14 азарго дагъистанияс борхана хӏеж

«Дагъистан» РИАялда тӏобитӏана хӏежалъул компанияз хӏалтӏул хӏасил гьабураб данделъи

Журналистазул суалазе жавабал кьуна республикаялъул Диниял идарабазулгун бухьенал гьариялъул комитеталъул председателасул заместитель Расул Хӏажиевас ва «Марва-тур» ОООялъул генералияв директор Булат Къурбановас.

Исана, квотаялда рекъон, хӏеж борхана 9600 дагъистанияс. Гӏаммаб къагӏидаялда босани — 14 азарго чияс. Хӏежалде гӏадамал ине байбихьана 1 августалда, тӏадруссун рачӏана 8 сентябралда. Амма цо-цояз жидеего гьарулел захӏмалъабазул хӏакъалъулъги бицана гьез.

— Масала, цӏикӏкӏараб ригьалъул хараби унел руго хирияб ракьалда хвезейилан. Яги лъимаде ругел руччаби унел руго хирияб ракьалда лъимер гьабизейилан. Щай бичӏчӏулареб гьезда жидецаго жидеего гӏакъуба кьолеб букӏин, — ан абуна гьез.

Исана хӏежалда цо гӏолохъанчиги хун вуго. Гьев вукъун вуго Маккаялда.

Гьединго данделъиялда бицана хӏажизаби-налъулазул, коммуналиял хъулухъазухъ, яги налогал, ялъуни алиментал кьечӏого таразул хӏакъалъулъги.

— Лъикӏаб букӏинаан гьединазул хӏакъалъулъ, хӏежалде роржине заман щвараб мехалда гуреб, цо моцӏалъгӏаги цебе лъазабулебани, — ян абуна данделъиялъул гӏахьалчагӏаз.