Дагъистаналъул миллияб музеялъул Чӏиркъатӏа росулъ бугеб филиалалда

буго 3000-гӏанасеб экспонат

Дагъистаналъул щибаб росулъ буго музей. Гьелъие хасаб мина гьечӏел бакӏазда музей гӏуцӏун буго гӏагараб ракьалъул тарихалъулги рухӏияб нахърателалъулги къимат гьабулел гӏадамазул рукъзабахъ. Гьезул хӏакъалъулъ чанцӏулго хъванги букӏана. Гьеб рахъ босани, Чӏиркъатӏа росдал музеялъе талихӏ кканин абизе бегьула, росдал бегавуласдаги районалъул нухмалъиялдаги музеялъул бугеб кӏвар бичӏчӏи. Музеялъе бан буго кӏитӏалаяб мина.

Некӏсияб росу:

хӏужаби ва баянал

Росдал рагӏалда буго нус-нус сонал рараб тарихияб памятник — гьитӏинабго гургинаб си. Гьелъул борхалъи буго 2,5 метр, гӏеблъи – цо метр. Гьединаб памятник Дагъистаналда гьечӏо, буго чанго гьединаб памятник Африкаялда, гӏарабазул улкабазда. Гьеб къанагӏатаб памятникалъул хӏакъалъулъ нилъехъе щвана гьадинал баянал.

ХӀI гӏасруялда Дагъистаналда ислам тӏибитӏизабизе вачӏарав Абулмуслим шайихасда цадахъ аскаралъул бетӏерлъуда рукӏун руго гьесул вацалги. Гьезул сапаралъул хӏакъалъулъ нахъе хутӏарал документал цӏакъго мукъсанал руго. Батӏи-батӏиял хъвай-хъвагӏаяздасан ва умумузухъа щварал биценаздасан баянлъула гьадинал хӏужаби: Чӏиркъатӏа росу буго тӏабигӏияб рахъалъ кӏвар бугеб жаниблъиялда бараб росу, гьеб росулъан унаан лъарагӏлъиялде тӏощалида хадур магӏарулалги, гочунаан гӏиги, Чӏегӏер ралъдал рагӏалчӏван Гуржиялъа Каспий ралъдал рагӏалде Кавказ къотӏун базаргаби хьвадулаан.

Абулмуслим, жиндирго богун Хунзахъе унаго, рещтӏун вуго Чӏиркъатӏа. Гъоб заманалда росу букӏун буго 12-ялдасаги цӏикӏкӏарал кулабаздаса гӏуцӏараб. Щибаб тухумалъул вакилзабиги ахӏун, Абулмуслимица абун буго, щибаб колода мажгит базе рес букӏунарин, нуж киналго, цо росуги ккун, цолъизе кколин. Гьеб вагӏзаги гьес гьабун буго кӏудияб ганчӏиде тӏадеги вахун. Жиндирго вац Гӏалисултан Чӏиркъатӏаги тун, Абулмуслим цевехун ун вуго. Гьес вагӏза гьабураб ганчӏида тӏад, досул хӏурматалда, бан буго си. Гӏалисултание росулъ бан буго мина. Хадуб гьениб рагьун буго мадраса. Хвараб мехалда Гӏалисултанги гьеб мадрасаялда аскӏов вукъун вуго. Гьениб гьанже зияратги буго.

Росулъа чӏахӏиял чагӏазул биценалда рекъон, гьаб си бан буго, цебе букӏараб сиги биххун, гьелъул бакӏалда, гӏага-шагарго 1690-абилел соназда. Гьеб сиялда жанир рукӏун руго кида Абулмуслим вачӏаравали, кида гьаниб ислам тӏибитӏарабали тӏад хъварал къанал. Большевикал рачӏараб мехалъ, гьез гьел гъурун тӏагӏинарун руго.

Нус-нус сонал рараб тарихалъул ва архитектураялъул гьеб памятник биххун инехъин буго. Памятник тӏад бараб гамачӏ, гъоркьан лъараца кванан, бортизе къачӏан буго. Дун гӏемерал бакӏазде щвана гьелъул бицун, амма ишалъулаб кумек щолеб гьечӏо. Гьединго Чӏиркъатӏа росдал ракьалда руго гьанжеялдаса лъабазаргогӏан соналъ цебе кьурда рикӏун рахъарал сураталги хъвай-хъвагӏаялги. Археологал, рос-лъади Котовичаз, гӏемераб хӏалтӏи гьабуна гьел суратал цӏуниялъе, амма жакъа гьабулеб хӏалтӏи цӏакъ загӏипаб буго. Расулица абухъе, бачӏунеселъ нилъеда гӏарада речӏчӏизе гурин хӏинкъун вуго дун.

Тарихалъул нугӏзал

Гӏагараб ракь лъазабиялъулгун тарихалъул музей рагьиялъе квербакъана Чӏиркъатӏа росдал гьоркьохъеб школалъул тарихалъул учитель Къумахӏажи Шихмирзаевасул хӏаракаталдалъун. Гьес данде гьабуна анцӏ-анцӏ экспонат ва гьел лъун рукӏунаан тарихалъул кабинеталда. Дагь-дагьккун музеялда къайи гӏемерлъана ва школалда гьелъие кьуна хасаб кабинет. Гьенибги гӏолеб букӏинчӏо бакӏ. Гьебмехалда росдал администрациялъ музеялъул къайи лъезе кьуна росдал Культураялъул рокъоб хасаб бакӏ. Дол соназда музеялъул хӏалтӏухъ мухьги кьолароан, хӏалтӏиги гьабулаан жигарчагӏазул кумекалдалъун. 2006 соналда Гумбет районалъул бетӏер Сайгидахӏмад Ахӏмадовасул жигаралдалъун ДРялъул Культураялъул министерствоялъ Чӏиркъатӏа рагьана Дагъистаналъул цолъизабураб музеялъул филиал. Рагьана лъабго хӏалтӏухъанасе штатги. Гьабсагӏаталда музеялда вуго щуго хӏалтӏухъан.

2013 соналда районалъул администрациялъ байбихьана музеялъе цӏияб мина базе. Къокъаб заманалда банги бахъинабуна гьеб. Музеялде рачӏуна республикаялдаса, улкаялдаса ва улка тун къватӏиса гьалбал. Ахираб щуго соналда жаниб гьенире щвана Германиялдаса, Голландиялдаса, Франциялдаса, Югалъулаб Кореялдаса, СШАялдаса гьалбал.

Ибрагьим Ибрагьимов,

Чӏиркъатӏа росдал тарихалъул ва гӏагараб ракь лъазабиялъул музеялъул директор