Лъикӏал тӏабигӏатазул ахикь
Муридзабазул ракӏазулъ нурлъунги рещтӏарав, чирахълъунги гвангъарав
«Дица нуж киналго ахӏула тавбуялде, вацлъи цӏуниялде, цоцазде адабалдалъун ралагьизе, цоцазда тӏасалъугьине. Гьеб кинабго гьабизе нилъее квалквал гьабула напсалъ. Амма нилъер бахӏарчилъиги, къуватги, иманалъул къвакӏиги гӏезе ккола гьеб къезабизе. Рачӏа, цадахъ рекъон хӏалтӏизе, гӏумру гьабизе, цо хъизамалъул чагӏи гӏадин рукӏине. Нилъеца нилъерго мисалалдалъун бихьизабизе ккола исламалъул берцинлъи».
Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-апанди
Сардил гӏуж. Киса-кибего сихӏкъотӏи. Зодихъан гордухъе баккун бугеб шагьримоцӏалъ реэдулел руго дир пикраби. Моцӏрое хӏалае лъугьун, хьолбохъ кенчӏолел цӏвабзазги кумек гьабун, битӏахъего лъедолей йиго дун хӏикматаб тӏохьол гӏишкъул карачелабазулъ.
Лъикӏал тӏабигӏатазул ах — гьадинаб хӏикматаб цӏар кьураб тӏехь хъвана Дагъистаналъул муфтияс. Тӏатӏала юссун, чанго нухалда цӏаланиги, цӏидасанги ракӏ гьеб ахикье цӏала. Лъималазеги, гӏолилазеги, гьоркьохъеб ригьалъул гӏадамазеги, гӏумруялъул бакъ щинкӏун унезеги — киназего гьеб тӏехь ккола рекӏеда кьаву чӏвазе толареб рухӏияб ирслъун. Тӏоцебе гьеб цӏалидал, дир рекӏелъ рещтӏараб асаралъул хӏакъалъулъ бицине рагӏабицин гӏолел гьечӏо. Гӏумруялдехун букӏараб бербалагьиги хисана, пикрабазул чвахиги хисана. Хӏалбихьана дирго цо-цо гӏамалал хисизаризеги. Битӏарабги буго — лъикӏлъи бекьани, гьелъ кьолеб бачӏинги цӏакъго бечедаб букӏуна. Гьелъул хӏасилалда гьулчун рачӏуна лъикӏлъиялъул карачелал. Гьез нилъер ракӏазулъаги ракьалдасаги — киса-кибего хъамула квешлъи. Ва лъикӏал тӏабигӏатазул ахикь бижараб пихъил букӏуна гӏажаибго берцинаб тӏагӏам. Санал аниги, инсанасул гӏумру лъугӏаниги, ракьалда хутӏула лъикӏал гӏамалаздаса гьес гӏезабураб ах. Гьенир хӏухьбахъизе рещтӏараз ракӏалдещвезавизе вуго щибаб лахӏзаталъ гьеб ахил бетӏергьан.
Ракьалда лъикӏлъиялъул лъалкӏал тей — гьеле щивасул парзги суннатги. Дуцаго гьабураб лъикӏлъиялъ цогидал талихӏаллъун гьарулел ругони, гьелдаса кӏудияб рохел щибха букӏинеб!? Гьеб рохел букӏине буго дур гӏумруялъул сангарлъунги. Гьеб рохелалъ роцӏинабураб гӏумруги дуегоги лъугьине буго лъикӏал тӏабигӏатазул ахлъун.
Гьеле гьединаб, цо-цоккун чӏарал гъутӏбузул лъугьараб гӏажаибго хӏикматаб ахикь гӏумру гьабулеб буго рикӏкӏен гӏемерал муридзабаз рухӏияв эменлъун рикӏкӏунев Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандица.
Исана августалда 25 сон тӏубана гьев муфтилъун таралдаса. Къоло щуябго соналъ гӏезабулеб буго гьес жиндирго лъикӏлъабазул ах. Къойидаса къойиде, соналдаса соналде тӏегьалеб буго гьеб. Ва гьениб гьоболлъи балеб буго дицаги.
Гьаб гьитӏинабго макъалаялда бицун бахъинаро Ахӏмад-апандиясул лъикӏлъабазулги тӏадегӏанлъиялъулги хӏакъалъулъ. Ракӏалдещвезаризе рокьун руго гӏадамазе пайда кӏудиял цо-цо ишал.
Социалиял проектал
1) «Инсан» — гурхӏел-рахӏмуялъул фонд.
Фондалъ хӏалтӏи байбихьана Махӏачхъалаялъул аслияб мажгиталда. Гьелъул хӏакъалъулъ дица цебеги хъван букӏана газеталда. Гӏумруялдехун билараб божилъи гӏадамазухъе тӏадбуссинаби — гьеле фондалъул аслияб хӏалтӏи: гурхӏел-рахӏмуялъул акциял, мискинзабазе кьолеб садакъа, бесдаллъималазул къисматалъе гьимараб бакъ, бакъулаб хинлъигун чиякъазухъе, чадикъазухъе, унтаразухъе рещтӏараб нур. Фондалъ кумек гьабула цохӏо дагъистаниязе гуребги. Масала, гъоркьиса 11,5 млн. гъуршиде росарал кванил нигӏматаздалъун кумек гьабуна Сириялъе.
2) 2003 соналда Махӏачхъалаялда кьучӏдасанго бухӏана сакъатал лъималазул школа. Гьелъул хӏасилалда хвана 31 лъимер. Гӏемер заман ана школа букӏараб бакӏалда хутӏараб чӏобогояб ракьул дагӏба-рагӏиялда. Гьеб суал роцӏинабуна муфтиясул квербакъиялдалъун. Гьесул жигаралдалъун гьениб бана лъимал ракӏалдещвеялъул парк.
3) Балеб буго унго-унголъунги халкъияблъун лъугьараб Гӏиса аварагасул цӏаралда бугеб рухӏияб центр. Гьелъулги мурад — гӏемермиллатазулаб Дагъистаналъул рухӏиял, культуриял ва цогидалги миллиял бечелъабазул цолъи. Центр лъугьине буго дагъистаниязул рухӏияб гъанситолъун.
4) «Маидат» рестораналда рагьун буго сордо-къоялъул бокьараб заманалда ресукъал кваназе рес бугеб столовая. Гьелъие къваригӏунаро я талон яги гӏарза.
Лъайкьеялъул проектал
1) Муфтиясул квербакъиялдалъун республикаялъул тахшагьаралда рагьана А. Юсуповасул цӏаралда бугеб школа ва «Алжаналъул хӏанчӏи» абураб ясли-ах.
2) 2006 соналда рагьараб гуманитарияб колледжалда лъай босула нус-нус гӏолилаз.
3) 2004 соналда рагьараб гуманитарияб институталда кьола дунявиябги диниябги лъай.
Кӏудияб кӏвар кьолеб буго Ахӏмад-апандияс теологал, лингвистал, экономистал, журналистал хӏадур гьариялде.
Сахлъицӏуниялъул проектал
1) Ахӏмад-апандиясул жигаралдалъун 2011 соналда Махӏачхъалаялда рагьана С. Башларовасул цӏаралда бугеб медицинаялъул колледж.
2) Исана Махӏачхъалаялда рагьана 120 унтарасе бакӏ бугеб шагьаралъул №3 больница. Гьелъиеги квербакъана Ахӏмад-апандияс. Гьенир хӏалтӏулел руго лъикӏазда лъикӏал тохтурзаби. Медицинаялъул алаталги руго бищунго лъикӏазул цоял. Гьенибго буго поликлиникаги.
Ва цогидалги ишал…
1) 2001 соналда хӏалтӏизе лъугьана исламалъулаб дунялалъул бицунеб инфомациялъулаб «Ислам. Ру.» портал.
2) 2002 соналда къватӏибе бачӏана «Ислам» журнал.
3) 1994 соналда къватӏибе бачӏараб «Ас-салам» газеталъул тираж бахана 160 азаргоялде. Гьеб биччала Россиялъул халкъазул ичӏго батӏияб мацӏалда. Редакциялъул советалде гьоркьове уна Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-апандиги.
Бокьун гьечӏо гьаб хӏикматаб ахикьа нахъе ине.
Гьаниб бижараб щибаб гъотӏол буго жиндирго къиса. Гьел къисабаз къалъизабулеб буго гӏадамазул гӏумру…
Рухӏдаллъизе бачӏуна гьесул гӏумруялда, нус-нус муридас жидерго рухӏияв эменлъун рикӏкӏунев инсанасда. Унго-унголъунгиха гьес бахъулеб хӏаракат батӏиял диназул гӏадамазул ишалги ракӏалги цолъизаризе. Киса-кивего- маслихӏатазда, насихӏатазда, гара-чӏвариязда…
Ракьалде витӏулелъул, Тӏадегӏанас гьесда тӏадкъан букӏун бугеб цӏакъго кӏудияб жавабчилъиялъул иш. Гьелъие ритӏухъавлъун хутӏарав, Дагъистаналъул рухӏияб гъанситохъ гвангъун рекӏараб цӏалъун наслабазе хутӏизе вугев гӏажаибго хӏайранаб къисматалъул инсан, Дагъистаналъул муфти, шайих Ахӏмад-апандиясе гьаризе бокьун буго гӏадамазе пайдагун тӏамулеб бугеб гӏумруялъулъ гӏицӏго тӏогьолаб шагьра…
Шамай Хъазанбиева