Гьелъ цӏалун лъугӏизабуна хъвадарухъабазда гьоркьоб тӏоцебе Москваялда Горькил цӏаралда бугеб литературияб институт. 1956 соналдаса нахъе гьей йикӏана Хъвадарухъабазул союзалъул член. Шагӏир, драматург Машидатица хъвана гӏемерал пьесаби – «Талихӏаб къо», «Вехьасул яс», «Бертадул къоялъ», «Бахӏаралъул хъахӏаб шал», «Рокьиги хъизамги», «Дун вацазул яц» ва гь.ц. Гьел пьесаби Авар театралъ сценаялдасан рихьизарула халкъалда. Рахъана кучӏдузул гӏемерал тӏахьал. «Ракӏалъ цӏагӏолеб буго» абураб тӏехьалъе кьуна С. Стальскиясул премия. Хӏалтӏана магӏарул театралъул директорлъун, «Магӏарулай», «Гьудуллъи» журналазул редакторлъун. Дида тӏоцее Машидат йихьана дун институталда цӏалулей йигеб мехалъ Мухӏамад Сулимановасул рокъой.
Цо къоялъ Мухӏамад вачӏана рокъове кӏиго чӏужугӏаданги ячун. Цояй йикӏана дагьаб ригь арай, цӏакъ берцинго умумузул къагӏидаялъ ретӏа-къарай гӏадан. Гьелда тӏад чӏван букӏана цӏакъ берцинго симис бараб сурмияб кӏаз, ретӏун букӏана канчӏсурмияб кьералъул шалил гурде. Рекӏелъе бортулеб хӏалимаб гьимиялъ гвангъизабун букӏана гургинаб гьумер. Берал рукӏана берцинал пашманлъиялъул гугьар бугел. Кӏалъай букӏана хӏеренаб, гӏодобе биччараб. Цадахъ йикӏана гьелда Бахумеседоги, Машидатил гьитӏинай яц. Мухӏамадица абуна жинди жакъа Машидатил эбелги яцги рихьанилан.
Лъабго къо бачӏого, риччачӏо Мухӏамадица гьалбал рокъоре. Гьес Машидат яцлъун рикӏкӏунаан. Цӏакъ хӏурмат гьабулаан гьес Машидатил, рикӏкӏунаан бахӏарчияб гӏамалалъул, чӏара-хьарай, хасияталъулъ щибго тӏокӏлъи гьечӏей гӏаданлъун.
Гьелдаса нахъе гӏемерал сонал ана, нижер хинаб гьоркьоблъи киданиги хвечӏо. Гьей йикӏана дир мугӏалимлъунги гӏакълучӏужулъунги.
Машидат гьаюна гӏемерал гӏалимзаби, бахӏарзал рахъараб Гӏахьвахъ районалъул Кӏаратӏа росулъ, наибзабазул тухумалъул хъизаналда. Чанги захӏмат бихьанин жидер хъизаналда-йилан бицунаан Машидатица. Гьей жеги гьитӏинаб мехалъ, наибзабазул чий-илан эмен жанив тӏамуна ва араб бакӏ лъачӏого тӏагӏинавуна. Эбел Загъаласул Патӏимат йикӏана Шамил имамасул наиб Тавуш Махӏамадил васасул яс.
Машидатица хъвана Дагъистаналъул бусурбабазе цӏакъ пайдаял тӏахьал. Гьезул тӏоцебесеб ккола «Шамил имам». Шамилил хӏакъалъулъ асар хъвазе Машидатица хъирщана чанги тарихиял лъугьа-бахъиназул гъатал. Киналдего гъорлъе яккун лъугӏараб мехалъ хъвана гьелъ жиндирго асар. Гьеб тӏехь гӏуцӏун буго 74 поэмаялдасан, гьелда жанибе бачун буго лъимерлъиялдасан, умумуздасан байбихьун, киналго лъугьа-бахъинал, рагъазул биценал, бахӏарзазул гьунарал. Гьенир ратула цере нилъедаса рахчун рукӏарал, Кавказалъул рагъуе рукӏарал гӏиллаби, нилъер халкъалда гьабулеб букӏараб зулму-хӏал.
Машидатица гӏадин рагӏа-ракьанде щун гъваридго жание яккун, цониги хъвадарухъанас рагьичӏо Шамилил сипат. Цевехъан, гӏалимчи, гӏадан хӏисабалдаги гьев анкьабго рахъалъ рагьизе ккун вуго авторалда. Хадусеб тӏехь «Черкесазул имам шайих Махӏамад Амин» буго цӏакъ гӏемер хӏалтӏи тӏад гьабураб тӏехь. Машидатица дида бицана жийго Черкесиялде гьесул тарих цӏехезе иналъул, гьениса къваригӏараб материалги бакӏарун тӏадюссиналъул хӏакъалъулъ.
Махӏамад Аминил сипатги буго Шамилилго гӏадаб гъваридаб, киналго гӏумруялъул рахъал, гӏамал-хасият, рухӏияб бечелъи жанибе бачараб. Лъабго бутӏаялдаса гӏуцӏараб, бицатаб, кӏудияб асар буго гьеб. Магӏарул росулъ гьавурав, гӏурав, гӏелму щварав Махӏамад Аминида кӏолеб буго щущан рукӏарал черкесазул халкъги цолъизабун, гьениб пачалихъ гӏуцӏизе. Тӏехь цӏалулезда гьениб батула гъазават байбихьиялъе ккарал гӏиллаби, гьелъул байбихьи имамзабазул гьеб къеркьеялъулъ букӏараб хӏаракат.
Машидат йикӏана кӏудияб гӏакълуялъул, гъваридаб лъаялъул гӏадан. Гьелда кӏолаан бокьараб лъугьа-бахъиналъул гъваридаб анализ гьабизе. Цин асар хъвалалде гьелъ цӏалун лъазабулаан тарихияб ритӏухълъи.
Дун гьелъухъе моцӏрол ахирияб рузман къоялъ зияраталъе кидаго щолаан, нагагь ине щвечӏони, кӏалъалаан. Цо-цо мехалъ гьей ятулаан цебе букъарулеб машинаги лъун, садакъаде рикьизе жал рукъулей (какие хӏажатал жал, гӏурччинал байрахъал, халгӏат). Киданиги аскӏоб си гьабун лъун рукӏунаан садакъаде кьезе какикь тӏамулел жал. Машидат йикӏана мисал босизе мустахӏикъай магӏарулай. Рагӏулароан щивго какулей, лъилниги хӏакъалъулъ хабар цӏехолей, нахъасан кӏалъалей. Я хъвадарилей, я юкъарулей, яги чӏумал рехулей йикӏунаан гьей кидаго.
Машидатилъ киданиги, гӏолохъанаб мехалъги, бихьичӏо гӏанчӏлъи, гогьлъи, ратӏлие ва месед-гӏарацалъе лагълъи гьаби. Сундулъго букӏана цокӏалаб гӏадатлъи, берцинаб гӏамал, узданлъи.
Фазу литератураялде «пирхараб пири» гӏадин ячӏарай ятани, Машидат ячӏана пахруяб таваккалгун, чӏванкъотӏараб пикругун, магӏарул гӏадатазул хаслъигун. Фазул буго цӏакъ бечедаб, гъваридаб, батӏи-батӏиял бакъназ, кьераз хъвараб поэзия. Машидатил буго шавкъ дагьаб ургъелги, бухӏиги, магӏуги жаниб гьарзаяб тарихалъул лъалкӏаз мугьручӏвараб поэзия.
Машидатица инкар гьабуна «Халкъияй поэт» илан абураб цӏаралъе. Гьелъ абуна гьанже жиндие гьеб хабалъе босизейищила хӏажат бугеб? Цересел кӏицӏулго тӏагӏинарунила жиндир документал. Кагътида халкъияйлъун яхъинчӏониги, гьей йиго унго-унгояй халкъияй шагьир. Гьелда лъачӏо лъиениги хӏелизе, досда гьарун, гьасда гьарун цӏар балагьизе, гӏарац балагьизе. Гьелъие гьеб хӏажат букӏинчӏо. Гьей йикӏана жиндирго хӏурмат гьабизе лъалей, къадруялда хӏур хъвазе толарей, борхун бетӏер ккурай магӏарул чӏужугӏадан.
Ахирал соназ гьелъул бадиса канлъи ун букӏана, бажарулеб букӏинчӏо машинкаялда хӏалтӏун. Гьелъие кӏудияб кумек гьабуна Калиматица, гьелъул гӏагарай ясалъ.
Машидатил нуцӏа кидаго рагьун букӏунаан. Гьелъул адаб гьабун гьелде швезе рачӏунаан гӏалимзабиги, учительзабиги, лъималги. Гьелде щвезе мех-мехалда рачӏунаан баракат щваяв Чӏикӏаса Кӏудиявги гьесул лъади Узлипатги. Машидат йикӏана устарасул мюрид. Устарас гьелъул цӏарги хисун букӏана Сагӏидат – абун. Кӏудияс борхана гьелъул хӏеж. Гьелдаса кӏудияб талихӏ щиб? Бокьарав чиясе щолеб жо гуро гьеб.
Ахираб нухалъ щвараб мехалъ дида нуцӏа рахан батана. Кидаго рахалареб нуцӏа рахан батизе дие бокьичӏо. Гьей жаний йикӏин лъана. Цинги хӏалица квералги чӏван, ячӏун гьелъ нуцӏа ричӏана.
— Чиясда кӏалъазе кӏолеб хӏалги гьечӏого рахана нуцӏа, – ян абуна гьелъ.
Тохтур ахӏилищ? Аскӏов чи гьечӏого бегьиларо, — ян абуна дица.
— Дида аскӏов Аллагь вуго, — ан абуна Машидатица. Лъидего кӏалъазе изнуги кьечӏо. Гьелъие бокьун гьечӏоан унтараб мехалъги лъидего ккезе. Цӏакъ къвакӏараб хасият букӏана гьелъул.
Гьелда жиндирго рагӏад кӏодолъун бихьулароан. Кӏудиял тӏалабал жиндехунго лъилниги тӏалаб гьабулароан. Амма цӏакъ йоххун йикӏунаан Калиматидаса ва росдал администрациялъулги жигаралдалъун гьабулеб бугеб музеялдаса. Гьелдаса хадуб лъабго къоялдасан нилъедаса ятӏалъана. Унго-унгояй миллат чӏухӏизе бегьулей, гӏахьвалазул къадрулъун, чӏухӏилъун йикӏине мустахӏикъай, унго-унгояй бусурманчӏужу, борхун ккураб бетӏер Аллагьасе гурони къуличӏей, Машидат.
Залму Батирова