Какги ахӏана, рузманги бана
Шамил-имам Калуга шагьаралдаса нахъе аралдаса исана тӏубала 150 сон
Имамас гьеб шагьаралда гӏумру гьабуна 9 соналъ (1859-1868). Дагьаб цебегӏанин абуни имамас гӏумру гьабун букӏараб рокъоб какги ахӏана, рузманалъул какги бана. Гьелъул хӏакъалъулъ гьадин бицана ДРялъул Жамгӏияб палатаялъул член Гӏалиасхӏаб Хархачаевас:
— Цо заман букӏана имамас Калугаялда гӏумру гьабулеб букӏараблъи бакӏалъулал гӏадамазда нилъедасаги цӏикӏкӏун лъалеб. 1985 соналда Калугаялде щвараб мехалда, жамгӏияб транспорталдаги рекӏун унаго, дица гӏадамазда цӏехолеб букӏана Шамил-имамас гӏумру гьабулеб букӏараб минаялде кин ине кколевилан. Цӏех-рех гьабуразул 10-ясда гьоркьоса 8-яс бицана мухӏканаб адрес. Гьелдалъун бихьулеб букӏана Калуга шагьаралъул гӏадамазда имамасул хӏакъалъулъ лъалеб букӏараблъи. Имамас гӏумру гьабулеб букӏараб минаялъуве лъугьиндал, дида дандчӏвай гьабурай цо гӏаданалъ абуна гьаниб Шамил-имамасул хӏурматалда гӏуцӏараб бокӏонги бугилан. Доб заманалда гьединаб бакӏ батилин лъидаха ракӏалде кколебго букӏараб. Битӏараб бицани, дун хӏикмалъун хутӏана гьединаб бакӏ батидал, гьениб хъвараб баян битӏараб букӏинчӏониги. Доб заманалда имам рикӏкӏунев вукӏаралъулха Англиялъул жасуслъун, турказ витӏарав чилъун. Кин батаниги, калугаялъулаз цӏунун батана имамас жаниб гӏумру гьабураб рукъ. 1997 соналда Махӏачхъалаялда къабул гьабураб документалда рекъон, Махӏачхъалаги Калугаги лъазаруна вацлъиялъулал шагьараллъун, ва дунги тана Калугаялда вугев Махӏачхъалаялъул вакиллъун. Доб мехалда Калугаялда гӏумру гьабун вукӏана шагьаралъул Жамгӏияб палатаялъул член Шагьбазов Султӏан. Гьесул кумекалдалъун бажарана Шамил-имамас чӏей гьабун букӏараб рокъоб музей рагьизеги.
2013 соналъул 28 апрелалда, имам Шамил-имамасул цӏаралда бугеб музей рагьулеб тадбиралда гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана муфтияталъул вакилзабиги. Баркала буго нилъер муфти, шайих Ахӏмад-апандие, гьесул кӏудияб кумек щвана гьеб рагьиялъе гьабулеб хӏалтӏуеги. Доб мехалда мавлидал цӏалана, дугӏа гьабуна музеялда цебе бугеб къотӏноб. Исанасеб тадбир тӏобитӏулелъулги гӏемераб хабар бицине ккана шагьаралъул нухмалъулезда, гьезда бичӏчӏизабуна тӏобитӏулеб бугеб мажлисалъул пайда. Хадуб диналъул вац Нурмухӏамадида тӏадкъана как базе 15 чи данде гьавейилан. Жеги цӏикӏкӏун чиясе бакӏ гьениб гӏезе букӏинчӏо. Цӏараб болжалалде гьел гьенире данделъана ва Дахадаев районалдаса Калугаялда гӏумру гьабун вугев Мурад Мухӏамадовас какги ахӏана, Нурмухӏамадица имамлъиги гьабун, рузманги бана. Гьебги ккана ахираб 150 соналда жаниб гьениб тӏоцебесеб нухалда ахӏараб ва бараб как.
Мухӏамадрасул Мухӏамадов