Дагъистаналъул бетӏерас тӏобитӏараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гӏадамал гочинариялъул хӏакъалъулъ республикаялъулаб программа гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ
Данделъиялда кӏалъалаго, ДРялъул ралел бакӏазул ва ЖКХялъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гӏемертӏалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикӏкӏун буго гӏаммаб къагӏидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб 255 мина.
Программа гӏумруялде бахъинабулаго, тӏурачӏого хутӏун руго гӏезегӏан масъалаби. Масала, Махӏачхъалаялда рарал минабазухъе рачун гьечӏо коммуналиял мухъал, лъугӏун гьечӏо гьел газалдалъунги, токалдалъунги, лъедалъунги хьезариялъул ишал. Гьединго хӏадурун гьечӏо хӏажатал документал», — ан.
Гьес бицана Дербенталда бугеб хӏалалъул хӏакъалъулъги. Гьенир гӏунгутӏаби ратун рукӏана 299 квартираялда. Кинабниги гочинабуна 410 хъизан ва жеги гочинабизе буго 485 хъизан. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъун буго 108 квартира, жеги ремонт гьабулеб буго 91 квартираялда.
Республикаялъулаб программа гӏумруялде бахъинабиялъе квалкваллъун данделъиялда рехсана минаби ралел компаниязе цебеккунго гӏарац рехи. «Гьединаб къагӏидаялъе ахир лъезе буго. Гӏадамалги хӏукуматги махсараде ккурал чагӏазул рахъалъ уголовнияб кодексалда рекъонкколеб тамихӏги гьабизе буго. Цӏогьодаралъухъ гӏарац кьезе гьечӏо бюджеталдаса. Гьелъухъ жавабги кьезе буго тамихӏалде цӏарав чияс. Гьабичӏеб хӏалтӏухъ гӏарац босун буго. Гьеб босараз кьела гьелъул жавабги», — ян лъазабуна республикаялъул бетӏерас, данделъиялъул хӏасил гьабулаго.
Владимир Васильевас Малик Баглиевасда гьикъана, ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏуларел застройщиказул сияхӏ бугищ духъилан. Бугин жаваб кьуна министрасги. «Гьеб ракӏбацӏцӏадго хӏалтӏулел компаниязул сияхӏги бахъизе ккела къватӏибе. Гӏадамазда лъазе ккола, лъида божилъи гьабизе бегьулебали. Цоги нухалда такрар гьабила: бюджеталдаса цо гъуруш кьезе гьечӏо; гӏарац бахъизе буго гьеб бикъарал гӏадамазухъа. Дагъистаналъул халкъалда цебе жидерго гӏайиб букӏиналъе мукӏурлъарав чиясдехун букӏине буго гьелда рекъараб бербалагьиги», — ян бицана Васильевас.