Хӏеж тӏубан тӏадруссана

Хӏажизабазе хъулухъ гьабуна «щуйил» къиматалда

Цебе нилъер гӏадамал жалго ине кколаан, кинаб бугониги туристазулаб фирмаги балагьун, гьелъул кумекалдалъун хӏежалде. Сапаралъ рахъиндал, кинаб бугониги къварилъиялде ккани, кумек щвечӏого хутӏиялъул хӏужабиги гӏемер рукӏана. Гьединго хӏужаби кколаан визабиги рачӏинчӏого, гӏарацги нахъе щвечӏого хутӏиялъулги.

Гьеб кинабго хӏисабалдеги босун, исана Ленинаул, Калининаул, Алмахъ росабазул имамзабазул хӏукму ккана рехсарал росабалъа хӏежалде унезул къокъаялъе нухмалъи гьабизе Калининаул росдал имам Гӏабдулвагьабов Мухӏамадрасул-хӏажиги, гьесул кумекчагӏилъун Ленинаул росдал имам Абубакаров Гӏамиргӏали-хӏажиги, Гӏумаров Хӏабиб-хӏажиги тун, лъабабго росдал гӏадамаздасан цо самолеталъул рейсалъе гӏураб къокъа гӏуцӏизе. Кинабго хӏалтӏиги тӏубана гьев лъабавго чияс, хӏежалде унев 129 чиясул цонигияв къватӏиве вахъинеги ккечӏого. Кин батаниги, рейсалъе гӏурал лъабабго росдал гӏадамалги данделъичӏого, «Марва» турфирмаялъ нижер къокъаялде тӏаде жубана Дилим росулъа Мухӏамадгъазиев Мухӏамадрасул-хӏажицаги Гӏумаров Юсуп-хӏажицаги нухмалъи гьабулеб 86 чи вугеб кӏиго къокъаги.

Хӏежалде унезе нухмалъи гьаби кӏвар цӏикӏкӏараб суал букӏин хӏисабалдеги босун, хӏежалъул суал тӏубазабулел нухмалъулезул цевехъан Темирбулатов Казим-хӏажица, «Марва» турфирмаялъул бетӏерав директор Къурбанов Булатида цадахъ, июнь-июль моцӏазул щибаб гьатӏан къоялъ дандеги ракӏарун, хасал дарсал кьуна ва экзамен кьезе кӏвечӏезе хӏажизаби рачун ине ихтиярги кьечӏо. Гьез гьабураб хӏалтӏиги кьочӏое босун, нижер къокъаялъул нухмалъулез байбихьана щибаб шамат, итни къояз хӏеж тӏубаялъул дарсал кьезе. Гьелъул хӏасилалда, хирияб ракьалде щвелалде, щивав чияс лъазарун рукӏана хӏежалъул рукнаби, Хӏарамалъул ракьалда гьаризе бегьулелги бегьуларелги жалазул баянал. Гьединаб хӏадурлъигун 8 августалда 129 чияс сапар бухьана хирияб ракьалде.

Нижеда цадахъ рукӏана руччабиги. Гьезие малъа-хъвай гьабизе тӏадкъан букӏана Ленинаул росдал имам Абубакаров Гӏамиргӏали-хӏажил лъади Абубакарова Гӏайишат-хӏажида. Гьелъги тӏадкъараб хӏалтӏи ракӏбацӏцӏадго тӏубана. Ниж, хасго тӏоцере хӏеж борхулел, хӏинкъун рукӏана гьенир кӏудиял захӏмалъаби рукӏинин абун, амма, тӏоцебе Аллагьасулги хадуб нухмалъи гьабизе таразулги кумекалдалъун, берцинго хӏежги борхана, гӏемерал зияратаздеги щвана.

Гостиницаялдаса Хӏарамалде ине кколаан кӏиго автобусги хисун. МашаАллагь, «Марва» турфирмаялъул нухмалъиялъ хӏалтӏи гӏуцӏун бугоан тӏадегӏанаб даражаялда. Дагъистаниязе кумек гьабизе тӏамун ратана Мисриханов Шамил, Халилулаев Муртазгӏали ва Мухӏамадов Сулайман. Гьез гӏадин ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏи гьабулел чагӏиги дида рихьичӏо. Гьезул хӏаракаталдалъун цо диналъул яцалъул билараб телефонцин кодобе щвана.

25 сордо-къо Хӏарамалъул ракьалдаги бан, хӏеж тӏубаялъул киналго шартӏалги тӏуран, 2 сентябралъул радал ниж Махӏачхъалаялъул аэропорталда самолеталдаса рещтӏиналде, Мухӏамадрасул-хӏажицаги, Гӏамиргӏали-хӏажицаги, Хӏабиб-хӏажицаги хӏадурун ратана росулъе рекӏине «Икарус» автобусал. Нижеда дандчӏвазе рачӏарал росабазул жамагӏат бихьидал, рохалие гӏорхъиги букӏинчӏо. Гьениб мажлисги гьабун, руччаби-хӏажизабазе махӏ берцинал тӏугьдузул квацӏабиги кьолаго, руччабаз руччабазда, бихьиназ бихьиназда хӏеж тӏубай баркана ва хӏажизаби жиде-жидер рокъоре нухда тӏоритӏана.

Ахиралдаги, дие бокьун буго хӏажизабазул рахъалдасан тӏадехун цӏарал рехсарал ва рехсечӏого хутӏарал диналъул вацазеги яцазеги ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабизе.

Сагӏит Алтумирзаев