Лъикӏаб иш гьабиялдалъун инсанас жиндиего гуребги, жамгӏияталъеги пайда гьабула

Лъикӏаб иш гьабидал, разилъизеги бачӏуна, ракӏги бохула. Гьабураб лъикӏлъи гӏададаги холаро. Аллагьасдаги кӏочон толаро лъикӏлъи гьабулел. Ракьалда лъикӏлъи бекьулев чи хӏакъикъаталдаги талихӏав чи вуго. Жакъа дунялалда щвечӏониги метер ахираталданиги гьелъухъ шапакъатги щола. Хирияб Къуръаналда хъван буго (магӏна): «Гьаб дунялалда лъикӏлъи гьабурасе данде бецӏизе буго гьединабго лъикӏлъиялдалъун», — абун.

Лъикӏлъиялъухъ — лъикӏлъи

Нилъеда гьоркьорги гӏезегӏан руго ракьалда лъикӏлъи бекьулел гӏадамал. Амма гьединал рихьуларо, рихьизелъун, цӏар рагӏизелъун яги жидеего цо щиб бугониги гьаб дунялалда щвезелъун, гьединаз хӏалтӏиги гьабуларо. Гьез лъикӏлъи бекьула Аллагьасе гӏоло, гьединазул лъалкӏги ракьалдаса киданиги тӏагӏунаро. Цо гӏакъилав чияс хъвалеб буго дуде тӏаде бегараб ургъел батани, мун пашманго ватани, хӏалбихьийин къварилъиялда вугесе кумек гьабизе, вакъарасе тӏагӏам кьезе. Духъаго бажарулебщинаб гьабейила ва дуда бихьилила рекӏее лъугьунеб бигьалъи. Хӏакъикъат гьединаб буго, пикру гьабуразда гурони гьелъул тӏагӏамги лъаларо. Мунагьазул бакӏаб гьиргун ахираталде арай пуланай гӏадан алжаналде арайила къечалъ холеб букӏараб гьведуе лъим кьуралъухъ. Аллагьасе гӏоло лъикӏлъи гьабурав Аллагьасдаги кӏочон толаро. Къуръаналда бугелъулха, Бетӏергьанасе лъикӏлъи гьабулел рокьулин. Хӏакъаб жо, захӏмалъи-къварилъиялда хадуб гӏатӏилъи-бигьалъиги бачӏуна. Кигӏанго цӏакъ сордо халалъаниги, дунял рогьинчӏого чӏоларо. Рухьен къарабгӏан, гьеб тӏечӏого хутӏуларо. Магӏу хисула гьимиялъ, пашманлъи – рохалица. Гьаб буго тирулеб, хисулеб дунял. Кида-къадги щибаб жо рукӏалиде ккечӏого хутӏуларо, къваригӏунеб жо буго, Аллагьасде мугъчӏвайги гьабун, гӏицӏго сабуралда рукӏин. Сабуралъул тӏиналдайин батулеб тӏогьол майдан.

Захӏмат бихьичӏого рахӏат щоларо

Гӏакълу бугев чиясухъа бажарула жиндиего ккараб зарал хайиралде буссинабунги. Маккаялдаса нахъе къотӏидал, Мадинаялде гочарав Мухӏамад аварагасухъа бажарана гучаб пачалихъ гӏуцӏун. Аллагьасул хӏукмуялдалъун гьесухъа бажарана квешлъи лъикӏлъиялде буссинабун. Гӏакъуба-гӏазаб чӏамизе ккаразул гӏемерисел жидерго ишаздалъунги цӏигьарияздалъунги машгьурлъана. Къварилъабазул цӏураб лълъар гьекъарал шагӏирзабазги хъвадарухъабазги хъвана гӏаламалъего асар гьабурал асарал. Лъица бугониги лимон кьуни, чакарги бан тӏаде лъим тӏуни, гьелъул лъугьуна гьекъезе гъирабалеб гьайбатаб лъамалъи. Гьелъухъего, хӏаракат бахъе, гӏакълуялда квелъги бан, сабуралдаги чӏун, тавакалалъул чодаги рекӏун, квешлъи лъикӏлъиялде буссинабизе. Роза тӏегьалъул хӏобода рукӏуна зазал. Амма гьелъул тӏарада батула ракӏ тӏаде цӏалеб берцинаб тӏегь. Тӏадегӏанав Аллагьасул Каламалдаги бугелъулха (магӏна): «Цо щиб бугониги батизе рес буго нужер ракӏкъалеб, амма гьеб буго нужее пайдаяб ва лъикӏаб», — абун (2:216). Аварагасул хӏадисалдаги буго: «Ризкъиги гӏатӏилъизе гӏумруги халалъизе бокьарав чияс жиндие квешлъи гьабуразеги лъикӏлъи гьабе», — ян (Бухари).

Гӏурусазул хъвадарухъан Антон Чеховасул цо хъвай-хъвагӏаялда руго гьадинал мухъал: «Жиндирго рухӏ хвасарлъиялъул мурадалда, бусурбанчияс нахъе тола жинцаго бухъараб гъуй, бахъараб ицц. Лъикӏаб букӏинаан щивав чиясги гьединабго ицц, школа ва цогидабги, ай халкъалъ абадиялъ пайда босулеб жо нахъе танани. Гьелъ бихьизеги гьабилаан гьаб ракьалда дуца гӏадада гӏумру тӏамичӏолъи», — ян.

Чеховасул хӏакъалъулъ бицен ккун букӏаго абила, гьаб ракьалда 44 сонги бан ана гьев ахираталде. 20-гӏан соналъ унтун вукӏана туберкулезалъ. Къокъабго гӏумруялда жаниб, тӏадежоялъе, туберкулезалъ унтарав чияс ракьалда тана цӏакъго гъваридаб лъалкӏ. Дунялалда гӏумру гьабун ругел гӏемерисел халкъазул мацӏазде руссинарурал тӏахьал хъвай гуребги, гьес гӏемераб хӏалтӏи гьабуна жамгӏиял ишазулъги. Масала, ункъо росулъ рана школал, жиндирго гӏагараб Таганрог шагьаралъул рагӏалда бана Петр Тӏоцевесесе памятник, гьенибго гӏуцӏана жамгӏияб библиотека ва 14 соналъ гьеб хьезабуна тӏахьаздалъун. Мелиховалда гӏумру гьабун вугеб мехалда, тохтур хӏисабалда, гьес сахгьавуна аза-азар векьарухъан, вабаъ багъарараб заманалда хъулухъ гьабуна 25 росдае. Живго лъикӏав лъугьун ана Сахалиналде, хъвай-хъвагӏай гьабуна гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазул ва «Сахалин чӏинкӏиллъи» абураб тӏехьги къватӏибе биччана. Добго Мелиховалда чӏана азаргоялдасаги цӏикӏкӏун жагадул гъветӏ, гӏицӏаб авлахъалда батӏи-батӏиял гъутӏби чӏун гӏезабуна рохь, гьединабго хӏалтӏи гьабуна, гӏемерал гъутӏби чӏана Крымалда. Гьадинал мисалал гӏемерал рехсезе бегьула. Гьеб тайпаялъул чагӏи нилъеда гьоркьорги ругелъулха. Гьелги ккола, хӏакъикъаталдаги, жидеда талихӏ батарал, талихӏалъул къимат гьабизе лъарал гӏадамал.

Бугелда разилъи —

хӏакъикъияб талихӏ

Амма цо-цо рукӏуна, талихӏ бикьулелъул, жал гьоркьор тун ругин гаргадулелги. Гьоркьов щивго тун вукӏунаро, гӏумруялдехун гьабулеб бербалагьи букӏуна щивасул батӏи-батӏияб. Гьедин хиял гьабиги ккола гьесул жиндирго гӏайиб. Гьелъие гӏайибияллъун цогидал гӏадамал кколаро. Гьебги буго инсанас букӏине кколедухъ гӏумрудул къимат гьабунгутӏи ва гьабизе лъангутӏи. Гьединал чагӏаз гӏемер абула цо пуланаб жо щвани, дидаса талихӏав чи вукӏинего ватиларилан. Минаги бугони, машинаги босани, хӏалтӏиги щвани, машгьурлъиги бачӏани, рикӏкӏине бегьилаха талихӏавлъунин абулелги камуларо. Гьедин пикру гьабулел релълъинаризе бегьула, къечалъги холаго, салул авлахъалдасан унелъул мираж бихьидал, гьеб лъим бугиланги ккун, гьелда хадув унев сапарчиясда. Гьев уневго-унев вукӏуна миражалда хадув ва ахиралда, иццухъеги щвечӏого, къечонги хола. Гьединал чагӏазда бичӏчӏуларо инсанасул анищазе гӏурхъиго букӏунареблъи. Мина базе, босизе анищ бугев мурадалде щвани, гьеб параялъ гьесулъ загьирлъула цогидаб анищ ва гьес живго рикӏкӏуна талихӏалъ рехун таравлъун. Гьедин букӏуна хвезегӏан. Гьединал чагӏазул талихӏкъин буго бугелъул къимат гьабизе лъангутӏиялъулъ. Гьел кидаго пикрабалъ рукӏуна жидерго гьечӏеб жо балагьулел. Гьединазда лъаларо Бетӏергьанас жидее кьуралдаса разиго рукӏине, гьелдаса рохизе, гьелъул къимат гьабизе. Дагьабниги гӏакълу бугев чияс киданиги абизе гьечӏо цо пуланаб жо щвараб мехалда вукӏине вугин дун талихӏавлъунин. Бугелда разилъи, Бетӏергьанасе рецц гьаби — гьеле талихӏав чиясул хасият. Шукру гьабуни, жеги цӏикӏкӏинабулинги абун бугелъул, Бетӏергьанас цӏикӏкӏинабула ва гьединав чи жеги талихӏавлъунги лъугьуна. Талихӏ буго щивав чиясул рекӏелъ, амма киназдаго гуро гьеб бихьулеб ва кинавго чияс гуро гьеб балагьизе къасдги гьабулеб.

Мухӏамадхӏабиб Махӏатӏов