Рокьула цӏализе Расулил кучӏдул
«Хӏакъикъат» газеталъ лъазабун букӏана магӏарул мацӏалда кучӏдул рекӏехъе рикӏкӏиналъул къец
Гьал къоязда жюриялъ, анкьго номинациялда рекъон, Расул Хӏамзатовасул кучӏдул рикӏкӏиналъул къецазул хӏасилал гьаруна:
1) Шагьаралъул цӏалдохъаби.
2) Росдал цӏалдохъаби.
3) Студентал.
4) Школалде инчӏел лъимал.
5) Чӏахӏиял.
6) Редакциялъе рекӏее гӏурал.
7) Лайказул (интернеталдасан гьаркьал кьей) къадаралъухъ балагьун.
Конкурсалъул жюриялда рукӏана магӏарулазул шагӏир, Дагъистаналъул культураялъул мустахӏикъай хӏалтӏухъан Тубхӏат Зургьалова, Дагъистаналъул мустахӏикъав артист, Магӏарул театралъул актер Мухӏамад Гӏабдулатӏипов ва «Хӏакъикъат» газеталъул хӏалтӏухъан Шамай Хъазанбиева.
Къецазул хӏасилазул хъвалалде, бокьун буго, кучӏдул рикӏкӏунелъул, рукӏарал цо-цо гӏунгутӏабазул бицен гьабизеги. Тӏоцебесеб иргаялда, кечӏ рикӏкӏине кколаан шагӏирасул рахьдал, ай магӏарул мацӏалда. Кӏиабизе, лъаларо лъимал учительзабазищ яги улбузищ хӏадурун рукӏаралали. Кверал цӏакъго гӏемер, ай кколарелъурги хьвагӏулел рукӏана. Лъабабизе, Расулилиланги абун, батӏиял авторазул кучӏдулги рикӏкӏунел рукӏана. Гьединго, рикӏкӏунел рукӏана жидецаго шагӏирасде гьарурал кучӏдулги.
Ахиралдаги абизе бокьун буго гьадин: лъималазе кучӏдул тӏасарищулелъул, хӏисаб гьабе, хӏурматиял чӏахӏиял, гьезда кочӏол магӏна бичӏчӏулеб бугищ яги гьечӏищали. Гӏенеккаразда гьеб бичӏчӏула. Кечӏ рекӏехъе цӏаланиги, бихьулеб букӏана цо-цо лъималазда гьелъул магӏнацин бичӏчӏулеб гьечӏолъи. Амма ниж кутакалда рохана конкурсалда гӏахьаллъараздаса. Бихьулеб букӏана гьезие магӏарул мацӏги, тарихги, адабиятги бокьулеб букӏин. Конкурсалда гӏахьаллъаразул къадарин абуни, бахана 81 чиясде. Гӏаммаб къагӏидаялда босани, жюриялъул членалги редакциялъул хӏалтӏухъабиги рази хутӏана гьездаса. Гьединлъидал газеталъ жеги-жегиги тӏоритӏизе руго гьадиналго конкурсал. Бокьилаан нужеца гьенибги гӏахьаллъи гьабунани.
Хӏасилаздаса киналго рази рукӏунареблъиги лъала. Кин букӏаниги, киназго дандбан, гьаруна хӏасилал. Гъоркьехун кьолел руго бергьаразул цӏаралги:
Тӏоцебесеб номинация — Юсуфов Юсуф, Хасавюрт шагьаралдаса 4 классалъул цӏалдохъан; Зайнулгӏабидова Патӏимат, Махӏачхъала шагьаралъул №61 школалъул 4 классалъул цӏалдохъан.
Кӏиабилеб номинация — Рамазанов Рамазан, Гъуниб районалъул Чӏохъ росдал школалъул 11 классалъул цӏалдохъан; Мухӏамадова Хадижат, Гумбет районалъул Мелъелтӏа росдал школалъул 11 классалъул цӏалдохъан; Гӏабдулаев Абубакар, Унсоколо росдал №1 школалъул 3 классалъул цӏалдохъан.
Лъабабилеб номинация — Гӏубайдулаев Нурула, Астраханалъул мединституталъул студент, Цӏумада районалъул Хъварши-Хонох росу.
Ункъабилеб номинация — Гъазихӏмаева Фатима, Гумбет районалъул Ингишо росу.
Щуабилеб номинация — Мухӏамадова Хатимат, РГВКялъул журналистка, магӏарул мацӏалда кьолеб «Гӏаданги. Гӏамалги. Заманги» передачаялъул автор.
Анлъабилеб номинация — Гъазихӏмаев Гъазимухӏамад (2 сон), Гумбет районалъул Ингишо росу.
Анкьабилеб номинация — Чинтилова Патӏимат, Махӏачхъала шагьаралъул №9 лицеялъул 4 классалъул цӏалдохъан.
Конкурсалда гӏахьаллъаралщиназе кьезе руго баркалаялъул кагътал. Бергьаразе шапакъатал кьезе руго ноябралъул байбихьуда. Киназдаго мухӏканго лъазабизе буго гьеб къо.
Баркала киназего!
Шамай Хъазанбиева