«Хӏасратаб алжаналде ине цӏакъ бокьун буго…»

Исана 180 сон тӏубала цӏар рагӏарав гуржиязул жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадарухъан, шагӏир ва публицист Илья Григорьевич Чавчавадзе гьавуралдаса. 1857–1861 соназда гьев цӏалулев вукӏана Санкт-Петербургалъул университеталъул юридикияб факультеталда. Ункъабилеб курсалда вугев чи гьев гьениса нахъе гьавуна, студентазул багъа-бачариязулъ гӏахьаллъи гьабунин абун ва тӏадвуссана Гуржистаналде. 1864–1868 соназда Чавчавадзе вукӏана Типлис губерниялъул Душети уездалъул сулхӏалъул гьоркьохъанлъун, хадув, 1874 соналде щвезегӏан, гьебго уездалда сулхӏалъулав судиявлъун. Гьебго заманалда гьес цебехъанлъи гьабулеб букӏана гуржи халкъалда гьоркьоб лъай тӏибитӏизабиялъул жамагӏаталъеги. 1906 соналъул 7 апрелалда дворяназул жамагӏатазул рахъалдасан Илья Чавчавадзе вищун вукӏана Россиялъул империялъул Пачалихъияб советалъул вакиллъун.

1907 соналъул 30 августалда Илья жиндирго лъади Ольгагун цадахъ рагьараб гьакидаги рекӏун, инев вукӏана Типлисалдаса Сагурамоялде. Цицамури абураб росдада аскӏоб гьезие гъоркьчӏел гьабун батана Гигли Бербичашвили абурав хъачагъасул яргъид гӏуцӏараб къокъа. Хъачагъаз гьоко чӏезабураб мехалда, Ильяца, тӏадеги вахъун, гьезда абунила : «Дун Илья вуго, речӏчӏуге», – ян. «Мун Илья вукӏиналъха нижеца речӏчӏизе кколеб», – ан жаваб кьола Гиглица. Гьедин лъугӏана Гуржистаналъул гьайбатав вас, кӏудияв шагӏир ва хъвадарухъан Илья Чавчавадзел гӏумру. Гьесул хоб буго Типлисалда Мтацминда абураб машгьурал гуржиял рукъулеб пантионалда.

Гьитӏинго бижула Илья Чавчавадзелъ тӏахьазде рокьи, лъазабула кӏалзулаб халкъияб гьунаралъул, миллиял адабияталъул асарал, байбихьана хъвадаризе. Жеги 1857 соналдаго «Цискари» («Гвангъи») абураб журналалда Чавчавадзеца бахъана чанго гьитӏинаб кечӏ. Хадур гьесул асарал рахъулаан «Дроэба» абураб газеталдаги, «Кребули» абураб мажмугӏалдаги, жинцаго гӏуцӏарал «Сакартвелос Моамбе» («Гуржистаналъул илчи») ва «Иверия» абурал журналаздаги. 25 соналъ Чавчавадзеца нухмалъи гьабураб «Иверия» журналалда 1895–1896 соназда бахъун букӏана Сосо абурав шагӏирасул анкьго кечӏ. Гьеб тӏокӏцӏаралда гъоркь хъвадарулаан Динияб семинариялъул цӏалдохъанлъун вукӏарав Сталин.

Унго-унгоги Илья Чавчавадзел адабияб хӏаракат байбихьула Петербургалъул университеталда цӏалулев вукӏарал соназда. Гьеб заманалда гьес хъвана «Гуржи улбул», «Гурди студентазул кечӏ», «Муша», «Шагӏир», «Виччанте дун хвезе, дун хвалдаса хӏинкъуларо» абурал ва цогидалги лирикиял кучӏдул. Гьеб мехалдайин Чавчавадзеца гуржи мацӏалде руссинарурал гӏурус ва Европаялъул авторазул асарал: А. Пушкинил, М. Лермонтовасул, И. Гётел, И. Шиллерил, Г. Гейнел, Д. Байронил, В. Скоттил, А. Шельел ва цогидазулги.

Зама-заманалда гуржи газетазул гьурмазда раккулел рукӏарал жиндирго макъалабазда Чавчавадзеца цӏунулеб букӏана гуржи мацӏалъул, миллияб адабияталъул ва школалъул ихтияр, цевевахъунев вукӏана Гуржистаналда билълъанхъизабулеб букӏараб гӏурус хӏукуматалъул колониалияб политикаялде данде. Гьесул макъалабазул кӏудияб къадар сайгъат гьабураб буго адабияталъул, сангӏаталъул, халкъияб лъайкьеялъул, педагогикаялъул, халкъазда гьоркьосеб политикаялъул, социалиябгун экономикияб цебетӏеялъул ва миллияб культураялъул суалазе («Гуржи адабияталъул хӏакъалъулъ кагъат», «Акакий Церетели ва «Цӏиркъил цӏакилъ багьадур»», «Миллат ва тарих», «Педагогикаялъул кьучӏал» ва ц.).

Илья Чавчавадзел лирикаялъулъ аслияб бакӏ ккола ватӏаналде, халкъалде бугеб рокьуца. Халкъалъе хъулухъ гьабиялъулъ бихьулеб буго гьесда шагӏирасул гӏамалалъун ккураб пиша. Гьесул «программиял» шигӏрабазулъ шагӏир дандекколев вуго бецӏлъиялда жаниб халкъалъе канлъи кьолеб гӏоркьидачирахъалде («Шагӏир»). Гьес гӏемерго гӏатӏид гьаруна гуржи поэзиялъул тематикиял гӏорхъаби, гьенире жанире патриотикиял ва ватӏанчилъиялъулал пикрабиги рачун («Гуржи студентазул кечӏ», «»Кинидулаб», «Хирияб ватӏан»). Чавчавадзел лирикиял асаразул аслияб къадар сайгъат гьабураб буго социалиял ва патриотикиял пикрабигун цолъизарурал гӏагараб тӏабигӏаталъул суратал рихьизариялъе («Къварелиялъул мугӏрузе», «Гъурбаталда», «Кураялъул рагӏалда», «Алазаналде»). «Къварелиялъул мугӏрузе» абураб кочӏолъ авторас бихьизабулеб буго Ватӏаналде, гьелъул гӏадамазде бугеб жиндирго хӏасратаб рокьи, гвангъун ва гъваридго рагьулел руго захӏмат хириял гьелъул гӏадамазул сипатал. Шагӏирасул сатирикиял кучӏдузулъ («Кин букӏараб ялъуни ХӀX гӏасруялъул Гуржистаналъул тарих», «Жавабалъе жаваб» ва ц.) какулеб буго аполитикияб, кӏигьумерчилъиялъулаб, ватӏаналъул ургъел гьечӏеб, гьелдехун мугъ рехараб гуржи дворянлъиялъул цо бутӏа. Илья Чавчавадзел поэмаби («Хъачагъазул гӏумруялдаса эпизодал», «Янгъизав» ва ц.) рикӏкӏуна ХӀX гӏасруялъул гуржи эпикияб поэмаялъул бищунго лъикӏал мисалазул цояллъун. Гьенир авторас жиндир заманалъул суалазда цадахъ рорхулел руго тарихиял темабиги. Чавчавадзе рикӏкӏуна гуржи реалистикияб художествияб прозаялъе кьучӏ лъурав хъвадарухъанлъунги («Сапарчиясул хъвай-хъвагӏай», «Гьев инсангӏаги вугодай?!», «Гьардухъанасул хабар», «Отарил къоролай»).

Илья Чавчавадзел асараз кьучӏ лъуна цӏияб гуржи адабияталъе. Гьесул асарал руссинарун руго дунялалъул гӏемерал мацӏазде, гьезда гьоркьор Гӏадало Гӏалиевас магӏарулалдеги.

Кура гӏорул рагӏалда

Гьале нахъосаги согӏаб Кура гӏор

Ццидалъ унеб буго дида цебесан,

Гьелъул бубуялъулъ бихьула дида

Дирго ватӏаналъул зобалазул сас…

Нахъоги рещтӏана рекӏелъе чӏалгӏен,

Борчӏана некӏсияб ургъел каранда.

Хӏабургъун гьулчулел карачалабаз

Бачун унеб гӏадин, инагьдана гьеб.

Гьале щакдарабаз буго гӏадалнах

Нахъоги чӏинтӏулеб, тӏадеги раччун.

Басриял ругъналги руго ссудилел,

Угьдулеб каранда нахъоги цӏилъун.

Дир араб чӏаголъи чӏван лъураб гӏадин,

Дун гӏарзалда вуго карачелазда…

Огь, гьайбатаб заман! Ана мун тӏаса,

Тӏокӏаб буссинаро мун дир рекӏелъе.

Нус-нус соназ эхей унеб гьаб гӏоралъ

Хӏурлъун биххизабун тӏагӏун ана мун!

Кура гӏор, Кура гӏор, гӏолел наслабаз

Гӏинтӏамеян абе дир угьдиялъухъ!

Шагӏир

Дун хӏинчӏ гуро, гьудул, гьадинго дийго

Дица киданиги кечӏ ахӏуларо.

Копое рачунеб беричал бакънал

Бакъул дунялалда дий бегьуларо.

Гьайбатал зобаз дун вищула тӏаса,

Тӏамула жиндирлъун лъугьине халкъалъ.

Хадуб миллат цӏазе, цӏвалъун гвангъизе,

Гаргадула даим дун лъов Аллагьгун.

Гьесул кагьруялъул кутакаб цӏаялъ

Керен боркьулареб кьоларо дий къо.

Къваридаб мехалъги рохелазулъги

Халкъалдаса тӏураб тӏамуларо гӏуж.

Гӏадамазул ругъун – гьеле дир ругъун,

Гьезул гӏакъубабаз къакъала дир рухӏ.

Къвакӏараб ракӏалъул бакӏал ургъелал

Рукӏуна халкъалъул къисматгун цолъун.

Гьединлъидал, гӏодоб ракьалде лъугьун,

Боркьула дир рекӏелъ зобалазул цӏа.

Ва гьеб мехалъ кочӏол квербацӏцӏалъ дица

Бацӏцӏуна халкъалъул бадиса магӏу.

Гьумер хӏадур гьабуна

Ахӏмад Муртазагӏалиевас.