Моцӏида жаниб ЖКХялъухъ кигӏан гӏарац кьолеб къватӏисел улкабазда?
Гьеб суалалъе жавабал ралагьана «АиФалъул» журналистаз
Канада: газ – гьеб буго квегӏенлъи
«АиФ в Архангельске» абураб газеталъул редакторлъун хӏалтӏулей йикӏарай Евгения Давыдовалъул хъизамалъ гӏумру гьабулеб буго Канадаялъул Торонтоялда. Гьезул буго таунхаус – 180 квадратияб метр бугеб лъабтӏалаяб минаги машина лъолеб кӏиго бакӏги. Чан гъурушха кьолеб гьелъухъ Давыдовалъ?
«Канадаялда гьечӏо мина хинлъизабулеб яги бухӏараб лъедалъун хьезарулеб гӏаммаб къагӏида. Щибаб минаялда гьеб буго батӏа-батӏаго. Минабахъ гӏумру гьабулел гӏадамаз ЖКХялъухъ гӏарац кьола, счетчиказул баяналги кьочӏое росун. Нижер гъоркьарокъоб бугеб лъим хинлъизабулеб къалиги печьги хӏалтӏула газалда. Ахирал соназда токалъухъ багьаби зодоре рахинаруна ва токалъ рукъзал хинлъизарулел гӏадамазухъа гьелъухъ уна гӏураб гӏарац, масала, хасало кьезе ккола щибаб моцӏалъ 300-400 Канадаялъул доллар (14,4-19,2 азарго гъуруш). Исана роол моцӏазда нижеца кьезе ккана гӏицӏго газалъухъ 160 доллар (7,7 азарго гъуруш), цогидал моцӏазда гьеб къанагӏат гурони бахунаро 100 долларалдаса тӏаде (4,8 азарго гъуруш), ва риидал – 40 долларалде (1,9 азарго гъуруш).
Риидал цӏикӏкӏун гӏарац уна токалъухъ. Октябралдаса маялде щвезегӏан нижеца бухӏана 3,4 азарго гъуршиде ток, амма риидал, ай кондиционер хӏалтӏулеб заманалда, моцӏрое кьезе ккола 7,2 азарго гъуруш.
Счетчикалда рекъон, щибаб моцӏалъ лъехъ кьола 1,4 азарго гъуруш, нижер къолониса кьишни баччаралъухъ кьола 599 гъуруш (гьеб батӏа-батӏаго бакӏарани, мухьго босуларо). Хасало гӏазу нахъе хъваштӏаралъухъги риидал минаялда гӏагарлъухъа хер бецаралъухъги ва сверухълъиялда рацӏцӏалъи гьабуралъухъги щибаб хъизамалъ кьола щуазаргониги гъуруш.
Киналъулго хӏисаб гьабуни, гӏаммаб къагӏидаялъ ЖКХялъухъ нижеца щибаб моцӏалъ кьола 320-340 Канадаялъул доллар (15,5-16,3 азарго гъуруш). Бищун дагьаб моцӏрол харж щолев чиясе – Онтариоялда цо сагӏаталъ хӏалтӏун щола 14 доллар (670 гъуруш) – гьеб гӏарац гьабула лъабго къоялъги хӏалтӏун».
Германия: щай цӏарагӏ чурулареб?
Германиялъул Франкфурталда гӏумру гьабулеб буго «АиФалъул» йикӏарай хӏалтӏухъан Вероника Шмидтица. Гьелъул хъизамалда вуго лъабго чи, ва гьез гӏумру гьабула 93 квадратияб метр бугеб лъабго рукъалъул квартираялъуб. Мина буго ункътӏалаяб, гьениб буго 16 квартираги лифтги.
«Германиялда жалго бетӏергьанал рукъзал ругезулги ижараялъе рукъ ккуразулги къадар гӏага-шагарго бащалъула. Нижеца гӏумру гьабула ижараялъе босараб рокъоб. Гьелъухъ моцӏрое кьола 72 азарго гъуруш. Гьелде тӏадеги кьола 21 азарго гъуруш коммуналиял хъулухъазухъ: рукъалъул налогги, страховкаги, кьишни баччаралъухъги, подъездалдаги азбаралдаги рацӏцӏалъи гьабуралъухъги, рукъ хинлъизабуралъухъги, лъехъги, лифталъухъги, подъездалда бакараб чирахъалъухъги, ахихъанасеги. Германиялда бищун дагьаб моцӏрол харж буго 108 азарго гъуруш. Лъагӏалил ахиралда бачӏуна «талихӏалъул кагъат», гьелда бихьизабун букӏуна ЖКХялъухъ хӏакъикъаталда нижеца кьезе кколебги кьун бахъарабги гӏарац. Къанагӏат гурони букӏунаро нижеца цӏикӏкӏун гӏарац кьеялъул хӏужа (гьедин бугони, тӏокӏлъараб гӏарац тӏадбуссинабула), гӏемерисеб мехалда 21-22 азарго гъуруш налъи батула.
Гьеб бараб букӏуна цӏатариялъул багьаялдаги, гьава-бакъалъул хинлъи-цӏороялдаги, хъизамалъухъа экономия гьабун бажариялдаги. Цо-цо минабазде хинлъи кьола котельнаялдаса, цогидал минабазул щибаб квартираялда руго газалъул алатал. Щибаб батарейкаялда лъун буго термостатгун цадахъ вентиль – цӏакъго хинлъани яги пуланаб рокъоб хинлъизабизе хӏажалъичӏони, вентиль къазе бегьула.
Нижеца тӏасабищараб тарифалда рекъон, къаси сагӏат анкьгоялдаса радал анкьго тӏубазегӏан ва гьатӏанкъоязда тӏубараб сордо-къоялъ ток букӏуна учузго. Лъимги, токги, газги, хутӏараб кинабгоги хӏалтӏизабула хъизамалъе зарал ккеларедухъ. Масала, немцазул рокъоб дида бихьана кинабго цӏарагӏ кверал чурулеб бакӏалдеги бан, тӏаде цӏарагӏ чурулеб сапунги тӏун, хӏеккине толеб. Хадубккун гьеб лъелъа къватӏибеги бахъун хӏалтӏизабула. Хулизецинха хулуларо. Гьеб жо гӏадлъун бихьана дида», — ян бицана Вероникаца. Жидее щолеб моцӏрол харжалъул 40 процент рукъалъул ижараялъухъги ЖКХялъул хъулухъазухъги унин абуна гьелъ.
Бельгия: цӏорорал
батареязул пайда букӏуна
«АиФалъул» цоги хӏалтӏухъан Мария ван Валенгхейм ригьнаде ана Бельгиялде. Гьез гӏумру гьабула Брюгге шагьаралда ижараялъе босараб лъабтӏалаяб минаялъуб. 150 квадратияб метр бугеб рукъалъул ижараялъухъ гьез кьола моцӏрое 700 евро яги 50 азарго гъуруш. Гьелде тӏадеги коммуналиял хъулухъазухъ уна 18 азарго гъуруш. Бельгиялда гьоркьохъеб моцӏрол харж бахуна 145 азарго гъуршиде.
Коммуналиял хъулухъазухъ кьолеб гӏарцул хӏакъалъулъ гьадин бицана Марияца: «Бельгиялъулаз цӏодорго хӏалтӏизабула лъимги, хинлъиги, токги. Кранги рагьун, гъадаро чурулеб бихьани, гьезул цӏакъ рахӏатхола. Киналго рукъзал цадахъго киданиги хинлъизаруларо. Къаси къотӏизабула батарейкабазде бачӏунеб хинлъи: «гӏакъилаб рукъ» абураб къагӏидаялъ жинцаго гьел ракула рогьалилъ. Кьижулеб рукъ букӏуна цӏорораб, амма бельгиялъулаз гьеб сахлъиялъе пайдаяблъун рикӏкӏуна», — ян.
Испания: лъим къотӏизабула
бокьараб заманалда
Испаниялда бищун дагьаб харж буго 62 азарго гъуруш. Елена Аласил хъизамалъ босана Испаниялъул Кальп абураб шагьаралда микьтӏалаялъул минаялъуб 100 квадратияб метралъул рукъ. Аскӏобго буго лъималазул ахги, лъималазул майданги, гьитӏинабго бассейнги, теннисалъул кортги.
«Гьеб киналъухъго нижеца моцӏрое кьола 225 евро яги 16,2 азарго гъуруш. Гьелда гьоркьобе уна рукъалъул налогги, гаражги, страховкаги; бассейналда, подъездалда ва азбаралда рацӏцӏалъи гьабиги, ахихъанасул мухьги, коммуналиял хъулухъалги, Интернетги. Батарейкаби нижер гьечӏо, амма хӏалтӏула кондиционер. Лъим хинлъизабула газалъ. Коммуналиял хъулухъазухъ мухьги жидецаго бахъула банкалъул картаялдаса. Гьелда батичӏони гӏураб къадаралда гӏарац, хъвала налъи ва электронияб почалде кагъат битӏула. Цадахъго свинабула ток, газ яги лъим», — ан бицана Еленаца.
«АиФалдаса» босараб