Лъимал чияраллъун рукӏунаро

Гьабураб лъимер рехун тезе ккани, кинаб ракӏ букӏине кколеб?

Кьогӏаб хӏакъикъат

Махӏачхъалаялъул Гӏахъушиясул къотӏноб бугеб № 34 минаялда аскӏоб, кьишни жанибе базе лъураб къолода гӏагарлъухъ, къаси сагӏат 11 тӏубараб заманалда, Хӏусенова Хадижатида батун буго, чӏартилъ жемараб, гьанжего гьанже гьабураб лъимер. Лъимадул гӏодулеб гьаракь рагӏун тӏаде ккун йиго Хадижат. «Хехаб кумекги» ахӏун, лъимер больницаялде (ДРКБ) щвезабуна, ва тохтурзабаз абуна, хинаб заман букӏиналъ, чӏаго хутӏун бугин гьитӏичилан.

Махӏачхъалаялда ккана гьадинабги лъугьа-бахъин. Кьишни рехизе арай гӏаданалда рагӏун буго лъимадул гӏоди. Халгьабидал, къвачӏинибги лъун, кьишни балелъубе рехун батун буго лъабго къо бараб лъимер. Хӏисаб гьабидал, гьитӏичица гьениб бан буго чанго сагӏат. Больницаялде бачиндал, тохтурзабаз васасда цӏарги лъуна Ражаб абун.

Пуланай гӏаданалъ, чӏартилъги жемун, лъимер нухлул ракьанде рехун тана. Гьеб хӏужа бахъун буго гьениб аскӏоб букӏараб тукада лъураб видеокамераялъ. Хасавюрталъул полициялъулаз ялагьулей йиго къотӏнобе лъимер рехарай гӏадан.

Гьел къабихӏал ишазда бан, социалиял гьиназдасан жидерго пикрабиги загьир гьарулел руго гӏадатиял гӏадамаз. Масала, гьадин хъвалеб буго гьез: «Толеб батани, лъимер те лъил бугониги рукъалъул кӏалтӏагӏаги», — ян. «Лъимер рехун буго рогьо бахчизелъун. Хӏакъикъияб рогьойин абуни ккола гьедин лъимер рехи», — ян. «Хасал бакӏал рагьизе ккола лъимал тезе. Бакӏ-бакӏалде рехун толезе гьелъул кӏварги букӏунеб батиларо. Амма инсанасул гӏумру хвасар гьабизе рес букӏинаан», — ян.

Гӏанкӏуялдагӏанги

гӏакълу гьечӏей

Гӏалимзабаз гьарурал цӏех-рехаз чӏезабуна хӏайваназда ва хӏанчӏазда гьоркьоб бищун гӏакъликъаблъун гӏанкӏу кколилан. Амма къурущалъ, кигӏан кӏудияб хӏинкъи жиндир гӏумруялъе бугониги, тӏанчӏи цӏунула. Гьедин батани, жиндаса тӏураб гьан, бакъ-моцӏлъун Аллагьас кьураб лъимер рехун толей «эбел» гӏанкӏудагӏанги гӏакълу гьечӏей гӏадан кколей йиго. Гьоркьоб заман индал, гьединазул цо-цоял лъугьуна рехун тараб лъимер балагьизе, жидеда гӏайиб букӏинчӏолъи чӏезабизе. Амма, «араб батуларо, тараб щоларо». Гьелъул бицунеб цо мисалги бачина. «Бахӏарго херайилан» гӏадамаз цӏар лъурай Аминатица бицана: «Ячинилан рагӏиги кьун, рокьи ккарав васас, жиндиего бокьараб щвезегӏан, гуккана дун. Лъимер ккун букӏин бициндал, гьев тӏагӏана. Дида лъалаан гьеб рогьо тӏатани, инсуцаги вацазги дун чӏвалейлъи. Гьабизе жо тӏагӏарай дица, чӏарахъаналъухъе ун, вас гьавуна ва гьебго сордоялъ гьев больницаялъул нуцӏида аскӏов лъуна. Гьоркьоб заман иналде, дие «жужахӏалъул» нуцӏа рагьана. Эбелалда кодоб лъимер бихьидал, гьелегьунаан каранда цӏа, васандулев вас вихьидал, магӏица цӏолаан берал, школалде-нахъе унев цӏалдохъан дандчӏвани, ахцан лъугьуна дун. Чан нухалъ хӏалбихьараб дунго дицаго чӏвазе, кӏвечӏо. Дица гьабураб ахӏмакъаб ишалда рекъараб гӏадлу гьабуна Аллагьас, дун ккола я хъизан-рукъ гьечӏей, я лъимал гурей янгъизай гӏадан», -илан.

Мисал босизе рекъараб

лъугьа-бахъин

Тӏадагьаб гӏакълу-пикруялъул ясал кантӏилародай абураб хьулалъ, бицине бокьун буго цо чӏужугӏаданалъул бахӏарчияб ишалъул хӏакъалъулъ.

Китаялдаса Лю Сяу Иница бана 88 сон. Гьей йикӏана кьишни бакӏарулей гӏадан. Язихълъиялда йикӏаниги, гьелъ гьабуна дунялалда тӏад инсанас къанагӏатги гьабуларебгӏан кӏудияб бахӏарчияб иш. Кинабго байбихьана 1961 соналда. Кьишни балеб къолониб гьелда батана лъимер. Китаялда гьеб къанагӏатаб лъугьа-бахъинлъун кколаро. Доб къоялъ Люйида лъимер рехун тезе кӏвечӏо, гьеб рокъобе бачана. Росасги дагӏба гьабичӏо, жидерго бугеб язихъаб гӏумруялъухъ балагьичӏого, лъимер хвасар гьабуна ва гьеб жидергояб гӏадин хьихьана. Кватӏичӏого Люйида батана кӏиабилебги лъимер, хадуб цоги, жеги цоги лъимер… Лю, гӏадатияй кьишни бакӏарулей гӏадан, дагь-дагьккун яхъана лъимал гӏемерай эбеллъун. Люйие росасги жигаралда кумек гьабулаан, амма цо къоялъ гьев хвана. Бахӏарчияй китаялъулай къуркьичӏо, гьелъ, цебего гӏадин, рехун тарал лъимал хвасар гьарулаан. Люйица лъиданиги бицунароан жинцаго гьабулеб ишалъул хӏакъалъулъги, къанагӏатав чиясда гурони лъалароан гьелъул рокъоб лъугьа-бахъунебги. Гьелъ жиндирго гӏумру чияр лъималазе къурбан гьабуна. Тӏолабго харж гьезда тӏад хвезабулаан. Кӏиго-лъабго къоги букӏунаан жийго якъун хутӏараб, амма лъимал гьелъ кваназарулаан. Гӏумруялда жаниб гьелда батана ва гӏезабуна 30 лъимер.

Ахирисеб лъимер гьелда батана больницаялде ккелалде моцӏалъ цебе. Лъимер букӏана кьер хисун, шекъер букӏана къотӏун, амма гьитӏичалъ хӏухьел цӏалеб букӏана. Лъимерги каранде къан, Лю больницаялде гӏедегӏана. Тохтурзабазда кӏвана гьеб хвасар гьабизе. Гьанже хабалъе бох бортарай Лю лъималазда хадуй хьихьардилей йиго, хасго исана школалде ине кколев васасда хадуб букӏуна гьелъул ракӏ. Амма жакъа гьелда ургъел чӏвазе кколаро, гьелъул бахӏарчияб ишалъул хӏакъалъулъ лъайдал, Китаялъул хӏукуматалъ тӏаде босана щибаб лъимадуе кумек гьабиялъул жавабчилъи: гьезие рукъ кьезе ва гьел цӏализаризе. Жакъа Лю парахатго йикӏине бегьула. Гӏемерисезе балагьизецин бокьулеб букӏун батиларо кьишни бакӏарулей Люйихъ. Лъалеб букӏарабанищха гьезда Люйил хӏакъалъулъ, гьайгьай, гьел батӏиял бераз ралагьилаан гьелъухъ. Кьишни бакӏарулел ва къватӏал рацӏцӏунел чагӏи рихьидал, ракӏалдещвезае Лю Сюу Ин. Ратӏлихъ балагьун кьоге гӏадамазе къиматги. Гьезул каранлъги букӏине бегьула гӏатӏидаб ракӏги бахӏарчияб рухӏги.

Нури Нуриев