Байрамкъоялде рижарал пикраби

Валлагь, гьал учительзаби рукӏун ругел хӏалихьатал чагӏиха! Пикру гьабеха, ришватчилъи нилъер улкаялда байбихьана учительзабаз. Божичӏони, балагье официалияб статистикаялъухъ! РФялъул Верховный Судалъул председатель Вячеслав Лебедевас 2012 соналда гьабураб судазул делабазул хӏасилалда рекъон, «Россиялъул ришватчагӏазда гьоркьоб тӏоцебесеб бакӏалда руго тохтурзаби (гьелда бан судалде гъоркье ккаразда гьоркьоб тохтурзабаз ккола 22 процент) ва кӏиабилеб бакӏалда – учительзаби (10 процент). Ай ришватчи хӏисабалда тӏадго ккурав чиясул щивав лъабабилев ккола тохтур яги учитель».

Амма гьел хӏалихьатал ришватчагӏазе гьебги гӏоларого буго. Гуребани, рищиязул комиссиязда тӏад кверщел гьабилаанищха гьез? Комиссиялдаги рукӏун, жидеего хӏажатав кандидат бергьинавиялъул мурадалда, цадахъго гӏемерал бюллетеналги рехула гьез къолонире. Лъикьаниги нечезегиха нечоларел! Гьеле гьедин рехарал бюллетенал сабаблъун бергьинчӏо Россиялъул президентлъиялде коммунистазул кандидат Павел Грудинин. Гьесги телищха бецӏичӏого – киналго учительзаби туснахъ гьаризе кколин ахӏи балеб бугоха гьанже гьес! Гьелги жанир тӏамун, комиссиялде рачине ккола ракӏбацӏцӏадал гӏадамал… щалгӏагидай рачинел? Жалго кандидатал рачани, щибдай ккела? Яги гьезул божарал гӏадамал? Ялъуни, гьел рищиял гӏуцӏулел хӏакимзабийищ? Гьезие гурищха гьанже «гъирабазабиялъул мурадалда» тӏадеги кьезехъин бугеб 630 млрд гъуруш. Риччанте ракӏбацӏцӏадго рищиял гӏуцӏизеги бищунго лъикӏал, гьунар тӏокӏал, махщел камилал кандидатал Думаялдеги цогидал идарабаздеги рорчӏизаризе хӏаракат гьабизе. Щиб лъалеб, гьебмехалданиги улкаялда гӏумру лъикӏлъизеги батилеб, жиндир кисаби цӏезариялъул гуреб, гӏадамазул пикруги гьабизе байбихьилеб ва инсанасул ракӏразиял законалги къабул гьарилел.

Амма гьанжесеб бада-гъудураб гӏумруялъул гӏайиб, гьайгьай, учительзабазда буго. Гьез цадахъго гӏемерал бюллетеналги рехун рищарал хӏалихьатал депутатаз къабул гьарулел руго жамгӏияталъего заралиял законалги, кьолел руго гьаркьал НДСги пенсиялъул ригьги цӏикӏкӏинариялъул ва капремонталъухъ гӏарац бакӏариялъулги рахъги ккун! Гьелъухъ батиларищха ракӏбацӏцӏадал ва жамгӏияталъул ургъалица керен кванарал депутатазги учительзабазе квешезего гьезул моцӏрол харжаздаса гӏарац къунцӏулебго къунцӏулебги бугеб! Гьелги хвезе чӏелищха: цӏалдохъабазухъа гӏарац бакӏарула, школалда яги классалда ремонталъеян абун; ОГЭялде яги ЕГЭялде цӏалдохъаби хӏадуризе заман гӏоларилан зигардула (жидер классалдайилаха 40-ниги цӏалдохъан вугила, гьезда гьоркьор камуларила сакъаталги, гьездаги цо щиб букӏаниги малъизеги кколелъул, нужер лъималазда дарс малъизе заман кисадила балагьилеб, дарсилги 45 минут гурони гьечӏеб мехалда); кӏиго ставкаялда хӏалтӏула (хасго математикалги физикалги – учительзаби гӏоларилан багьанаги батун).

Бегьилищха гьел хвезе! Гьез цӏалдохъабазе тарбиягун лъай кьезе ккола, гьезул сахлъиялъул тӏалаб гьабизе ккола. Жеги гӏемер жо гьабизе ккола: переменаялъул заманалда лъимал кваназе рачинеги, жанахӏазда «дежурство» гӏуцӏизеги, дарсал лъугӏун хадуб – гордал чуризеги, азбар бакӏаризеги, цӏалдохъабаз батӏи-батӏиял сайтазда хъварал чорокал мухъал яги «репостал» хъвагӏазеги, классалъул лъималазухъе рокъоре гьоболлъухъе хьвадизеги, гьенире щвараб мехалда, хъизамалъул холодильникалда жаниб квен бугищали халгьабизеги, къаси, метерисел дарсазде хӏадурлъун рахъараб мехалда, батӏи-батӏиял кагътал цӏезаризеги…

20 соналъ цебе райОНОялда хӏалтӏулаан 4-5 инспектор. Гьезда лъикӏ лъалаан школалда церечӏарал хӏакъикъиял масъалаби ва гьезухъа бажарулаан районазул школазул халгьабизеги учительзабазе хӏажатаб методикияб кумек гьабизеги. Жакъа инспекторазул къадар чанцӏулго цӏикӏкӏана ва щивас тӏалаб гьарула кагътал: планал, программаби, хӏисабал… Школалда цониги дарс кьечӏев РУОялъул хӏалтӏухъанас тӏалаб гьарула бищун гӏемер кагътал. Учителасулги хутӏуларо аслияб хӏалтӏуе заман – дарсазде хӏадурлъизе. Гьеб зулму хӏехьонги бажарула гӏицӏго пенсиялъул ригьалъул педагогазухъа. Гьезие гьечӏелъулха цогидаб бакӏалда хӏалтӏи балагьизе рес. Пенсия гӏолеб буго гӏицӏго ЖКХялъухъ кьезе яги чедги Китаялъул лапшаги босизе. Гьединлъидал хӏалтӏизеги кколел руго гьел. Нилъер улкаялъул хӏукуматалъ кигӏан гӏемер бицаниги (масала, РФялъул лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министр Ольга Васильевалъул баяналда рекъон, 2018 соналъул январалдаса июналде щвезегӏан учителасул харж цӏикӏкӏана 9,3 проценталъ ва гьабсагӏаталда гьоркьохъеб харж буго 42,2 азарго гъуруш), учитель божулевго гьечӏо жиндир моцӏрол харж цӏикӏкӏинабун бугин абураб пикруялда. Кинха божилев, школалъул уборщицаялъе учителасдаса цӏикӏкӏун харж щолеб мехалда, амма гьелъул магӏна кколароха уборщица цӏакъ бечедай махщелчӏужу кколин абураб.

Гьале гьанжеги Пачалихъияб Думаялда бицинехъин буго харжал цӏикӏкӏинариялъул хӏакъалъулъ. Кинабдай ккелеб гьелъул хӏасил? Абиладай гьанжеги: «Гӏарац гьечӏо, амма нуж къвакӏун чӏа», — ян?

Хӏурматиял учительзаби! Баркула нужеда Учителасул къо! Гьарула нужее щулияб сахлъиги кинабго лъикӏабщинабги!

Кавсарат Сулейманова