Гьезда гьоркьой йиго Дагъистаналдаса анкьго учительницаги
Совет Союз биххаралдаса нахъе исана тӏоцебесеб нухалда унев вуго Россиялъул батӏи-батӏиял регионаздаса лъеберго учитель Тажикистаналде хӏалтӏизе гӏурус мацӏалда дарсал кьезе. Дагъистаналдаса, Башкириялдаса, Татарстаналдаса, Кемерово ва Кострома областаздаса учительзабаз кьезе руго гӏурус мацӏалъул, математикаялъул, химиялъул, физикаялъул дарсал. Гьединал шартӏал Тажикистаналъул лъималазе чӏезарун руго Россиялъулги Тажикистаналъулги цадахъаб проекталда рекъон. Гьабсагӏаталда учительзаби данделъун руго Москваялда.
Гьениб хасал курсазда гьезда малъизе буго Тажикистаналъул гӏадаталги маданиятги. Дагъистаналдаса Тажикистаналде унев вуго анкьго учитель. Гьел киналго руго руччаби. Ине бокьарал гӏемер рукӏана. Гьезул къадар бахун букӏана 300-ялде. Тӏоцебесеб нухалда гьезда гьоркьоса вищана 70 учитель. Гара-чӏвариялдаса хадуб вищана анкьгояв. Щиб мурадха бугеб гьел учительзабазул, ватӏаналдаса рикӏкӏадеги ун, учительзабилъун хӏалтӏизе? Тӏоцебесеб иргаялда, доба кьезе бугеб харж гьаниб щолелдаса цӏикӏкӏараб букӏин. Гьеб битӏарабги буго. Тажикистаналъ учительзабазе кьезе буго моцӏрое анцӏила ункъазарго гъуруш. Щивав учителасе моцӏрое лъабкъоаза-азар гъуруш кьезе буго Россиялъул Лъайкьеялъул министерствоялъги.
Патӏимат Сагӏидова 15 соналъ хӏалтӏана Махӏачхъалаялъул школалда учительлъун. Гьелъие моцӏрое щолаан 18 азарго гъуруш.
— Тӏоцебесеб иргаялда, дица пикру гьабуна щвезе бугеб харжалъул. Гьединго бокьун буго хӏалтӏулеб бакӏ хисизе, батӏияб пачалихъалда хӏалтӏизе. Захӏмат буго, хъизанги тун ине. Гьенир хӏалтӏизе лъикӏал шартӏалги ратани, кинабго дие бокьухъе лъикӏги ккани, гьениве хӏалтӏизе дир росги вачӏине вуго. Гьев ккола физкультураялъул учитель, — илан бицана Патӏиматица.
Россиялъул Лъайкьеялъул министерствоялда абуна проекталда рекъон гьабулеб хӏалтӏи битӏун ккани, учительзабазул кӏиабилеб къокъаги ине бугин Тажикистаналдейилан. Гьезул къадар тӏоцебесеб къокъаялъулалдаса цӏикӏкӏараб букӏине буго. Гӏурус мацӏалда дарсал кьун бажарулел учительзаби цӏакъго дагьал руго Тажикистаналда.
— Дун разияй йиго церелъурал шартӏаздаса — цӏикӏкӏараб харж, гӏумру гьабизе лъикӏаб квартира, Душанбеялъул лицеязда бокьулеб хӏалтӏи, — йилан бицана Дагъистаналдаса гӏурус мацӏалъул учительница Загьра Асваровалъ.
Гьеб киналъулго бицунаго, Дагъистаналъул лъайкьеялъул министр Шагьгӏабас Шагьовас абуна:
— Гьайгьай, Дагъистаналдаса учительзаби Тажикистаналде хӏалтӏизе иналъе гӏиллалъун, тӏоцебесеб иргаялда, ккола доба кьезе бугеб мухь. Учительзаби разиял гьечӏо жидее республикаялда щолеб харжалдаса. Амма гьеб аслияблъун цониги учителас рикӏкӏунеб гьечӏо. Аслияблъун буго учителасе жиндирго хӏалтӏи бокьи, — йилан.
Цӏияб цӏалул соналде Россиялъ Тажикистаналъул школазе сайгъат гьабизе буго къого тонна цӏалул тӏахьазул ва пособиязул. Гьеб кинабго кьезе букӏиналъул гьабураб къотӏи-къайги буго. Гьелда гъоркь гъолбасана РФялъул Федерациялъул Советалъул бетӏер Валентина Матвиенкоца. Гьединго Россиялъ Тажикистаналда базе буго гӏурус мацӏалда дарсал кьолеб къого школаги.
Хӏакъикъаталдаги, материалияб рахъалъ мискинав учителасда кинха абилеб хӏалтӏейилан. Амма Дагъистаналъул учительзаби, жидее щолеб мухьдахъ балагьичӏого, кӏвахӏ тун, гӏетӏ тӏун хӏалтӏулел руго. Гьеб дида цӏакъго бихьана Гъуниб тӏобитӏараб магӏарул мацӏалъул учительзабазул слеталдаги. Ахӏулеб кечӏги, бухулеб къалиги, кьурдулел учительзабиги. Щвечӏел харжазул ургъелгицин букӏинчӏо. Гьединал учительзаби школазда ккун руго гӏицӏго махщалиде бугеб рокьиялъги гӏищкъуялъги. Дица дирго гьалмагъалда, Махӏачхъалаялъул цо школалъул учительницаялда гьикъана Тажикистаналде ине бокьиланищилан. Гьелъ жаваб кьуна бокьилаанин.
— Дие дирго хӏалтӏи кутакалда бокьула. Амма, лъимал кӏудиял гӏунагӏан, гӏолеб жо гӏарацги батичӏо. Дора харжал лъикӏал ругоха. Хӏалбихьизе бокьилаан, — ин абуна гьелъ.
Диеги, масала, бокьилаан. Рес бугони, щай бегьулареб. Ватӏаналда хӏалтӏун лъагӏалие щолеб буго, моцӏалъе анцӏила щуазарго гъуршил хӏисаб гьабуни, кӏинусазарго гъуруш. Добайин абуни, миллионалде гӏагарун…
Дир хӏисабалда, лъикӏ хӏалтӏизе ккани, учителасул материалияб рахъ щулияб букӏине ккола. Гӏарац гӏолеб гьечӏони, бизнесалде айилан абураб жоялъги лъиениги бигьалъи гьабуларо. Киназулго гуро бугеб махщел бизнес гьабизеги. Гьеб гьабизеги кколароан, гьабураб хӏалтӏуда рекъараб гӏарац учителасе щолеб букӏарабани. Дица гара-чӏвари гьабурал учительзабазул гӏемерисез гьенире инаанилан абуна, гӏисинал лъимал ругел гӏолохъанал учительзабаз хутӏизегӏан. Гьелгицин инаан, лъимал цадахъ рачине рес бугебани. Дир пикруялда, ватӏан рихин гуро гьеб, гьелъул гӏаксалда, гӏагараб ватӏаналдеги, вижараб ракьалдеги, тӏасабищараб махщалидеги ритӏухъаллъун рукӏиналъ школазда жеги хутӏун ругел учительзабиги ккола жакъасеб заманалъул багьадурзаби.
Шамай ХЪАЗАНБИЕВА