Редакциялде рачӏуна жиде-жидер мурад загьир гьабурал гӏезегӏанго кагътал
Хунзахъ районалъул Шототӏа росулъа Мухӏамадов Зайнудиница жиндирго кагътида борхулеб буго нилъее киназего кӏвар бугеб репрессиялде ккарал дагъистаниязул хӏакъалъулъ суал. Гьес бихьизабулеб буго гьеб балагьалде ккун, гӏайибго гьечӏого туснахъалда лъун, гӏакъуба кьурал, тӏагӏинарурал нилъер ракьцоял ракӏалдещвей мурадалда данделъаби тӏоритӏизе ва, гьезул рухӏазе шапагӏат букӏине, гьел ракӏалдещвеялъе данделъаби, мавлидал гьаризе ккелилан.
Лъалеб букӏахъе, 1930-1950 соназда Дагъистаналдаса репрессиялде ккун рачун ана 14 азарго, гьездасан политикияб гӏиллаялдалъун 7500 чи. Гьединал тадбирал республикаялъул районазда, шагьаразда гьарулелги руго. Нилъеда лъала, 1991 соналда букӏараб Дагъистаналъул халкъиял депутатазул III съездалда Советияб пачалихъалъ жиндир заманалда гьеб рахъалъ гьарурал хӏукмаби кьучӏдасанго мекъал рукӏин рихьизаруна ва репрессиялде ккарал гӏадамал ритӏухъаллъунги гьаруна. Амма гӏей гьабичӏого, гьеб ишалдехун цӏикӏкӏараб бербалагьи гьабизе нилъеда тӏадаб буго, хасго росабалъ, районазда ва шагьаразда.
Хасавюрт районалъул Сивухъ росулъ гӏумру гьабун вугев Гӏусманов Шапица редакциялде хъвалеб буго гьеб росулъа Кӏудияб Ватӏанияб рагъда цересел соназ Дагъистаналъул Верховный Советалъул депутатлъун йищун йикӏарай Мухӏамадова Эбсилатил гӏумруялъул хӏакъалъулъ баянал ралагьизе кумек гьабеян. Редакциялъ гьеб кагъат битӏун ана Дагъистаналъул централияб архивалде. Божилъи буго архивалъул хӏалтӏухъабаз кагътил авторасе ва нижее жаваб кьелин.
Казбек районалъул Гуни росулъа Хӏасанова Мариятица «Гуни росдал жакъасеб гӏумру» абураб цӏаралда нижехъе бачӏараб кагътида хъвалеб буго ахирал соназда росулъ кколел ругел лъикӏал хиса-басиязул хӏакъалъулъ. Россиялъул Бахӏарчи Арзулум Ильясовасул, росулъа рахъарал анцӏ-анцӏ гӏалимзабазул мисалалда, росдал лъималазул ахалдасан байбихьун, гӏолеб гӏелалъе рухӏияб тарбия кьун, бахӏарчиял, лъай бугел гӏолилал куцаялде кӏудияб кӏвар кьолеб бугилан хъвалеб буго гьелъ. Росулъ лъикӏлъун буго гӏадлу-низам, гӏезегӏанго хӏалтӏи гьабулеб буго нухал къачӏаялда тӏадги, жигар бахъулеб буго росдал диниял ва культурияб рукъалъул хӏалтӏухъабазги.
Редакциялде жегиги рачӏунел руго «Ахӏулгохӏ» музей рагьи лъикӏаблъун рикӏкӏун. Магӏарухъ «Ахӏулгохӏ» абураб мемориалияб комплекс баралъухъ республикаялъул бетӏер Рамазан Гӏабдулатӏиповасе кӏудияб баркалаги загьир гьабун, кагъат бачӏун буго Махӏачхъалаялда гӏумру гьабун вугев захӏматалъул ветеран, журналист Гӏиса Хӏасановас. Гьеб кколин Дагъистаналъул халкъазул щулияб гьудуллъиялъул ва хӏинкъи гьечӏолъиялъул мисаллъунин, — ян хъвалеб буго гьес.
Хунзахъ районалъул Бакьайчӏи росулъа Расулова Шагьзанатица редакциялде бачӏараб лъабго кагътида кӏвар буссинабулеб буго ахираб заманалда гӏадамал цоял хӏатталдаса ун бечелъулел, цогидал цӏакъго мискинлъулел рукӏиналде. Хӏакъикъаталдаги, гьеб буго лъикӏаб гуреб хӏужа, гьединаб бакӏалда халкъазул цолъиги цоцада ричӏчӏиги дагь букӏуна. Авторалъ жиндирго «Демократазул эркенлъи» абун цӏар тараб кочӏолъ какулеб буго улка бикъулезул къабихӏаб иш ва ракӏунтун бицунеб буго сахлъи цӏуниялъул рахъалъ республикаялда ругел гӏунгутӏабазулги гӏолилазе хӏалтӏизе бакӏал гьечӏолъиялъулги хӏакъалъулъ.
Россиялъул Журналистазул союзалъул член Шамил Мухӏидиновас «Свак лъачӏого, къокъа поэзиялъул нухде» абураб бетӏералда гъоркь бачӏараб макъалаялда бицунеб буго Хьаргаби районалъул Могьохъ росулъа Умарагьи Салихӏовалъул кучӏдузул хӏакъалъулъ. Авторас кӏудияб къимат кьолеб буго Умарагьил творчествоялъе, рагьулел руго гьелъул кечӏ хъвазе бугеб махщалил цӏиял рахъал, росу ва росдал гӏадатал цӏунизе ккеялъул рахъалъ гьелъул пикраби.
Казбек районалъул Калининаул росулъа гӏумруялъул 80 соналде вахарав Идрисов Гӏалиасхӏабица редакциялде хъвалеб буго жиндир хварав васасул вас кӏудияб налъукье ккун вукӏиналда бан, гьев хӏалтӏи балагьизе росу тун къватӏиве ине ккеялъул ва рес бугезда кумек гьарулеб буго. Тӏубанго гьеб кагъат нижеца кьолеб гьечӏо. Рес бугез гьединаб, къоккараб бакӏалде кумек гьабуни бегьилаан.
Редакциялъул рахъалдаса:
Редакциялъ ракӏ-ракӏалъулаб баркала загьир гьабулеб буго газеталде рачӏарал кагътазул, макъалабазул авторазе. Бихьулеб буго ругел гӏунгутӏабазда гьел рази гьечӏолъи ва гьел тӏагӏинариялъулъ жалгоги гӏахьаллъизе хӏадур рукӏин. Киналго кагътал газеталда кьезе рес букӏунарелъул, къокъгогӏаги гьезул хӏакъалъулъ рехсей гьабулеб буго.
Бокьилаан нужерго пикраби рицун нижехъе хадурккунги хъвадарани. Ва гьарула нужее творчествоялъулъ бергьенлъабиги щулияб сахлъиги.