Нижер хӏикматай Гӏазра
Гьадинал гӏадамазул рухӏияб берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял…
1 октябралда 60 сон бала нижер кӏудияй яц, лъикӏай гьалмагъ, 25 соналъ «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда кассирлъун хӏалтӏулей йигей Гӏазра Хӏамзатовалъ. Газеталъул коллективалъул рахъалдасан ракӏ-ракӏалъ баркулеб буго гьелда гьайбатаб юбилей. Хӏурматияй Аза! (нижеца гьедин абула Гӏазрада). Гьарула дуе халатал саназул сахаватаб гӏумру. Гӏумруялда гӏаданлъиялъулги намусалъулги месед бекьараллъун ратаги дуе къисматалъул хадусел свералабиги. Рарал санал — гьел ккола нилъер щивасул гӏумруялъул матӏулъун. Биччанте дур матӏу кидаго гвангъараб, жинда цониги ланг гьечӏеб букӏине. Гьеле гьеб ккола дур къисматалъул борхалъиги. Чанги захӏмалъаби-къварилъабиги нахъа тун ратила дуца, гьеб борхалъиялде яхунаго. Жакъа мун йиго гьеб борхалъиялъул тӏогьий, араб гӏумруялъул хивалазда… Нух битӏаги дуе, нижер хӏикматай Аза, гӏумруялъул хадусел рорхалъабазде.
Рухӏияб берцинлъиялъ хвасар
гьабулеб батила дуниял
Кигӏан бокьаниги руго дунялалда лъикӏал гӏадамал. Ралагьея сверухъе. Унго-унгоги ракӏ бохуларищ, гьезда берчӏвайдал? Гьезул баракатцин гуребдай щибаб къоялъ нилъее гьимулеб бакъги бакъул чӏоралгун цадахъ нилъехъе талихӏ рещтӏинги. Рогьалил щубилъан гӏурччинаб гӏидраги гьимула нилъее. Гӏидраялда рижарал кьер-кьерал тӏугьдузги салам кьола, рекӏелъ рещтӏараб савуги биун уна, лъикӏал гӏадамал рихьидал. Тӏубараб къоялъ, кигӏан хӏалтӏаниги, свакги лъаларо, къварилъабиги кӏочона, гьезул гьурмада гьими бихьидал. Гьеле гьединал гӏадамазул сабруялъги, хӏеренлъиялъги, недегьлъиялъги, цоцаздехун бугеб тӏалаб-агъазалъги баччун буго дунял. Гьез нилъеда аскӏоса хъамула пашманал пикраби, къварилъиги кӏочон тола, гьелгун ругебгӏан мехалда.
Дир гӏумруялъулъги хасаб бакӏ
ккола Гӏазраца
Гӏумруялъ дие гьабураб сайгъатлъун рикӏкӏуна дица Гӏазралгун лъай-хъвай ккей. Гьеб букӏана ункъо соналъ цебе. Дун хӏалтӏизе лъугьана «Хӏакъикъат» газеталъул мухбирлъун.
Ракӏалда буго, мунищ нижер цӏияй хӏалтӏухъаниланги абун, гьей дир кабинеталде яккун ячӏараб къо. Гӏажаибаб, рекӏелъе бортулеб гьимиялъ цо хӏикматаб гогьарги рещтӏинабун букӏана гьелъул гьурмада. Гьеб къоялъ гӏемераб хабар бицана нижеца. Рукӏуна гӏадамал, нилъерго ругониги, чияр ругеланищан ккарал, рукӏуна, чияр ругониги, нилъерго ругеланищан ккаралги.
Гьеле гьединай гӏагарайлъун лъугьана диеги Гӏазра. Умумузул гӏакъиллъиялдаса ккола гьаб ирсги — рукӏуна гӏадамал, жал дандчӏвани, цогидазе нухбитӏи кьолел, цо-цо чийин абуни, берчӏван вихьизегицин вокьуларев. Гьелда дун божула. Радалго Гӏазрада берчӏвани, къоялъго битӏула дие нух, пашманлъиялдаги ракӏалдецин кколаро аскӏобегӏан къазе, гьелъул гьимиялъ салам кьедал. Анкькьераб нургицин рещтӏун батилин гьелъухъилан кколеб асар гьабула рекӏее.
Сундулго агъазалда йикӏуна гьей. Масала, дир кабинеталда ругел лъалъачӏого хутӏарал тӏугьдулги рихьула гьелда. Къечарал гьезие лъимги босун, тӏаде щола Гӏазра, дие бадирчӏваялги гьарулаго. Ракъарал хӏанчӏазул чӏирчӏириги, катитӏанчӏазул мимидиги, лъехъ гӏашикъал макказул гъургъургицин рагӏула гьелда.
Цо къоялъ хӏалтӏуде кватӏун ячӏарай гьелъ абуна, рукъ сверун къараб чали тун, къватӏибехун сардилъ жиндаго мимиди рагӏараб катитӏинчӏ хвасар гьабулей йикӏанилан. Щибаб къоялъ къалъул гӏужалда, къаде кваназе щведал, Гӏазра сверун ккола кутузги хӏанчӏазги. Гьелъухъа кидаго камуларо жиндир цӏобалде ккарал гьезие босараб квенги. Хӏикмалъи гьечӏищха, Гӏазра гьечӏел къояз, гьелъул «гьудулзаби» гьенире рачӏунаро, нижеца кьураб квенги сан гьабуларо.
Гьединал ишазухъ гьелъие, гьай-гьай, кьеларо пачалихъияб премияги цогидал шапакъаталги. Конкурсалда бергьанин абурал дипломал-грамотабиги щвеларо гьелъие.
Амма нижер Азал буго кӏудияб, сахаватаб ракӏ. Гьеб гӏола сверухъ гӏумру тӏегьазеги, ракьалда толел ругел лъалкӏал гвангъизеги, цогидазе талихӏалъул къатӏраби рикьизеги.
Къисматалъул свералабазда
Гьаюна Гӏазра Цӏумада районалъул Хуштада росулъ 1958 соналъул 1 октябралда. Гӏагараб росулъ школаги лъугӏизабун, гьей цӏализе лъугьана Махӏачхъалаялда бухгалтеразул курсазде.
Гьелдаса хадуй 15 соналъ хӏалтӏана ГОСснабалда. 1993 соналдаса нахъе хӏалтӏулей йиго «Хӏакъикъат» газеталъул бухгалтериялъул кассаялда. Рос Гъазиявгун цадахъ гьелъ гӏезабуна ункъо лъимер-лъабго ясги цо васги. Вас Шамилица лъугӏизабуна Дагъистаналъул техникияб университет. Хӏалтӏулев вуго «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталда. Гьесул руго кӏудадал Гъазил цӏар лъурав васги яс Патӏиматги.
Цӏикӏкӏарай яс Гӏайшатица лъугӏизабуна Дагъистаналъул пачалихъияб педуниверситет. Хӏалтӏулей йиго гӏагараб росдал хъутаналъул школалда учительлъун. Гьелъул рос Закариги хӏалтӏулев вуго гьебго школалда математикаялъул учительлъун. Гьез гӏезарулел руго яс Фатимаги вас Зайнулгӏабидги. Яс Зулфияги ккола географиялъул учитель. Рос Шамилгун цадахъ гӏезабулеб буго кӏиго лъимер — вас Хӏажи, яс Хатидже.
Цоцазе гьара-рахьи гьабулелъул, нилъеца бищун цебе абула лъималазул бадисан гьимаги талихӏилан, гьезул рухӏел бихьугегийилан.
Гьекъезе ккана Азацаги къисматалъул кьогӏаб лълъар. Битӏун гӏумруялъул гӏидраялда тӏегь балеб гӏужалда, гьелъулгун къо-лъикӏ гьабуна Азал яс Патӏиматица — авариялъул хӏасилалда гӏумруялдаса ратӏалъана гьейги гьелъул росги. Бакъвана Гӏазрал рекӏелъ тӏегьан букӏараб ункъо тӏогьол цояб. Амма гьей къуркьичӏо къисматалъе. Кӏвар кьезе кколаан ясалъ нахъе тараб хазинаялде — гӏумруялде тӏовитӏизе кколаан гьелъул вас Асадулагь. Гӏуна гьевги кӏудияв. Цӏалулев вуго микьабилеб классалда.
Талихӏаб хъизамалъул бетӏер, Азал гӏумруялъул гьудул Гъазиги ккола учитель. Гьев хӏалтӏулев вуго Махӏачхъалаялъул № 29 школалда.
Ракьалда толел ругел лъалкӏал
Цӏалдолел хӏикмалъизе бегьула макъалаялда бицен гьабулей Аза гӏадатал гӏадамазда гьоркьоса йикӏиналда. Аслияб къагӏидаялда газетал-журналаздасан бицунелъул кӏудиял хъулухъазда ругел машгьурал гӏадамазул хӏакъалъулъ. Амма нилъер, магӏарулазул, газеталъ гьеб низам некӏого хвезабуна. Гӏемер хъвала нижеца гӏадатиял гӏадамазул хӏакъалъулъ. Гьединазул цояй ккола нижер Азаги.
Аза гӏадазул рухӏияб дунялалъ кӏигъеж гьабун раччун рукӏуна гӏумруялъул захӏмалъабиги къварилъабиги.
Гьале гьадинал гӏадамазул рухӏияб берцинлъиялъул хӏакъалъулъ абун батила гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Ф. М. Достоевскияс:
— Берцинлъиялъ хвасар гьабила дунял,- илан.
Шамай Хъазанбиева