23 августалда Махӏачхъалаялда тӏобитӏана халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул динияб форум

Гьудуллъиялъул рокъоб гӏуцӏараб данделъиялда гӏахьаллъана ДРялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповги. Гьес абуна, батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьор лъикӏал бухьенал ругони, рес букӏунин республикаялда ракълилаб гӏумру цӏунизеги, жамгӏият цолъизабизеги, ватӏан цебетӏезабизеги.

«Халкъалъул цолъи гьечӏони, гьарун бажаруларо киналгӏаги улкаялъе пайдаял хиса-басиял. Улкаялъул президент Владимир Путиницаги кӏудияб кӏваркьола рухӏияб цебетӏеялъе, культураги, динги чӏаголъизабиялъе, батӏи-батӏиял диназул вакилзабазда гьоркьосел бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана гьес.

Республикаялъул нухмалъулес баркала кьуна Дагъистаналъул муфти Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевасеги Махӏачхъалаялъулги Грозныялъулги епископ Варлаамиеги – Кавказалъул рагъул гӏасиял лъугьа-бахъиназул нугӏлъун бугеб Ахӏулгохӏда мемориалияб комплекс базе разилъаралъухъ. «Гьенир шагьидлъана гӏемерал дагъистаниялги, гӏурусалги, Кавказалъул халкъазул цогидал вакилзабиги. Киназулго биялъ белъараблъун рикӏкӏуна Кавказалъул рагъул бищунго кьварараб кьаби ккараб Ахӏулгохӏ – гьебго биялъ лъалъараб буго Россиялъул халкъазул гӏаммаб къисматги. 1929 соналда, килиса къаялъул хабар ккедал, гьелде данде рахъана Дагъистаналъул бусурбаби. Гьезул хитӏабалда гьадин хъван буго: «Нижеца, гьаниб гъоркь гъолбасарал Буйнакскалъул бусурбабазул жамгӏияталъул вакилзабаз, цӏалана «Багӏараб Дагъистан» газеталда бахъараб макъала. Гьелда бицунеб буго Святотроицкий килиса къазе кколилан. Гьеб балаго, хӏалтӏизабун букӏана нижерги захӏматгун сурсатал. Ниж рази гьечӏо гьеб къазе кколин абураб пикруялда. Гьединал, ай диназда гьоркьосеб цолъиялъул, мисалал гӏемер руго», — ян бицана Рамазан Гӏабдулатӏиповас ва форумалъул гӏахьалчагӏазе икъбал гьарана.

Гьадинал дандеруссиназ власталъулги диниял жамгӏиятазулги бухьенал щулалъизариялдеги терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьеялъе квербакъиялде хьул бугин абуна данделъиялда шайих Ахӏмад-хӏажи Гӏабдулаевас.

Форумалда кӏалъана Сириялдаса шаргӏиял гӏелмабазул доктор Мустӏапа Диб ал-Буга, диакон Дмитрий Асратян, Сагӏид-Апандил цӏаралда бугеб Дагъистаналъул теологиялъул институталъул ректор Гӏабдула Ацаев, РФялъул президентасда цебе гӏуцӏараб Гӏолилазегун лъималазе рухӏиябгун ватӏан бокьиялъул тарбиякьеялъул комиссиялъул член Алексей Вайц.