13 къватӏги къачӏазе буго
Махӏачхъалаялъул къватӏал къачӏалаго, тӏокӏлъизабуна 33 млн гъуруш
«Хӏинкъигьечӏел ва лъикӏал нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, тахшагьаралда къачӏана къватӏал. Гьеб хӏалтӏи гьабулаго, тӏокӏлъана 33 млн гъуруш. Гьелъухъ жеги къачӏазе буго Махӏачхъалаялъул 13 къватӏилан бицана ДРялъул хӏукуматалъул председателасул заместителасул ишал тӏуралев Рамазан Жапаровас. Къватӏал къачӏан рахъинаризе ккола 20 октябралде.
ДРялъул бетӏерасе хӏисаб кьолаго, Жапаровас бицана, рехсараб федералияб проекталде бачӏун букӏанин 765 млн гъуруш (гьеб проект гӏумруялде бахъинабиялъе кьезе буго кинабниги 1,5 млрд гъуршидаса цӏикӏкӏун гӏарац). «Гьеб гӏарцухъ исана къачӏазе ракӏалда букӏана нухазул 126 километр (шагьаралъул 99 къватӏги шагьаралде рачӏунеб микьго шагьраги). Гьеб хӏалтӏи лъугӏизабизе ккола тӏоцебесеб ноябралде щвезегӏан. Гьабсагӏаталда къачӏан бахъинабизе ккола гӏицӏго 10 къватӏ, хӏалтӏул 66 процент гьабун бахъун буго гьенибги.
«Нижехъа бажарулаан хӏалтӏи цебего лъугӏизабизе, амма ракӏалда гьечӏелги масъалаби тӏуразе ккана. Масала, Автомобилистазул къотӏнор лъезе ккана 500 метралъул манзилалда цӏиял рогӏрал. Юсуповасул къотӏноб, гӏадамазул гьариялда рекъон, хисана басрияб лъел рогӏоро (380 метр халалъуда бугеб). Риххизе ккана цо-цо бакӏалда изну гьечӏого ран ратарал бакӏал, гьарурал гӏисинал ахал. Гьез квалквал гьабулеб букӏана хӏалтӏизе», — ян бицана Жапаровас. 20 октябралде къачӏан рахъине руго шагьаралде рачӏунел шагьранухалгиян тӏаде жубана гьес.