Учителасул харж

Парламенталъул данделъиялда бицине буго цӏалдохъабазул сахлъиялъулги учительзабазул гӏарцулги хӏакъалъулъ

Цӏияб цӏалул соналде хӏадурлъиялда бан, улкаялъул хӏукуматалъ тӏобитӏараб данделъиялда РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъ бицана лъайкьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул харжазул хӏакъалъулъ.

Министралъул баяназда рекъон, 2018 соналда 11,6 проценталъ цӏикӏкӏана школалда цебесеб лъайкьеялъул идарабазул педагогазул харжал: 2017 соналда гьезул гьоркьохъеб харж букӏана 29,3 азарго гъуруш, 2018 соналда гьезие щола 32,7 азарго гъуруш. Гӏаммаб лъайкьеялъул идарабазул хӏалтӏухъабазул харж январалдаса июналде щвезегӏан цӏикӏкӏана ичӏго проценталъ: гъоркьиса букӏана 38,6 азарго гъуруш – исана щола 42,2 азарго гъуруш. Школалда тӏадехунисеб лъайкьеялъул хӏалтӏухъанасул харж цӏикӏкӏана 20,7 проценталъ (2017 с. – 32,9 азарго гъуруш ва 2018 с. – 39,7 азарго гъуруш). Лицеязул мастерасегун преподавателазе исана щолеб буго 41,2 азарго гъуруш (цӏикӏкӏана 16,4 проценталъ).

Амма хӏукуматалъул хӏисабал ритӏухълъичӏо Гӏаммаб Россиялъул халкъияб фронталъ тӏобитӏараб цӏех-рехалъул баяналгун. Гьелъул хӏаракатчагӏаз абулеб буго, РФялъул 65 регионалда тӏубазабун гьечӏин президентасул «маялъул» указ. Гьезул баяналги кьочӏое росун, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул председатель Вячеслав Володиница лъазабуна парламенталъул данделъиялда цебелъезе бугин учительзабазул харжазул хӏакъалъулъ суал. Гьелъие гӏиллалъун ккана РФялъул Пачалихъияб Думаялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги комитеталъул председатель Олег Смолиница Думаялда гьабураб кӏалъайги. Гьес бицана учительзабазул хӏакъикъиял харжал дагьал рукӏиналъулги цӏалдохъабазул сахлъи загӏиплъиялъулги хӏакъалъулъ.

Цӏалдохъабазул сахлъиялъул хӏакъалъулъ бицунаго, Олег Смолиница рехсана Россиялъул бетӏерав психиатр Зураб Кекелидзеца кьурал баянал. Гьезда рекъон, сахлъи загӏиплъун буго лъималазул ахикье хьвадулел цӏалдохъабазул 60 проценталъулги школалъул цӏалдохъабазул 70-80 проценталъулги. Парламентариясул пикруялда рекъон, «Лъайкьей» абураб миллияб проекталде тӏаде жубазе ккола жеги лъабго федералияб проект: цӏалдохъабазул сахлъицӏуниялъулги, педагогасул къадру борхизабиялъулги, лъайкьеялъул рахъалда бюрократизация тӏагӏинабиялъулги хӏакъалъулъ.

Вячеслав Володиница абуна, гьел масъалаби ругин улкаялъе цӏикӏкӏараб кӏвар бугел ва гьел парламенталда гьоркьор лъезе кколин. «Щайгурелъул заман щун буго масъалаби лъеялдаса гьел тӏуразариялде гали тӏамизе», — ян абуна гьес.

Кӏиго МРОТалда бащад гьабизе ккола

Гӏагараб заманалда жаниб Пачалихъияб Думаялъул депутатал Олег Смолиницаги Николай Коломейцевасги парламенталъул гъоркьияб палатаялда загьир гьабизе буго педагогиял хӏалтӏухъабазул ставкаялъухъ регионалда бугеб МРОТалъул кӏиго бутӏа букӏине кколин абураб пикру.

«Учитель» абураб профсоюзалъ 2018 соналъул маялдаго хӏадурана ва РФялъул президентасда цебе бугеб инсанасул ихтиярал цӏуниялъул советалде битӏана педагогазул моцӏрол харжал кьеялъул къагӏида камилгьабиялъул хӏакъалъулъ жидерго пикру. Гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб къагӏидаялда рекъон, учителасе харж кьола гьес кьолел дарсалги гьелде тӏадеги гьабулеб хӏалтӏул хӏисабги гьабун. Гьелъул квешаб рахълъун депутатаз рикӏкӏунеб буго, цӏикӏкӏараб харж щвеялъул мурадалда, учителас гӏемераб хӏалтӏи жиндаго тӏаде босиялъул хӏасилалда, цӏалдохъабазе щолеб лъай хашлъулеб букӏин. Кӏигогӏанасеб ставкаги букӏун, хӏалтӏулев учителасе рес щоларо щвалде щвараб лъай кьезе, амма гьеб къагӏидаялъ хӏакимзабазе рес кьола моцӏрол харжал цӏикӏкӏинарун ругилан хӏисабал кьезе. Гьебго гӏиллалъун ккола махщел камилал учительзаби школалдаса нахъе иналъе.

Рехсараб профсоюзалъул сопредседатель Всеволод Луховицкияс гьадин бицунеб буго жидеца кьураб проекталъул хӏакъалъулъ: «Нижеца гӏемераб хӏалтӏи гьабуна, гьеб проект хӏадурулаго. Россиялда аслияб масъалалъун хутӏулеб буго учителасул харж дагьаб букӏин. МРОТалдаса дагьаб харж учителасе кьезе гьукъун буго, гьелдаго цадахъ лъазабун буго гьеб регионалда бугеб гьоркьохъеб харжалда бащалъизабеян. Амма гьеб гьабула гъирабазабиялъул бутӏаялдасаги тӏаде кьолеб цогидаб гӏарцул кумекалдалъунги. Гьеб бокьараб заманалда кьечӏого тезе ихтиярги буго. Нижер пикруялда рекъон, учителасул аслияб хӏалтӏухъ кьезе ккола гьесие мустахӏикъаб мухь: анкьида жаниб гьес кьолеб 18 дарсихъ. Гьабсагӏаталда педагогал хӏажаталлъун кколел руго, лъикӏаб харж щвеялъул мурадалда, 1,5-2 ставкаялда хӏалтӏизеги ишцоясул бакӏалда дарсал кьезеги. Гьелъ хашлъизабулеб буго лъайкьеялъул гӏаммаб даражаги», — ян.

Педсовет.орг сайталдаса босараб