Жинца хъвараб кагътида жаниб гӏадин рагьуларо гьелъул авторасул пикраби…
Ахираб заманалда, гӏемерал гьечӏониги, къватӏире рачӏине байбихьун руго магӏарул мацӏалда хъварал Шамил имамасул, Кавказалъул рагъазул темаялда хурхарал тӏахьалги мажмугӏалги. Дагьаб цебегӏан гьединаб иргадулаб тӏехь щвана цӏалулезухъе – «Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб. Гьеб ккола кӏудияв имамас 220 сон тӏубаялде сайгъат гьабураб басма. Гьелда руго 1863 соналдаса 1904 соналде щвезегӏан имамасул хъизамалъул вакилзабаз цоцазухъе ва гьединго гьезухъе цогидаз гӏажамалъ хъварал кагътал. Гьезул аслияб къадар ккола Гӏусмани империялда гӏумру гьабулел рукӏарал Шамилил васал Гъазимухӏамадицаги Мухӏамадкамилицаги Россиялда хутӏарав жидерго гьоркьохъев вац Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал. Мажмугӏ данде гьабуна ва басмаялда бахъана Дагъистаналъул халкъияв шагӏир, филологиял гӏелмабазул кандидат Мухӏамад Хӏамзаевас. Гьеб мажмугӏалъул кӏваралъул, гьенир кьурал кагътазул хӏакъалъулъ бицунаго, жиндирго цеберагӏиялда Мухӏамадица хъвалеб буго гьадин: «Гьанжесеб Дагъистаналъул жамагӏаталъе, хасго магӏарул чиясе кӏудияв имамасул гӏумруялда хурхарабщинаб жоялъул бугеб кӏварги хӏисабалде босун, хӏукму ккана Шамил имамас 220 сон тӏубаялде гьал кагътал басмаялда рахъизе. Гьелдаго цадахъ гьезулъ бугеб материалалъул буго кӏудияб къимат гуманитарияб гӏелмуялъул батӏи-батӏиял рахъазеги: тарихалъе, адабияталъе, мацӏалъул гӏелмуялъе, политологиялъе, культурологиялъе, этнографиялъе ва гь.ц. Кагътал цӏалараб мехалда, бихьулеб буго Шамилил лъимал тӏадегӏанаб культураялъул, камилаб гӏелму-лъай щварал, исламияб тарихги, аварагзабазул къисабиги, шаргӏалъул къануналги лъалел чагӏи рукӏараблъи», – ян.
Тӏехьалда кьун буго кинабниги 74 кагъат:
– Чӏохъа Гӏинкъав Хӏажил яс Аминатица жиндирго бетӏергьанчи Мухӏамадшапигӏихъе 1863 соналда Калугаялдаса хъвараб кагъат.
– Шамилил яс Нажабатица Россиялда тарал вацал Гъазимухӏамадихъеги Мухӏамадшапигӏихъеги Истамбулалдаса хъвараб кагъат.
– Россиялда вукӏарав Мухӏамадшапигӏица 1876 соналда Истамбулалде кӏудияв вац Гъазимухӏамадихъе хъвараб кагъат.
– Россиялда вукӏарав гьитӏинав вац Мухӏамадшапигӏихъе Гъазимухӏамадица 1879–1900 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (49 кагъат).
– Россиялда вукӏарав кӏудияв вац Мухӏамадшапигӏихъе гьитӏинав вац Мухӏамадкамилица 1880–1902 соназда Истамбулалдасаги Мадинаялдасаги хъварал кагътал (14 кагъат).
– Истамбулалда чӏарав мугьажир, Тӏанусиса Хӏажияхӏял вас Гъайирбегица Россиялда вукӏарав Мухӏамадшапигӏихъе 1882, 1887 соназда хъварал кагътал (кӏиго кагъат).
– Хунзахъа Къадимухӏамадица 1886, 1902 соназда Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал (кӏиго кагъат).
– Шамилил вацгӏал Генуса Жамалудиница Мухӏамадшапигӏихъе хъварал кагътал.
– Гъазигъумекиса Жамалудин-устарасул вас Гӏабдурахӏманица 1896 соналда Мухӏамадшапигӏихъе хъвараб кагъат.
– Шамилил гьитӏинав вас Мухӏамадкамилица 1904 соналда Мадинаялдаса Генуса Жамалудинил вас Хӏусенихъе хъвараб кагъат.
– Темир-Хан-Шураса пуланав Мухӏамадгӏалица Мухӏамадшапигӏихъе хъвараб кагъат.
Жинца хъвараб кагътида жаниб гӏадин рагьуларо гьелъул авторасул пикрабиги, хьулалги, къасдалги, гӏамал-хасиятги, напсалъулаб дунялги. Гьелдаго цадахъ гьениб загьирлъун букӏуна кагъат хъвараб заманги, гьелъул хаслъиги, суалалги, гӏамал-гӏадаталги. Гьединлъидал Шамил имамасул лъималазул кагътазул къиматаб рахълъун ккола гьел рукӏин хъвараб заманалъул документалиял нугӏзаллъун. Щайгурелъул гьезул авторалги адресаталги рукӏиндал ХӀX гӏасруялъул кӏиабилеб бащалъиялда Дагъистаналдаги, Россиялдаги Гӏусмани империялдаги ккарал кӏудиял, тарихиял лъугьа-бахъиназул жигарал гӏахьалчагӏилъунги чӏагоял нугӏзаллъунги. Масала, Россиялда хутӏарал вацал Гъазимухӏамадихъеги Мухӏамадшапигӏихъеги Мадинаялдаса имамасул яс Нажабатица хъвараб кагътида руго гьадинал мухъал: «Расуласда цере чӏедал, Патӏиматул-Загьраил кӏалтӏе щведал, Бакъигӏалдехун руссиндал, Ухӏудалдехун сверидал, Хӏамзатихъ балагьидал, нижер гьабулеб дугӏаги нижер гьабулеб гьариги инсуйги нужееги буго. Аллагьас къабул гьабеги эзул хӏурматалъе гӏоло. Амин, амин. Исана эменги Мадинаялда чӏун вуго. Нужедаса ятӏалъун, кидаго чӏезе кӏвеларилан йикӏана, вацал, дун. Нужедаса ятӏалъиялъул ургъелалъ унтун йиго дун, загӏиплъунги йиго. Гьаб унтараб черхги босун, гьаб Мадинаги тун, ячӏине кӏоларого буго. Дунго аний йигониги, ракӏ нужеда аскӏоб буго, нуж рекӏелъа араб дакъикъа гьечӏо, къасиги къадги хириялщинал зияратазда нужее дугӏа гьабулей йиго. Аллагьас къабул гьабеги. Рохелгун цоцазда рихьизе хъван батаги, бусурманаб ракьалда данде гьареги».
Гьал мухъал цӏалидал, цебе чӏолеб буго рикӏкӏадаб Россиялда хутӏарал гӏазизал вацазул ургъалида йигей, гьезухъ урхъарай, Мадина-Мунаварраялда, Аварагасул ракьалда, хириял зияратазде хьвадулаго, Бетӏергьанасдаса гьезие сахлъиги саламалъиги гьарулей, гьезде хӏасрат тӏамурай къадруяй яцалъул сипат. Гьелъ нилъ тӏамулел руго пикру гьабизе имамасул рокъоб, хъизамалда жаниб букӏараб гӏумруялъулги, ахӏвал-хӏалалъулги, гьелъул вакилзабазда, хасго лъималазда гьоркьоб цоцаздехун букӏараб адаб-хӏурматалъулги, рокьулги, чӏужугӏаданалъ бихьинчиясул, яцалъ вацазул гьабулеб букӏараб кӏудияб къадруялъулги.
Балагьараб мехалда, гӏумру рагъазда, гъазаваталъул нухда аниги, кӏудияв имамас кӏвар кьолеб букӏун буго жиндирго лъималазе тарбия кьеялдеги, гьезда гьоркьоб лъикӏаб, гьуинаб гьоркьоблъи букӏинабиялдеги. Гьеб гуребдай гвангъараб мисал жакъасеб магӏарул гӏелалъе, жидерго лъималазе тарбия-лъай кьолаго, пайда босизе мустахӏикъаб. Гьеб буго кӏудияв имамасги гьесул наслуялъги нилъее тараб рухӏияб ирс!
Шамил имамасул лъималазул кагътал цӏалараб мехалда, кӏвар буссинабизе бачӏунеб буго гьезул лъабго хаслъиялде: мацӏалде, хӏасилалде ва хъвараб куц-къагӏидаялде.
Кагътазул мацӏ буго гӏажаибго бечедаб, камилаб, хъвалесул пикрабиги, мурадалги, рекӏел хӏалги, гьес абизе бокьараб жоги цӏалулесда рагӏа-ракьанде щун бичӏчӏизабулеб. Гьаниб бихьизабизе ккола Шамил имамасул лъималазул гӏумруялда жаниб аслияблъун букӏанин цохӏого цо мацӏ – рахьдал, магӏарул мацӏ. Гьайгьай, гьезда лъикӏаб даражаялда лъалаан гӏараб мацӏги, амма гьезул рекӏелъги чорхолъги бессараб, гьез пикру-хӏисаб гьабулеб, гьезда дунял бичӏчӏизабулеб, сверухъ бугеб гӏумругун гьезул бухьен чӏезабулеб алатлъун букӏана гӏагараб калам. Гьединлъидалин гьезул кагътазулъ якъинго загьир гьабун букӏин бихьулеб бугеб абизе бокьарабги, бицун бугеб бихьа-таралъул хӏакъалъулъги, мухӏканго ричӏчӏизарун ругел пикрабиги рекӏел хӏалги.
Гьелдаго цадахъ, кагътал цӏалараб мехалда, бихьулеб буго гьезул автораз жидерго каламалда жанир батӏи-батӏиял – гӏараб, гӏурус, парс, турк – мацӏаздаса росарал рагӏабиги сверелалги хӏалтӏизарулел рукӏараблъи. Хасго гӏажаиблъизе бачӏунеб буго Гъазимухӏамадил каламалъулъ гӏурус ва турк рагӏаби рукӏин. Балагьараб мехалда, Россиялдаги Турциялдаги тӏамураб заманалда жаниб гьесие лъалеб асар гьабун буго гьел улкабазул мацӏазги культурабазги.
Шамил имамасул лъималазул кагътазулъ гьединго загьирлъун буго гьел хъвараб заманги, гьеб заманалда ккарал лъугьа-бахъиналги, гьел лъугьа-бахъиназулъ гӏахьаллъарал гӏадамазул къисматги, гьезул гьоркьорлъабиги, цогидабги. Жакъа нилъеда лъаларев гӏемерав магӏарул чиясул цӏарги, гьезул къисматаздаса хӏужабиги дандчӏвалел руго гьенир. Гьеб рахъалъ гьел кагътал ккола цӏакъ къиматал тарихиял асараллъунги.
Магӏарул эпистолярияб жанралъул гвангъараб мисаллъун рикӏкӏине бегьула Шамил имамасул лъималазул кагътал хъвараб куцги, гьезул гӏуцӏиги, хатӏги. Масала, Гъазимухӏамадица Россиялда вугев вац Мухӏамадшапигӏихъе хъварал киналго кагътал байбихьулел руго гӏага-шагарго гьадин: «Хирияв вацасде Мухӏамадшапигӏихъе, ассаламу гӏалайкум», – илан. Гьес жиндир щибаб кагъат лъугӏизабулеб буго гьадинал рагӏабаздалъун: «Дунги пакъирав, дунго цохӏо хутӏарав Гъазимухӏамад», – илан. Гьеб чанго калимаялда жаниб загьирлъун бихьулеб буго гьев бахӏарчияв инсанас гъурбаталда тӏамизе ккараб апарагасул гӏумруялъул хаслъиги гьеб хаслъиялъ бижизабураб рекӏел хӏалги: Аллагьас хъвараб къадаралдаса ворчӏизе гьечӏеб ресги, рикӏкӏад хутӏараб гӏазизаб ватӏаналъухъ бугеб унтиги, рекӏелъе киданиги босичӏеб Россиялда тарав, къисматалъ тӏокӏалъ вихьизе хъвачӏев гьитӏинав вацасухъ бугеб хӏасратаб чӏалгӏенги.
«Шамил имамасул лъималазул кагътал» абураб мажмугӏ ккола цӏакъ къадруяб, хӏажатаб басмалъун. Гьениб, аслияб материалалда цадахъ, кьун руго берцин къачӏарал, къиматал сураталги цо-цо чагӏазул хӏакъалъулъ мухӏканал баяналги. Гьеб тӏехьалъ бечед гьабизе буго кӏудияв имамасул хӏакъалъулъ магӏарул мацӏалда бугеб адабият, цӏалулезе рагьизе буго Шамил имамасулги гьесул лъималазулги гӏумруялъул лъаларел тӏанчал. Гьелдаго цадахъ гьеб тӏехь ккола нилъер халкъалъул тарихалъул, гъазаваталъул рагъазул, Шамил имамасул хӏакъалъулъ хъвалезеги умумузул ирс ва гьезул бахӏарчияб къисмат хириялщиназеги пайдаяб ва багьа кӏудияб асарлъун.
Ахӏмад Муртазагӏалиев