Сириялда ккараб къварилъи
Гӏизраилалъ ургъунго гьабураб ишцин гуребдай?
17 сентябралъул сардилъ, сагӏат 10 тӏубалеб гӏужалда Сириялда хъулухъ гьабулел Россиялъул аскариязул «Ил-20» самолет радараздаса тӏагӏана ва гьелъулгун бухьенги къотӏана. Гьеб заманалда самолет тӏадбуссунеб букӏана Хмеймималъул авиабазаялде.
Гьабсагӏаталда самолеталда рукӏарал гӏадамалги самолетги балагьулел руго РФялъул Рагъулаб ралъдал флоталъул микьго гамаялъул экипажазулги спасателазулги кумекалдалъун. Гьезухъ руго 2,5 азарго километралъул гъварилъуде ине рес кьолел аппаратал. Ратун руго цо-цо жаназабазул бутӏабиги, самолеталда рукӏаразул къайиги, самолеталъул кескалги.
РФялъул МИДалде ахӏун йикӏана Москваялда вугев Гӏизраилалъул посоласул заместитель. Бащдаб сагӏат бана гьелъ гьениб. Къватӏие ячӏараб мехалда, журналистазул суалазе жавабал кьезе инкарги гьабуна гьелъ.
Битӏахъе къварилъи ккараб заманалда Гӏизраилалъул самолетаз бомбаби рехулел рукӏана Латакия шагьаралда ругел Сириялъул объектазде. Бомбаби рехулел рукӏана «F-16» самолетаз. «Гӏизраилалъул самолетаз ургъунго лъугьинабуна ралъдадасан лъедолел гумузеги гьаваялдасан роржунел лайнеразеги хӏинкъи бугеб хӏал», — ан бицана РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул вакил Игорь Конашенковас.
Гьесул пикруялда рекъон, Гӏизраилалъул авиациялъул нухмалъулездаги «F-16» самолеталъул летчиказдаги «ИЛ-20» бихьичӏого букӏине рес гьечӏо. РФялъул оборонаялъул министр Сергей Шойгу телефоналдасан кӏалъана Гӏизраилалъул оборонаялъул министр Авигдор Либерманихъе. «Жакъа дица гьесда лъазабуна, данде жаваб кьечӏого, гьединал ишал нижеца толарин абун. Щивав махщелчиясда бичӏчӏулеб буго, нилъер самолетги гьоркьоб ккун, ай гьелде Сириялъул ПВОялъ кьвагьизе гьечӏеблъиги хӏисабалде босун, гьабураб иш гьеб букӏин», — ан абуна Сергей Шойгуца министерствоялъул данделъиялда.
Россиялъул президент Владимир Путиницаги лъазабуна, Оборонаялъул министерствоялъул пикруялда тӏадрекъолин живилан.
«Нилъер-чияр»
Россиялъул самолет кьвагьизабуна Россиялдаго гьабураб ракетаялъ. Гьел ракетабазда лъун руго «нилъер-чияр» абураб къагӏидаялъул электрониял аппаратал. Гьелъул кумекалдалъун ракетаялда лъазе кколаан нилъерабго самолет бортизабизе бегьулареблъи. Щайха гьеб хӏалтӏичӏеб? Гьеб суалалъе жаваб кьолеб буго рагъулав эксперт, генерал-лейтенант Айтеч Бижевас. Гьесул пикруялда рекъон, «Ил-20» самолеталда аскӏор рукӏарал Гӏизраилалъул истребителаз рехсараб системаялъе жаваб кьолеб букӏана «чияр» абун. Гьелде тӏадеги, ракет-зениталъулаб комплекс гӏуцӏун буго къуватаб сигнал кколеб къагӏидаялда, гьединлъидалги рес буго нилъер самолеталъ ракета жиндаго тӏаде цӏазе.
Нилъер самолеталда нахъа Гӏизраилалъул «F-16» бахчун букӏанин абураб пикру загьир гьабулеб буго Россиялъул рагъулав летчикасги. «Ил-20» буго басрияб, «Ил-18» самолеталъул кьучӏалда гьабураб. Гьеб дагьабго цӏигьабун буго ва гьелда лъун буго радиоэлектронияб аппаратура, амма гьеб буго хӏинцаб, ракетазде дандечӏолел ишал гьаризе бакӏаб. Жинде ракета биччан бугеблъи бичӏчӏараб «F-16» гьелда нахъа бахчунги буго. Гьелде кьвагьана С-200 комплексалъул ракета: бихьизабураб гӏужалдаса кьуруларо гьеб. Букӏарабани кьвагьун С-400, Гӏизраилалъул истребитель гьелъукьа борчӏулароан», — ин баян кьуна летчикас.