Август моцӏалъул анцӏабилеб къоялъ Аллагьасул къадаралде щвана Шамил районалъул Къахӏиб росдал администрациялде гьоркьобе унеб Хородаса Муртазагӏалиев Мухӏамадамин. Гьес жиндирго гӏумру кьуна ралъдалъ гъанкъулел рукӏарал 20 сон барай гӏолилайги, 13 сон барав васги хвасар гьарулаго.
19 сон барав вас хвей кутакалда захӏмалъана гьесул эбел-инсуе. Амма гьез хӏал лъазе биччачӏо, Аллагьасул къадар лъидаго гьукъизе кӏоларинги абун, къвакӏун чӏана. Мухӏамадамин, гьеб пашманаб лъугьа-бахъин ккелалде цебе, ай кӏиго анкьалъ цеве автоавариялде ккун вукӏана. Мадар лъугьиндал, хӏухьбахъизе ралъдахъе ун вукӏарав чи вукӏана гьев гьеб къоялъ. Гьенив вукӏаго рагӏана кумекилан ахӏдолел гӏадамазул гьаркьал. Гьеб заманалда ралъдал рагӏалда гӏезегӏан чи вукӏаниги, Мухӏамадаминида гурони ракӏалде ккечӏо кумекалъе вортизе. Бугеб рухӏ-хӏалги кьун, гъанкъулел рукӏарал рагӏалде тункана гьес, амма… живго, гӏемер тату хвеялъ, гъанкъана.
Чанго сагӏаталдасан Мухӏамадаминил гӏага-божарал, росуцоял ралъдал рагӏалде ракӏарана. Гьезда гьоркьов Мухӏамадаминил цинагӏал Давудов Шамилги вукӏана. Гьеб заманалда цояв гъанкъулев вугин, кумекилан ахӏи бахъана. Шамил кумекалъе вортана. Шамилица бицана лага-черхалъ жиндаса къечӏев гӏадав гӏолохъанчиясе батанила кумек хӏажалъун.
«Дун аскӏове щведал тӏадхурхун чӏана гьев. Дица гьесда абуна нилъ кӏиялго гъанкъулин гьадин ругони, мун виххугейин ва хвасар гьавизе квалквал гьабугейин. Гьевги дихъ гӏенеккана ва нижеда кӏвана ралъдал балагьаб квачӏикьа рорчӏизе. Рагӏалде щведал, дир телефоналъул номерги ана гьес босун. Сон кӏалъан вачӏана Буйнакскиялдаса, жив хер бецулев вугин, дуе баркала кьезе вачӏине вугин абун», — ан бицана Шамилица.
Гьедин гьабула иманги ияхӏги бугел гӏадамаз. Амма жидее гӏоло гӏумру кьуниги, баркалагӏанасеб рагӏи абизе лъачӏо Мухӏамадаминица хвасар гьаруразда.
Гьелдаса нахъе анкь гурони ун букӏинчӏо дун Мухӏамадаминил эбел-инсухъе щведал. Гьев бахӏарчиясул эмен Мухӏамадхӏабибица гьадин бицана: «Лъабго-ункъо сон буго нижер хъизан росулъа гочаралдаса. Гӏумру гьабизе тӏасабищана Темиргъое. Дир рукӏана лъабго васги цо ясги. Мухӏамадамин вукӏана кӏиабилев вас. Гьитӏинаб къоялдаса нахъего гьев вукӏана цӏакъ гӏамал берцинав чи. Гӏагараб росулъ 9 классги лъугӏизабун, гӏелму цӏализе ана цин Урмаве, хадуб Унсоколо росулъе. 2016 соналда цӏализе лъугьун вукӏана исламияб университеталде. Цӏакъ рази рукӏана гьесдаса мугӏалимзабиги. Зигараялъ вачӏарав гьесул мугӏалимас бицана цониги нухалъ гьесие бадибчӏвай гьабизе ккечӏин. Университет лъугӏидал ракӏалда букӏана педуниверситеталдеги лъугьун, гурхӏел-рахӏмуялъулаб фондалда хӏалтӏизе. Рокъобги я эбелалъ, я дица гьесда щибго абизе кколароан. Живго вахъун гьабулаан рукъалъул хӏалтӏиги, гьимун гурони лъиданиги кӏалъазеги кӏалъалароан. Дагьаб мехалъ вихьизе кьурав чи вукӏун вугоха. Щиб гьабилеб, Аллагьасул къадар лъидаго кӏоларо гьукъизе».
Гьев гъанкъараб къоялъ МЧСалдеги ахӏун водолазалги рачӏана. Амма гьев ватана ралъдалъ чвердолел рукӏарал цогидазда. Жеги ракӏунтун вуго эмен гьев ватарал гӏолохъаби лъаларого, гьезие баркала кьезе бокьун.
Росдал школалъул директор Мухӏамад Гьитӏихӏмаевасги лъикӏаб къимат кьуна Мухӏамадаминие:
«Гьев вукӏана тӏадкъараб хӏалтӏи заманалда тӏубалев, гӏадлу-низамалъул рахъалъ мисалияв вас, цӏализеги квешав вукӏинчӏо. Гьесул багьадурлъи кӏодо гьабизе ккела пачалихъалъ».
Мухӏамадаминица жиндирго гӏумруги кьун кӏигояв хвасар гьариги, Шамилица цояв хвасар гьавиги – гьеб буго унго-унгояб бахӏарчилъи. Гьединазин къоккедал цӏунулеб гӏагараб Ватӏанги. Ва гьединазул гьунаралъе мустахӏикъаб къиматги кьезе ккола.
Сайпула ГЬИТӏИНАМУХӏАМАДОВ