XХӀ гӏасруялъул гӏузраби
Депрессия – унтийищ яги модайищ?Цо къоялъ гьалмагъалъ бицана жий психотерапевтасухъе ун йикӏанин ва, жиндир къварилъабазухъги гӏенеккун, гьес абунин, тохтурасухъе ячӏине дагьалъги кватӏун йикӏарайани, психбольницаялде кколаанин мун. Ахираб заманалда гӏемер ургъел гьабиялъ, ракӏбакъваялъ, нервабазул унтуца унтун йигин бичӏчӏизабун буго гьелда тохтурас. Тӏамач цӏурал дарабиги ругоан хъван, гьел дараби гьаричӏони, нервабаз батӏи-батӏиял бакӏазде кьун захӏматал унтаби лъугьине бегьулинги абун буго. Гьеб лъугьа-бахъин ккезегӏан депрессия абураб жоялъул кӏварго гьабулароан. Амма цӏех-рех гьабидал баянлъана депрессиялъ цогидал захӏматалги унтаби тӏаде цӏалеблъи.
Депрессия рикӏкӏуна XХӀ гӏасруялда бищунго тӏибитӏараб унтилъун. Кинаб букӏаниги къварилъи ккун, чорхол букӏунеб хӏалуцараб хӏалалда абула тохтурзабаз депрессияйин. Гьелъие гӏиллалъун букӏине бегьула гӏагарав чи хвей яги унти, хӏалтӏудаса нахъе къотӏи, рос-лъади ратӏалъи. Цо-цо мехалда депрессия лъугьуна кинаб бугониги унти сах гьабизе халатбахъун дараби гьекъолел ругониги.
Цо-цояз депрессия унтилъун рикӏкӏунаро, чорхол хӏал ва хасият хиси кколин гьебилан тола. Гӏемерисез абула ракӏбакъвараб яги нерваби хвараб мехалда хӏалтӏи-ишалде руссине кколин, гьеб бугин кӏвахӏаллъиялъул хасият. Гӏиси-бикъинаб захӏмалъи сабаблъун ургъаликь рукӏине бегьуларинги абун, санго гьабуларо депрессиялъул. Амма дагьабго заманалдасан яги цо чанго соналдасан гьев чи захӏматго унтизе бегьула. Хадуб щибго бичӏчӏуларого рукӏуна цӏа гӏадав гӏолохъанчиясе щибдай ккарабилан, киданиги унтун йикӏинчӏей гӏолилалъул захӏматаб унти батун бугинги абун. Гьеб гӏаламат тохтурзабаз бухьинабула депрессиялда. Нервабазул унтуца бокьараб бакӏалде кьезе бегьулелъулха цогидаб унти.
Гьанже ссиялда буго бетӏер унтаниги, сунда букӏаниги ракӏбакъваниги жидер депрессия бугин абун зигарди. Амма медицинаялъул рахъалъ хӏисаб гьабуни, депрессия ккола гӏадан жинцаго живго чӏваялдецин вачунеб захӏматаб нервабазул унти. Лъиданиги кӏалъазе бокьуларо, кванил тӏагӏам бичӏчӏуларо, дунялалъул батӏи-батӏиял квегӏенлъабаздаса рохел бихьуларо. Гьедин дунялалдаса ракӏбуссин халатбахъунеб бугони, гьеб рикӏкӏуна депрессиялъун. Амма ракӏхвей, дунял рихиялъул асар анкьидаса, букӏинего букӏинчӏеб гӏадин тӏагӏунеб бугони, ялъуни цо кинаб букӏаниги лъикӏаб лъугьа-бахъиналъ рекӏел хӏал рукӏалиде бачӏинабулеб бугони, гьеб унтилъун рикӏкӏунаро. Депрессиялъ унтарав чиясул хасият чанго моцӏалъги халатбахъуна. Психотерапевтаз гьеб психикияб унтилъунги рикӏкӏунаро. Амма кверхьвагӏун, дару-сабаб гьабичӏого тани, гьелъ квешаб хӏасилалде рачиналда хӏинкъиги буго. Хасго балугълъиялде рахарал лъималазул депрессия бугони, жинцаго живго чӏваялъул пикраби рижизе бегьула.
Гӏемерисеб мехалда депрессия букӏин чӏезабизе кӏоларо, щайгурелъул нилъер гӏадамал психотерапевтасухъе сахлъиялъул халгьабизе къанагӏат гурони унарелъул. Психотерапевтасухъе ин цо-цояз ничаб жолъунцин рикӏкӏуна. Амма жиндир заманалда тӏатинабураб унтуе дару гьабизе бигьаяб букӏуна ва цогидал захӏматал унтабаздаса цӏунула. Масала, рас хӏулулеб бугин абун трихологасухъе унев вуго унтарав, амма кигӏан гьес дару гьабуниги унти сах гьабизе кӏолеб гьечӏо. Яги чехь-бакь, рукьбигун ччорбал унтун, черх загӏиплъун тохтурзабазухъе дару гьабизе хьвадула. Гьабунщинабги дарулъуларо, щайгурелъул гьел унтаби сундаса лъугьунел ругелали пикру гьабулеб гьечӏелъул тохтурасухъе иналде цебе. Депрессия лъугьине бегьула гӏумруялда жаниб цо нухалда, дандчӏвала чанго нухалда черх хӏалуцинабулеб гьеб унтуца кӏвекӏаралги. Аслияб къагӏидаялъ депрессия лъугьуна «ракӏ тӏеренал», гӏодобе биччараб хасияталъул, яги цӏакъго «ракӏ хехал» гӏадамазул.
Депрессиялъул гӏаламаталлъун ккола: макьу тӏури, квен рихин яги цӏакъго цӏикӏкӏун кванай, чехь-бакьалъул хӏал хиси, тӏолабго черх загӏиплъи, кӏвахӏаллъи, ракӏ, кванирукъ яги ччорбал унти. Депрессия бугев чи кидаго ракӏбакъван, сундасаго ракӏбуссун вукӏуна. Гьезул рекӏелъ кидаго хӏинкъи букӏуна цо кинаб букӏаниги балагь ккелин абун. Гӏиси-бикъинабги жоялда ццим бахъуна, хехдарула, живго жиндаго рихуна, хӏалтӏизе бажаруларо, роцӏараб пикру гьабизе кӏоларо. Гьал рехсарал гӏаламатал кӏиго анкьидасаги тӏагӏунел гьечӏони, гьеб депрессиялъун рикӏкӏуна ва психотерапевтасул кумек хӏажалъула.