Кӏудияб гӏурул унти

Аби буго 1000 соналъ цебе Аваргӏор Датуна росдада аскӏоб бугеб

килисаялда цебесан чвахулеб букӏанин

Гьедин, ай Кӏудияб гӏорилан абулаан умумузго Шамил район кӏийиде бикьулеб гӏоралда. Бицен гьабулеб гӏор ккола Аваргӏор — Аваргъойсу. Гьеб цӏар нилъер гуро, тюрказулгун татаразул кьибил бугеб буго. Лъарагӏ мацӏалда гьелъул магӏна ккола «Гӏиял гӏор» абураб.

… Аваргӏор жубала Гӏандигӏоргун Генуб росдадаса 3 километралъ тӏадехун. Гӏурул халалъи буго 178 км. Гьелъул байбихьи буго гуртиязул мугӏруздасан, Гутан мегӏералъул хьолбодасан. Гуртиязулги буго гьеб гӏоралъе кьураб хасаб цӏар — Симбирисхеви абураб, ай «эхебе чвахулеб». Буго цоги цӏар цересел гӏарабазул рагъухъабаз лъураб. Гьез гьелда абулаан «Нагьаралгеми» абун. Гӏараб мацӏалда гьелъул магӏна ккола «гӏиязул гӏор» абураб. Гьаб цӏар кьеялъе гӏиллаги буго некӏо магӏарулаз ихдалги хасалихъеги гьеб гӏорккун гӏиял рехъаби гочинарулел рукӏин магӏарухъеги нахъеги. Гӏи гочинабулеб нухги букӏун буго Аваргӏорккун, Богос ва Нукъукь мугӏрузде тӏаде. Гьел гьенир тӏубараб рииялъ, ай хаслихълъи щвезегӏан хьихьулаан.

… Аваргӏурулъе чвахулеб лъаразул къадар 440-ялде бахуна. Аслияллъун ккола Журмут, Хьвангӏор, Сарагӏор, Темиргӏор, Хъахӏабгӏор, Ракьуб, Гичину, Тобот, Къаралгӏор.

Кӏудияб гӏор чвахула Нукъукь мегӏералъул къваридаб расалъиялдасан. Гьелъул хӏакъикъаталдаги байбихьи буго Ансухъ росдада аскӏоб. Гьенирго журала бищунго кӏудиял рикьалаби — Журмут ва Хьвангӏорал.

… Гӏурул гӏамал цӏакъго ццидалаб буго, хасго ихдал мехалъ. Хасало гьеб гӏодобцуна. Цӏакъго жаниб цӏола Аваргӏор май моцӏалдаса август моцӏалде щвезегӏан. Риунел цӏорол мугӏруз, халатрахъарал чвахун цӏадаз гьелъул лъим цӏикӏкӏуна. Гьеб заманалда гӏурул рагӏаллъабазда талихӏкъосарал лъугьа-бахъиналги ккола. Гьалаглъараб гӏоралъ жиндирго нухда батараб кинабго босун уна: гъутӏби, рукъзал, боцӏи-панз.

1963 соналда гӏор бищунго кутакалда щун букӏана. Гьелъул хӏасилалда лъеца росун ана Советский (цебесеб цӏар) районалъул централъул гӏемерал рукъзал, щущазаруна нус-нус километр нухазул, росун ана кьоял, лъелъе ана ахал, хурзал, огородал. Гьаб кинабго рукӏалиде ккезабизе къваригӏана чанго сон.

Некӏсияб, мажусияб дин гьабулеб заманалда букӏараб абиялда рекъон, кутакалда ццидахун гӏор щварабго гьелъ ахал, хурзал хвезарун гуребги, гӏемерал гӏадамалги росун унел рукӏун руго. Гьеб мехалъ гӏорги ракӏгъанцӏулеб хӏалалъ рурудулеб букӏун буго. Гӏор гӏодобе буссинелъун гӏадамаз цо хасаб бакӏалде хъураб гӏи-боцӏул къулагӏаби рехулел рукӏун руго.

… Сверана сонал, гӏасраби, замана. Кӏудияб гӏурул рагӏаллъабазда гӏадамаз рана росаби, кулал, гӏумруялъе квегӏенал жанир чӏолел бакӏал.

…Аваргӏорккун эхеде рачӏунаго, Датуна росдада аскӏоб буго жеги нахъе хутӏараб, Дагъистаналъул мугӏрузда цого-цо бугеб насраниязул килиса. Тарихчагӏаз чӏезабун буго гьеб бараб заманаги — X-ХӀ гӏасру. Ччукӏелазул хӏасилалда гӏор жакъа гӏага-шагарго бащдаб километралъ килисаялдаса рикӏкӏалъун буго. Аби буго 1000 соналъ цебе Аваргӏор килисаялда цебесан чвахулеб букӏанин.

Некӏо заманалда Кӏудияб гӏоралъ гӏадамазе лъим гуребги, квенги кьолаан. Гӏурул рагӏаллъабазда гӏумру гьабулел гӏадамазда «хьиндалалин» абула. Гьеб рагӏиги бачӏун буго «лъим» абураб рагӏудаса. Гьениб гьарзаго лъимги хинлъиги букӏуна. Гьенир рижула мугӏрузда къанагӏатал субтропикалъул гъутӏбиги (карудал, тутил, гранаталъул, инжиралъул, хурмадул, багӏлидал, хъахӏаб ахбазаналъул).

Цоги сундалъунха цӏар ун букӏараб Кӏудияб гӏурул? Нусгоялдасаги соналъ цебе щибаб къойил гӏадин лъебелазулги цӏунтӏадерилги рохьахъан гӏурулъе риччалаан накӏкӏигъутӏбузул чӏулби ва гьел цоцада рухьунаан. Гьунар бугел лъетӏахъабаз гӏурул сангаралги квегъун, чӏулби жиндир гӏужда цӏул хъухъалеб заводазде щвезарулаан. Гьедин гьез мугӏрузулаб Дагъистан хьезабулаан къиматаб, минаби разе хӏажатаб цӏуладалъун.

…Доб заманалда гӏурул рагӏаллъабазда бусаби лъолаан лъарал хӏанчӏаз, чӏегӏерал ордеказ, заз-хъарахъалда гъоркь рукъзал ралаан турхаз (выдры). Гӏурул байбихьуда, лъебелазул рохьал тун тӏадехун, ракьулъан рухӏарал лъимал кӏанцӏулел бакӏал гӏемер рукӏана. Цересел соназ хӏухьбахъизе гӏадамал гьанире Гуржиялъацин рачӏунаан. Гьанже лъиналги дагьлъун руго, гӏурулъ масакӏ ччугӏаги къанагӏалъун буго. Гӏилла — лъим чороклъи.

Некӏо ахал лъалъазе кӏососез, гьакьадерица, гьоцӏдерица ва цогидазги Гъойсугӏурул лъим бачунаан, цо-цо бакӏалдасан, кьурабалъан цӏулал яги шагӏил гонгалги лъун. Ахал лъалъазе чӏезабураб хасаб тартибги букӏун буго. Гьанже гьел ахазул хутӏараб жо гьечӏо. Умумузул ахазе гьабулеб букӏараб хъулухъги гӏадамазда кӏочон тана.

Гьанже Кӏудияб гӏорги «унтун» буго. Унтунги буго дунялалда тӏад ругел аза-азар гӏоралго гӏадин. Гьеб унтуда цӏарги гӏадамазул ургъел гьечӏолъи буго.

Нухлулазда рихьизе бегьула, Генуса унаго, Аваргӏорги Гӏандигӏорги журалеб бакӏалдаса байбихьун пластикалъул шушбузулги пакетазулги гохӏал. Бицунеб буго гьез Чӏикӏаб хӏорги цӏезабун бугин. Гьединабго хӏал буго Рихьуниб ва Гьоцӏдерил ГЭСазда сверухъги. Бацӏцӏадаб гӏурул лъелъе щибаб къойил жубалеб буго канализациязул лъимги.

Цебе туалетал рукъзабаздаса рикӏкӏад ралаан яги гъваридал гундби рухъун, чороклъиялде тӏаде рохъо балаан. Гьанже гьел канализациялъе рогӏрал лъун лъелъе тӏамулел руго. Росабалъа чваххулел лъараз гьеб кинабго Кӏудиябгӏурул лъелъе босун бачӏуна. Лъаразул лъимги гьанже гьекъолеб хӏалалъ гьечӏо. Лъиеха бокьилеб партал чурараб порошокалъулги туалетазулги жубараб лъим гьекъезе. Тӏадежоялъе, гьеб лъимги кьишнидул гъонолъан чвахун унеб буго. Аваргӏурул рагӏаллъабаздаса, Маххул кьодаса бахъараб Лъаратӏе щвезегӏан хӏажатханаби гӏурулъе чвахула.

Нилъ ургъизе ккола тӏабигӏаталъе гьабулеб заралалда тӏад. Гӏадамал рукӏине ккола мацӏ бичӏчӏулеллъун. Гъойсугӏурул расалъабазда ралел ругел ГЭСаз гендерил, рихьундерил, хьергебдерил жамагӏатазе зарал гьабулеб буго. Тӏоцебесеб иргаялда, гьениб хисана гьава-бакъ, регьел гӏемерлъана, рада-радал тӏад лъураб русулнакӏкӏалъ квалквал гьабулеб буго ахбазан хехго барщиялъе. Цебеялде дандеккун гьанже гьеб ахбазан 10-15 къоялъ кватӏун барщула. Пихъил тӏагӏамги цебе гӏадинаб гьечӏо.

Дагьаб цебе бан лъугӏана Гьоцӏдерил ГЭС. Проектазда рекъон дагьалги станциязул каскадал разе рихьизарун рагӏула. Гӏурул рагӏаллъабиги жагъаллъиларищ, хӏоринир ахалги тӏерхьина, расалъабазул рагӏаллъабиги ччукӏун ина. Аваргӏурул расалъи тӏабигӏаталъул заповедник гуребги, нус-нус соналъ цебе гӏадамаз гӏумру гьабизе тӏасабищараб бакӏги ккола. Тарихиял гӏелмабазул доктор, профессор Гӏ. М. Давудовасул рагӏабазда рекъон, Гьоцӏдерил ГЭСалъул хӏоралъ гъанкъизабун буго некӏсиял хабалаби ругеб бакӏ (некрополь), гьебгиха гӏелмиял цӏех-рехазе кӏудияб къимат бугеб. Палхӏасил, цӏияб хӏорил тӏинде тӏерхьун ана умумуз чӏарал ахал гурелги, маданияталъе къиматабщинабги.

Гьеб киналъего батӏияб нух бугищ? Буго. Масала, церетӏурал улкабаз некӏогоялдаса нахъе ралел гьечӏо гӏоразда сангарал ран чӏахӏиял ГЭСал. Гьезул бакӏалда ралел руго гьитӏинал ГЭСал. Гьел ралаго хӏалтӏизарула гӏелмиялгун технологиялъул церетӏурал къагӏидаби, тӏабигӏат цӏунулел сурсатал. Тӏабигӏат цӏуниялъул маданият хурхараб буго умумуздасан щварал гӏадатаздаги, маданияталъул цогидал бутӏабаздаги, нилъер цебесеб бечедаб тарихалдаги.

…Гӏажаибаб къуват буго тӏабигӏаталъул. Инсанас тӏабигӏат цӏунизе ккани, букӏине ккола гьелде рокьиги къуватги.

Цо чанго соналъ цебе Аваргӏор щвеялъул хӏасилалда, Шамил районалъул Хӏебда (центр) росулъ росун ана гӏадамазул рукъзал, даран-базар гьабулеб бакӏалде кӏанцӏана лъим. Гӏадамал гьабизе жо тӏагӏун, рихха-хочун кодобе щвараб буголъи, къайи хвасар гьабизе рортана. Гӏорги тӏадеялдаса тӏаде гьалаглъулеб, ццидахунеб букӏана…

Къварилъи ккаразе кумек гьабизелъун актаби гьаризе Махӏачхъалаялдаса вачӏарав ригь арав чияс абуна: «Гӏуруе те гӏор щварабщинаб бакӏ, гьеб буго гьелъул рукъ», — ан. Гьес гьедин абуна гӏурумухъ ккун ран ругел рукъзал рихьидал.

Кӏудияб гӏоралде бачӏараб къварилъи-балагьалъул гӏемераб хъвазе бегьула. Гӏадамазги гьелда тӏаса лъугьаян гьаризе ва хадубккунги гьеб цӏунизе жигар бахъизе ккола. Нилъеца гьелъул къимат гьабичӏони, гӏун бачӏунеб гӏелалъ гьениса лъим гьекъезе гьечӏо.

Мухӏамад Гъазалиев,

Гьандихъ росу