Хъахӏал къункърабазул 32-абилеб роржен
Дида бихьула цӏа дир инсул гъасда
Хӏамзатил Расул. Гьадин гӏадатго хъван буго шагӏирасул зонода. Гьал къоязги къваридго ватила гьев. Гьесухъе, Таргъуялде, 14-абилеб нухалдаги роржун рачӏунел руго хъахӏал къункъраби, жидерго даимаб кечӏги цадахъ босун. Цинги шагӏиргун цадахъ гьез сапар бухьуна Хунзахъеги, Гъунибеги, Дербенталдеги… — киса-кибего.
Щайдай къварид вугев къарнудал шагӏир? Гьесул къункърабазул къваридаб сариналъул сан гьабулеб гьечӏо жакъасеб къоялъ. Живго шагӏирасул гьаракьги рагӏулеб гьечӏо тӏадчагӏазда — гӏагараб мацӏалда гӏарада речӏчӏулеб буго…
Рачӏа шагӏиргун ва гьесул Хъахӏал къункърабигун цадахъ сапар бухьине.
Махӏачхъала
Гӏурус театралда данделъун рукӏана кӏудияв шагӏирасул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ бицине. Тадбиралда гӏахьаллъана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри Шихсагӏидов, хӏукуматалъул председатель Артем Здунов, Россиялъул регионаздаса хъвадарухъаби ва шагӏирзаби, журналистал ва шагӏирасул шигӏраби рокьулел дагъистаниял. Бицана Расулилги гьесул шигӏрабазулги хӏакъалъулъ. Бицана шагӏирзабаз кӏудияб рокьигун ва адабгун адабияталъул бакъул бищунго гвангъарал чӏоразул цоявлъун кколев Хӏамзатил Расулил хӏакъалъулъ.
Ахӏана гьесул рагӏабазда кочӏохъабаз кучӏдулги. Гьеб рохалилаб ахӏвал-хӏалалда бугеб халкъалда рагӏулеб букӏун батилищха «Щай дие къваригӏун бугеб Дагъистан, дир гьаракь бахъани дир лъималахъа…», — йилан ахӏдолев шагӏирасул гьаракь. Тадбир лъугӏизегӏан магӏу бацӏцӏунелги чанги рукӏана. Рекӏел унти цо букӏана — Расулица асарал хъвараб мацӏалъе жакъа къор гъолеб буго нилъецаго нилъерго Дагъистаналда. Гьелъул хӏакъалъулъ букӏун батила 32-абилеб нухалда Дагъистаналде роржун рачӏарал Хъахӏал къункърабазул кечӏги, ахӏиги, бухӏиги…
Хунзахъ
9 сентябрь. Гӏагараб ракьалъ кӏодо гьабулеб буго тӏалъиялъул цӏар мугӏрузул тӏогьазда хъварав Хӏамзатил Расул гьавуралдса 95 сон тӏубай. Магӏарул адабияталъул тахшагьарлъун рикӏкӏунеб Хунзахъ районалде рачӏун рукӏана Дагъистаналъул тӏоцевесев президент Мухӏу Гӏалиев, Россиялъул регионаздаса, Белоруссиялдаса, Узбекистаналдаса шагӏирзаби ва хъвадарухъаби, цогидалги гьалбал. Гьел рачӏун рукӏана шагӏирасул инсул гъасда даим бакараб цӏадул хинлъиялъухъе, гьесул лъимерлъидал кӏалгӏадухъе, тӏоцебе кечӏ къватӏибе боржараб хӏикматаб минаялъухъе, гьитӏинав Расул чанги харарав кьурабазухъе. Гьеб киналъго, кверги ккун, нухарегӏун вукӏана вукӏинесев шагӏир кӏудияб дунялалде.
Гьесул шигӏрабазул ракӏлъун даим хутӏизе бугеб Цӏада росулъ рагьана Поэзиялъул рукъ. Гьалбал щвана шагӏирзабазул рукълъун лъугьараб Хӏамзатилги Расулилги музеялде, гьитӏинаб росу машгьур гьабурал инсуеги васазеги рарал памятниказухъе ( Хӏамзат, Расул, Хӏажияв). Ва «Хъахӏал къункъраби» мемориалияб комплексалда цебе байбихьана байрам.
Гьенибго, тадбиралъул ахиралда, «Хунзахъ районалъул хӏурматияв гражданин» абураб цӏарги муниципалитеталъул медалалги кьуна Дагъистаналъул халкъиял шагӏирзаби Залму Батировалъе ва Мухӏамад Ахӏмадовасе.
Дербент
Гьениреги гьоболлъухъ щвана Дагъистаналъулги Россиялъул регионаздаса рачӏаралги хъвадарухъаби. Гьалбал щвана шагӏирасул цӏар кьураб шагьаралъул №20 школалдеги.
Гьалбадерица тӏугьдул лъуна Сулейман Стальскиясул ва Низами Гянджевил памятниказда цере. Щвана гьел Нарин-хъалаялдеги.
Хӏамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тӏубаялде гӏемер батӏи-батӏиял тадбирал тӏоритӏана республикаялъул щибаб шагьаралда, районалда ва росулъ. Гьедин цоги нухалда цолъизаруна гьитӏинаб росдал кӏудияв шагӏирас Россиялъул халкъал. Гьединаб буго шагӏирасул поэзиялъул магӏнаги — гьудуллъи, вацлъи, цолъи.
Цӏидасанги данделъун рукӏана Поэзиялъул театралда. Гьениб тӏобитӏулеб букӏана Россиялъул позиялъе сайгъат гьабураб адабияталъул байрам.
Гьединго шагӏирасул шигӏрабаз данде гьарун рукӏана библиотекабаздаги, школаздаги, культураялъул рукъзабахъги. Ва киса-кибего рагӏулеб букӏуна «Дир Дагъистанилан» ахӏулеб шагӏирасул рекӏел гъварилъудасан бачӏунеб ахӏи.
Гъуниб
Хъахӏал къункърабазул кечӏ тӏоцебе гьанисан, борхатаб Гъунисан, рагӏана дунялалда. Гьале гьаб нухалдаги гьелъухъ гӏенеккизеги, шагӏирасул шигӏрабазул байрамалде рачӏаразе бицинеги, цӏуне дунял абураб шагӏирасул ахӏи цоги нухалда ракӏалдещвезабизеги гьенире щвана Москваялдаса, Санкт-Петербургалдаса, Италиялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Крымалдаса ва Россиялъул цогидалги регионаздаса гьалбал. Тадбиралде рачӏаразда адабияталъул байрам баркана Гъуниб районалъул бетӏерасул ишал тӏуралев Жахӏбар Къебедовас, культурияб централъул нухмалъулей Патӏимат Абакаровалъ ва цогидазги. Гьалбадерицаги бицана кӏудияв шагӏирасул асаразул хӏакъалъулъ. Гьединго байрамалде рачӏарал щвана шагӏирасул юбилеялъе сайгъат гьабураб выставкаялдеги.
Районалъул культураялъул кӏалгӏаялъуб гьалбадерие кьуна Расулил рагӏабазда ахӏулел кучӏдузул концерт. Гьезие кӏудияб асар гьабуна мугӏрузул улкаялъул кьурдабазги. Гьединго гьалбал щвана Тӏасияб Гъуниреги. Лъай-хъвай гьабуна магӏарул халкъалъул тарихалъул бицунел бакӏазулгун.
Шамай Хъазанбиева