Рацӏцӏалъиги къваригӏун, заводалги гьечӏого
Кагътидаго хутӏарал проектал
Завод бана, амма…
Республикаялда рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб заводалъул хӏакъалъулъ бицунеб микьгоялдаса цӏикӏкӏун сон буго, амма харбидаса рикӏкӏаде иш инчӏо.
2012 соналъул 17 июлалда Махӏачхъалаялда рагьун букӏана республикаялдаго «тӏоцебесеб» рищни-къул батӏа гьабулеб завод. Гьеб бан букӏана муниципалияб гӏуцӏиялъул хӏаракаталдалъун ва инвесторазул кумекалдалъун. Завод балаго кигӏанасеб гӏарац тӏад хвезабурабали лъачӏо. Гьениве хӏалтӏизе восизе вугин абулеб букӏана 150 чи. Гьединго хьул букӏана мехелалда жаниб рищни-къулалъул 600 тонна къачӏазе. Гьеб проект ургъараблъун бихьизабулеб букӏана Хӏажимурад Абакаров ва Имам Зайнутовазул инвестициязул компания. Компаниялъул цӏарги кибго бихьизабун гьечӏоан. Заводалъе нухмалъи гьабулев вукӏарав Хӏусейн Хӏусейновас гьеб къаялъе гӏиллалъун чӏезабуна жибго жинцаго «хӏебтӏулареблъун» букӏин. Къватӏиса гӏарац тӏад хвезабичӏого, заводалъул жиндирго гӏарац букӏинчӏо. Заводалде рищни-къул баччаралъухъги гьеб заводалда батӏа гьабун къачӏаралъухъги лъица гӏарац кьезе кколебали низам чӏезабун бажаричӏо. Гьединлъидал «рихьдаего» бан букӏараб заводги лъагӏел сверилалде сихӏкъотӏун къана. Гьединго гӏумруялде рахъинаричӏого, кагътидаго хутӏана Хасавюрт шагьаралда ва Гъизилюрт районалда разеян къотӏи-къаял гьарун рукӏарал заводалги.
Рощнолъ тӏерхьинегӏан
инвесторалги нахъчӏван…
Дагъистаналъул нухмалъиялъ батӏи-батӏиял соназ батӏи-батӏиял улкабаздаса инвесторазул проектазул халгьабуна. Амма жеги цогӏаги завод бан бахъинчӏо.
2013 соналда Бразилиялъул инвестораз абулеб букӏана жидеца базе бугин Дагъистаналда гьединаб завод. 2015 соналда рищни-къул батӏа гьабиялъул кластералъул проектгун Дагъистаналде вачӏун вукӏана «СоюзЭко» ОАО компаниялъул генералияв директор Анатолий Егоров. Амма гьел проекталги тӏад ургъизеян «гъансинир» лъун тана.
2016 соналдаги республикаялда рищни-къул батӏа гьабулеб лъабго завод рагьизе бугин лъазабун букӏана ДРялъул инвестициязул ва предпринимательствоялъул агентствоялъ. Рищни-къул батӏа гьабулеб комплексалда жаниб щугогӏаги завод гӏуцӏизе ракӏалда бугин абулеб букӏана гьеб проект ургъарав Concord Capital компаниялъул вакил Арсен Рашидовас. Гьесул рагӏабазда рекъон, республикаялдаго гӏодобе балеб рищни-къул, рак ва цогидабги батӏи-батӏияб кьищни цогидаб материалалде буссинабизе бажаризе букӏана гьединаб заводалда. Электричествоги заводалъ чияр босизе кколарин, жидецаго гьабизе бажарулин абулеб букӏана. Лъагӏалида жаниб 500-600 азарго тонна рищни-къулалъул къачӏазе ракӏалда букӏана проекталъул нухмалъулезда. Амма заманалдасан гьелъулги хӏохькъотӏана.
Гьебго соналъул риидал, «тӏоцебесеб» хӏалбихьиялъулаб рищни-къул батӏа гьабулеб завод хӏалтӏизе биччанин абун хабар къватӏибе биччан букӏана республикаялъул телевиденияздасанги цогидал информациялъул алатаздасанги. Банин бихьизабураб заводги, хӏалтӏизецин байбихьичӏого, къана.
2018 соналъул февралалда Австриялдаса ва Германиялдаса инвесторазул компанияз Гъизляр районалда базе бугин рищни-къулалъул заводилан лъазабун букӏана. Гьелъул кумекалдалъун республикаялъул нухмалъиялда ракӏалда букӏана республикаялъулго рищни-къул гьеб заводалде буссинабизе. Республикаялдаго рищни-къул базе лицензия бугеб полигон буго гӏицӏго Гъизляралда. 2007 соналдаса нахъе гьенибе Гъизляр шагьаралдаса ва районалдасаго рищни-къул баччулебги буго.
Щай инвесторазулгун рагӏи
дандекколареб?
Дагьал церегӏан къоязда, Дагъистан рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабиялъул хӏакъалъулъ бицине, тӏобитӏараб дандчӏваялда «Улкаго чороклъиялдаса бацӏцӏад гьаби» абураб тӏолгороссиялъулаб халкъияб фронталъул (ОНФ) нухмалъулев Зайдин Жамбулатовасги бицана рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб завод баялъул хӏакъалъулъ.
«Нилъер республикаялда рищни-къул батӏа гьабулеб завод базе къваригӏун бугин бицунелдаса нахъе 25 сон буго. Гьеб заманалда жаниб администрациялъул хӏалтӏухъабиги республикаялъул нухмалъулелги чанго нухалда хисана. Хӏажалъани, завод базе тӏадегӏанал технологиязда хӏалтӏулел гӏемерал специалисталги руго нилъер.
Европаялъул улкабазда, экологияб рахъги цӏунун, тӏолабго рищни-къул батӏа гьабун къачӏаялъул багьа кколеб буго 70 евро. Нилъер гьанибин абуни, рищни-къул бакӏари, гьеб полигоналде баччи анцӏ-анцӏ нухалъ учуз буго. Гӏадамал гьелде ругьунлъунги руго. Рищни-къулалдаса сверухълъи бацӏцӏад гьабиялде гӏадамал кантӏулел гьечӏо гьелъул махӏалъ ва чороклъиялъ жидеего тӏагӏам бахъи гьабун хадур гурого.
Махӏачхъала гӏадинаб шагьаралъе хъулухъ гьабизе ккани, къватӏиса пачалихъазда гӏадаб завод базе миллиард евро къваригӏуна. Нилъехъа гьединаб завод бан киданиги бажаруларо. Республикаялда разеян рихьизарулел заводазул багьа ккола 40 ва цӏикӏкӏун миллион евро. Рищни-къулалъул цогидаб батӏияб материал гьабизе ккани, къуватаб завод къваригӏуна. Гьединаб заводалъул багьа 100 миллион евроялде бахуна.
Къватӏисел пачалихъаз щай рищни-къулалъул заводал раялда тӏадчӏей гьабулеб бугеб?! Гьелдалъун гьез жидерго туризм цебетӏезабула. Чорокаб бакӏалда туризм букӏине рес гьечӏо. Нилъер ралъдал рагӏал буго шагьаралъулго цӏикӏкӏараб бутӏа чороклъиялъул жанибе чвахулеб бакӏ. Гьединаб бакӏалде хӏухьбахъи гьабизе туристал рачӏинищ?
Турциялде вачӏарав туристас гьезул улкаялда тола гьоркьохъеб хӏисабалда 516 евро. Нилъер гьанибин абуни, туристал рачӏаниги, гьез лъабго-ункъо нухалъ дагь хвезабула гӏарац. Гьелъие гӏилла ккола туристас гьанир дагьал къоял ралел рукӏин ва ралъдал рагӏалги лъимги чорокаб букӏин. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ тӏадчӏун халгьабулеб буго инвестораз рищни-къул батӏа гьабун къачӏалеб завод базеян рихьизарулел ругел проектазул. Ракӏалде ккола завод баялъул суал кватӏичӏого тӏубалин.
Гӏадатияб халкъги, нухмалъиялъухъги балагьун, гьелъ щибдай гьабилаян балагьун чӏун букӏун жо кколаро. Шагьаралда гӏумру гьабун ругел гӏадамазда бичӏчӏизе ккола, нилъеца завод базе ва гьеб хӏалтӏизе ккани, гьелъие хӏалтӏиги дагь ва бигьа гьабизе кколеблъи. Рищни-къул рокъосаго батӏа гьабизе ругьунлъани, заводалъеги хӏалтӏи бигьалъила. Нижер масъала буго, телевидениялдасан, СМИяздасан бицун, гьеб къагӏидаялде халкъ ругьун гьабизе» — ян абуна Жамбулатовас.
Мантӏикъ абула логикаялда. Гӏадамазда цеве вахъун, щиб букӏаниги бицунелъул мантӏикъ цӏунизе ккола. Балагьеха, рокъоса батӏи-батӏияб рощнол лъабго къвачӏаги босун, щолев вуго мун рощнол къалал ругелъуве, гьениве щвейгун гьеб дур «хӏаракат» инехъин буго цого къолонибе. Щиб гьелъул ккараб?
Гьанжеги телин ругин батӏи-батӏияб рищниялъе хасал къалалги. Бачӏун цо машинаялъ гьезда жаниб бугеб хас гьабун бараб рищниялъул добго карщ гьабизехъин буго.
Цин гӏадамал «куцалалде», гьелъие шартӏал гӏуцӏизе ккола. Рехизе бакӏги батичӏого, чан нухалъ сумкаялъуб къазабулеб конфеталдаса бахъараб кагъатцин. Бицине лъарасе хӏанин, хӏанчӏизе лъарасе нахин абула. Я бицунелъул, я гьабулелъул магӏна гьечӏого хутӏун руго нилъ.
Патӏимат Султӏанмухӏамадова