Мисалияб» полкалъул рагъухъабаз, жидее бокьа-бокьараб гьабизе ихтияр щванилан абун, зулму гьабун рахъулел рукӏана гӏадамазухъа кванил нигӏматалги рукӏа-рахъиналъул алаталги, гьединлъидал халкъалъулги гьездехун бижана рокьукъаб асар.

Гьайгьай, идеологияб кьучӏалда, багӏарармиялъулазул гьединаб хасият букӏин дол соназда кибниги загьир гьабулароан, амма архивазул хӏужабаздаса баянлъулеб буго большевиказул хӏукуматалъе гӏоло къеркьолезул лъикӏаб гьечӏеб хасият букӏинги. Масала, Дагъистан областалъул бюроялъул вакилас 1920 соналъул сентябралда Кавказалъул бюроялде битӏараб докладалда бицунеб буго «лъабго шагьаралда гӏуцӏарал хасаб мухъалъул къокъабаздаги хъинтӏараб гӏаммаб гӏадлу гьечӏолъиялъулги букӏине кколеб низамалъул бицун гьезие дарсал кьунгутӏиялъулги» хӏакъалъулъ.

1920 соналъул 16 сентябралда Дагъистаналда вукӏарав рагъулаб комиссиялъул председателас Хӏ армиялъул штабалъул начальникасухъе хъвараб № 64 рапорталдаса баянлъулеб буго, «Дагъистаналъул цолъизабураб бригадаялъул халгьабураб мехалда, загьирлъана гьелъул рагъухъаби лъутиялъул гӏемерал хӏужаби: тӏоцебесеб кьвагьдохъабазул полкалдаса лъутун вуго 144 чи (14 процент) ва кӏиабилелдаса — 336 чи (60 процент)».

Гьединал мисалал гӏемер руго, ва Муни росулъ рукӏарал «мисалиял» багӏарармиялъулалги ккола гьединаздаса цоял.

«Гьелдаса хадуб 250 штыкги лъабго пулеметги бугеб къокъа лъугьана Гъоркьколо росулъе, гьеб кӏиго гӏарада бахъиялъул мурадалда. Гьеб къокъаялъ, тушманги виххизавун, босана Гъоркьколо росу ва байбихьана, гӏарадаби ратиялъул мурадалда гьеб хъирщизе. Къокъаялъ букӏине кколеб куцалда хъаравулзаби тун рукӏинчӏо, гьединлъидал, лъазего лъачӏого, тушман ккана гьезда нахъехун (тылалда) ва, Муни росдал гӏадамазул кумекалдалъун, Болъихъе тӏадруссине нух къана гьелъие. Къокъаялъухъа бажаричӏо гьениса рорчӏизе ва тӏубанго щущахъ биххизабуна гьеб. Болъихъа кумекалъе битӏараб ротаги тӏадбуссана, икъбал ккечӏого».

Къокъа хвеялъ квешаб асар гьабуна Болъихъ хутӏараб полкалъул бутӏаялъе. Гьелъул чаракъосиналдаса пайдаги босун, муридзаби гьужумалъе рахъана ва къаси сверун ккуна хъала.

Хадубккун чӏаго хутӏарал багӏарармиялъулаз бицунеб букӏана, муридзаби рукӏанила гӏезегӏанго гӏадлу-низам цӏунараб ва пулеметалгун гӏарадаби кодосеб регулярияб аскаралда релълъун. Кӏанцӏизе бакӏ гьечӏеблъи бичӏчӏарал хъаладухъ рукӏарал солдатаз хӏаракат гьабулеб букӏана жалго хвасарлъизе. Полкалъул командирзабазухъа бажарана бакӏалъул гӏадамазул цо чангояв муридзабазул штабалде ритӏизе ва гьезда лъазабуна, гарнизоналъ дандечӏей гьабизе гьечӏин ва, казеннияб къайиги жибго тун, жалго хӏадур ругин, кодоб ярагъгун, Дагъистан тун нахъе инеян. Магӏарулазул нухмалъиялда вукӏарав полковник Мухӏамад Жахӏпаровас гьеб гьари къабул гьабичӏо. Гьес абуна, багӏарармиялъулаз ярагъ тезе ккелин ва хъаравулзабаз сверунги ккун, гьел чӏаго-гӏатӏго ритӏизе ругин рагъ бугеб бакӏалдаса нахъе. Гьезул гӏумруялъе кинабгӏаги хӏинкъиги букӏине гьечӏин. Гьединаб жавабгун делегатал тӏадруссана хъаладухъе.

Къаси хъаладухъ букӏана командиразул данделъи. Бицана бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъ. Хадусеб къоялъ радал полкалъул командирасул кумекчи Ленорскийги цоги командирги ана магӏарулазухъе ва М. Жапаровасда абуна, жал рази ругин хъала кьезе ва, полковник Жамалудин Шамилевасул нухмалъиялда гъоркь вукӏарав 10 магӏарулавгун цадахъ тӏадруссана хъаладухъе. Гьел вакилзабазул гӏахьаллъигун полк бакӏарана ва гьелъул аскариязда лъазабуна, ярагъ кьуни, чӏаго Россиялде тӏадруссине рес кьелин абун. Рукӏана гьелда дандечӏарал цо-цоялги, амма полкалъул командир Фурманица гьабураб кӏалъаялдаса хадуб гьеб хӏукмуялда тӏадрекъана киналго. Гьеб заманалде хъаладухъе рачӏана полковник М. Жапаровги, шайх Сиражудин-Хӏажиги, Дарбиш Мухӏаммад Хӏажиги ва магӏарулазул аслияб къуватги. «Багӏарармиялъулал ракӏарана цо рокъор ва тушманасул вакилзабаз гьел цӏунулел рукӏана жанире кӏанцӏун рачӏунел тушбабазул цогидал солдатаздаса, амма хадубккун хъала цӏезабуна тушманасул къуваталъ. Гьезда цадахъ рачӏарал повстанцал минаялда жанире рорчӏана ва, хъаравулзабиги нахъегӏан къазарун, багӏарармиялъулаздаса ретӏел цӏацӏазе, гьезде кьвагьдезе, гьел чӏвазе байбихьана. Багӏарармиялъулазул цо-цоязухъа бажарана, битӏахъего толохӏочон, гьеб кьалдаса лъутун рорчӏизе».

Хъаладухъ рукӏараздехун букӏана цӏакъ кӏудияб рокьукълъиги ццинги, гьединлъидал цо-цо магӏарулазул ахӏуца гьалаглъизарурал гӏадамал чӏезарун бажарулеб къуватго букӏинчӏо. Доб заманалъул чиясул баяназда рекъон, «хъачагъазул аслияб бутӏаялъ багӏарармиялъулал хъамал гьарулел ва чӏвалел рукӏана, жидер нухмалъулезул ахӏул санги гьабичӏого».

Болъихъ вукӏана 600-700-гӏанасев багӏарармиялъулав, гьезухъ букӏана ичӏго пулеметги, щивав рагъухъанасухъ кодоб – 50-60 патронги, полкалъул нахърателалда – 11000 гуллаги пулеметалъул патирабазул 50 чалуги. Гьеб кинабго щвана повстанцазул къокъабазухъе.

Балъхъадерил хъаладухъ ккарал пашманал лъугьа-бахъиназул хӏисаб гьабулаго, абизе ккола, гьезул хӏакъалъулъ советиял гӏалимзабаз бицунеб букӏана, гьеб иш «понцӏозабун», ай кӏодо гьабун. Масала, Мухӏамад Кӏичевас гьадин хъвалеб буго «бахӏарчияб» полк хвеялъул хӏакъалъулъ: «1920 соналъул 16 ноябралда Революциялъулаб гӏадлуялъул рахъалъ мисалияб кьвагьдохъабазул полкалъ, рагъго гьабичӏого, босана Болъихъ росу. 18 ноябралда Революциялъулаб полкалъул бахӏарчияб гьужумалъул хӏасилалда босана Муни росу ва, нахъекъалев тушманасда хадубги лъугьун, эркен гьабуна Гъоркьколо росу. Амма Муни-Гъоркьколо ракӏарарал хъачагъазул кӏудияб аскаралъухъа сверун ккун бажарана Революцияб полк. Гьеб, къуват бащалъулареб рагъулъ къокъаялъул цо бутӏа гъурана, ва чӏаго хутӏарал рагъухъабаз нух бахъана Болъихъехун. Кьалул майданалда бахӏарчияб хвел босана полкалъул комиссар Аузеница», — ян.

Архивалъул гӏемерал тӏанчал гелун ратила гьеб макъалаялъул авторас, темаялда тӏад хӏалтӏулаго, амма лъугьа-бахъиналъул хӏужаби гьес кьолел руго, доб заманалда киса-кибго тӏибитӏун букӏараб идеологиялъул мурадалги цӏунун.

Кавказалъул Захӏматалъул армиялъул политотделалъул отчеталдасаги аскаралъул Дагъистаналъул группаялъул командующий А. Тодорскиясул ракӏалдещвеяздасаги лъала Муни росу босарал багӏарармиялъулазул хъамалчилъиялъги нахъегӏанаб гӏамалалъги бакӏалъул халкъалъулъ жидедехун рокьукълъи бижизабураблъи. Цересел «цӏех-рехазулъ» гӏадатлъун лъугьун букӏана комиссаразулги багӏарармиялъулазулги «бахӏарчияб хвел» бихьизаби. Гьезде дандечӏарал ва цӏияб хӏукумат къабул гьабичӏел рихьизарулел руго «гӏалхулал жанаваразда релълъарал хъачагъаллъун». Гьединал «мухӏканал» баянал кьолел цӏех-рехчагӏаз тарихиял хӏужаби баян гьарулаан жидеего рекъонкколеб хӏалалда ва хӏаракатги гьабулаан гӏелмуялда церехъабилъун рихьизаризе.

Хунзахъа хъаладул комендантлъун вукӏарав Григорий Руденскиясул пикруялда, «полкалъул нухмалъулезул гъалатӏлъун букӏана, Болъихъ росу ккун хадуб, жалго рещтӏараб бакӏ щула гьабиялде кӏваркьунгутӏи, Муни, Гъоркьколо ва цогидал росабалъе разведкаги битӏун, жидерго къуват лъедерлъизаби»-ян. Гьединлъидал, ай чӏванкъотӏарал ва щвалде щварал тадбирал гьарунгутӏиялъул, полкалда низам гьечӏолъиялъул, бакӏалъул халкъалъул рукӏа-рахъин лъангутӏиялъул хӏасиллъун ккола тӏолабго полк гъури. Гьеб лъугьа-бахъиналъ лъикӏаб гьечӏеб хӏал лъугьинабуна Багӏараб Армиялъул бутӏабаз Дагъистаналда тӏоритӏулел рукӏарал гӏаммал операциязул хӏасилалъеги. Гъунибги Хунзахъги цӏидасан ккана Нажмудинил аскаралъул кверщаликье.