Кидаго гуро почалъул хӏалтӏухъанасдаги гӏайиб букӏунеб

Газета кватӏизабуни, цӏалдолезул къадар дагьлъула

«Хӏакъикъат» газета цӏалулезул гӏарзал рукӏуна гьеб жиндир заманалда щоларин абун. Хасго гьединал гӏарзал гӏемер рачӏуна мугӏрузул районазул росабалъа. Амма камулел гьечӏо почтальонасде тӏубанго гӏайиб рехизе рекъечӏел гӏарзалги. Гьелъие нугӏлъи гьабулеб цо мисалги бачина. Шамил районалъул Мачӏада росулъа Хӏажиев Мухӏамадицаги тарихалъул учитель Шехмухӏамадов Хӏажицаги гӏарз гьабуна «Хӏакъикъат» щвечӏелдаса лъабго моцӏ бугилан. Гьелъие гӏилла лъазабиялъул мурадалда байбихьана цӏех-рех гьабизе. Масала, Гӏурада росулъ бугеб почалъул отделениялъул начальник Расул Нурмухӏамадовас абуна: «Гьидерил росабазул бищунго гӏемерал газетал хъвараб росу букӏана Мачӏада. Гьенив хӏалтӏулев почтальон Махӏмуд вуго хӏалтӏиги бокьулев, бокьараб тӏадкъайги заманалда тӏубазабулев чи. Амма, бащдаб ставкаялда хӏалтӏизе кколев вукӏиналъ, гьесие ункъазарго гъуруш гурони харж щоларо. Махӏмудица хӏалтӏудаса нахъе ине цебего гӏарза кьун буго, мукъсанаб харжалда гьесул бакӏалда хӏалтӏизе чи щоларого, гьев нижеца гьарун заманалъ чӏезавунги вуго. «Хӏакъикъат» щвечӏелдаса лъабго моцӏ бугилан абулеб жоялда дун божуларо. Дица гьелъул мухӏканлъи лъазабила ва, хадубккун дунго унги, газетал хъваразухъе жиндир заманалда поч щвезабичӏого теларо», — ян.

Мачӏада росдал почтальон Махӏмудица бицана подпискаялъул компаниялда почалъул начальникас щивав росдал почтальонасе кьолила газетал хъваялъул план. Гьеб план жиндихъе кватӏун гурони щвечӏила, бихьизабураб заман ахиралде щолеб букӏиналъ, план тӏубаялъул мурадалда, кидаго «Хӏакъикъат» хъвалев росдал 13 чиясеги районалъул «Цолъи» газета хъвалев анцӏго чиясеги, жинцаго гӏарацги кьун, гьаб соналъул бащдаб лъагӏалие газеталги хъванила.

«Гьезухъе газетал кватӏизе, камизе течӏого щвезарулаан. Газетал хъвараб бащдаб лъагӏел индал, нахъеги чӏорого гьел хъвазе дир рес букӏинчӏо, «Хӏакъикъаталъул» гьудулзабазги жидецаго газета хъвазе гӏамал гьабичӏо. Хъвачӏеб «Хӏакъикъат» гьезухъеги кинха щвелеб?» — ан бицана Махӏмудица.

Хӏакъикъат баян гьабидал, учитель Шехмухӏамадов Хӏажица абуна, гьеб бугила жидерги почтальон Махӏмудилги кӏиязулго гӏайиб. Чан моцӏалъ газета хъван бугебали жидецаги балагьичӏила, гьаб соналъул кӏиабилеб бащалъиялъе «Хӏакъикъат» хъвазе кколин абун Махӏмудги школалде вачӏинчӏила.

«Хӏакъикъат» хъваялъул рахъалъ лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ бициндал, Мачӏада росдал бегавул Хирамухӏамад Гъазимухӏамадовасги абуна гьеб масъала къалмиде босанин, газета хъваялъе бажарараб кумек гьабизе рагӏи кьолин.

Республикаялъул УФПСалъул директорасул заместитель Искандер Мухӏамадовас бицана районазде поч щвезабиялъул масъала цебего тӏубазабунин. Квеш ккараб жо бугила районазул отделенияздаса поч росабалъе кватӏун босулеб букӏин.

Хӏурматиял почазул отделениязул нухмалъулел, «Хӏакъикъаталъул» кумекчагӏи-почтальонал. Гьале тӏаде щун буго газетал хъваялъе бихьизабураб заман. «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар цӏикӏкӏин, гьайгьай, нужедаги бараб буго. Кватӏизе ва камизе биччачӏого, цӏалдолезухъе щвезабулеб бугони, «Хӏакъикъат» хъвалезул къадар цӏикӏкӏина, гӏарзалги дагьлъила. Гьединлъидал кӏудияб гьари буго «Хӏакъикъат» хъваялъе квербакъи гьабеян ва, кватӏун гурони щоларин абун, цӏалдолезул ругел гӏарзалги лъугӏизареян.

Нури Нуриев