Ахир-къадги…

Дело битӏизе буго Россиялъул цӏех-рехалъулаб

комитеталъул (СКР) централияб аппараталде

РФялъул цӏех-рехалъул комитеталъул (СКР) Дагъистаналда бугеб цӏех-рехалъулаб управлениялъул председатель Сергей Дубровиница лъазабуна, 17 сон барав Наби ва 19 сон барав Хӏасанхӏусен Хӏасанхӏусеновал чӏваялда бан рагьараб уголовнияб делоялъул цӏех-рех гьабизе бугин Москваялда. Гьедин гьабиялъе гӏиллалъун ккана 24 сентябралдаса нахъе Хӏасанхӏусеновазул эбел-эмен тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъин. Гьез тӏалаб гьабулеб букӏана ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасулгун дандчӏвай.

Тӏоцебесеб октябралда гьезул рахъккун майданалде вачӏана нус-нус дагъистанияв. Гьелдаса хадуб пикетчагӏазухъе рачӏана ДРялъул МВДялъул министр Гӏабдурашид Мухӏамадовги Гъизилюрт районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановги. Къварилъиялъ къвал баразулгун гара-чӏвариги гьабун, Мухӏамад Шабановасда цадахъ Патӏиматги Муртазагӏалиги Хӏасанхӏусеновал ва гьезул божарав чи Жамбулат Хӏасанов ана СКРялъул Дагъистаналъул управлениялде. Гьел къабул гьаруна рехсараб идараялъул председатель Сергей Дубровиница.

«Дубровиница нижеда абуна, Владимир Васильев телефоналдасан кӏалъанин Александр Бастрыкинихъе ва къотӏи гьабунин, вацал чӏваялда бан рагьараб уголовнияб дело анкьида жаниб Москваялде битӏизе. Нижее гьебха хӏажат букӏараб, гьединлъидал Васильевасулгун дандчӏваялъул мурадалда гӏуцӏун букӏараб пикетги къалеб буго нижеца», — ян бицана Жамбулат Хӏасановас.

Вацал Хӏасанхӏусеновал чӏвана 2016 соналъул августалда, росдада гӏагарлъухъ бугеб колодаса рокъоре рачӏунаго. Гьелда бан рагьун букӏана РФялъул УКялъул 317-абилеб статьяялда рекъонкколеб (низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъан чӏвазе хиял гьаби) уголовнияб дело. Гьелъул цӏех-рех гьабуна лъагӏелгун ункъо моцӏалъ, хадуб гьеб къана. Рагьун букӏана РФялъул УКялъул 105-абилеб статьяялда (чи чӏвай) рекъонкколеб уголовнияб делоги, амма гьелъул цӏех-рех гьаби гьоркьоб къотӏизабуна, щалали лъаларел гӏадамаз вацал чӏваниланги абун.

Муса Азаев