Гьудуллъиялъул кьучӏ
Жиде-жидер рахьдал мацӏ лъазабизе щивав чиясул ихтияр букӏин киназдаго гуро бичӏчӏулеб бугеб
Миллатал гӏемераб Россиялъе халкъазул гьоркьоблъи цӏуни букӏана кидаго кӏвар бугеб суаллъун. Гӏурусазул машгьурав хъвадарухъан Л. Толстояс «Вуцӏцӏун чӏезе кӏоларо» абураб макъалаялда, 1908 соналда, хъвалеб буго: «Лъугьа-бахъиназул къуват материалиял шартӏазда гуреб, халкъалъул рухӏияб ахӏвал-хӏалалда бараб букӏуна», — ян.
Россиялъул халкъазул рухӏияб ахӏвал-хӏал 2012 соналда пачалихъияб миллияб политикаялъул 2025 соналде щвезегӏан болжалалда стратегия къабул гьабиялда цебе, битӏахъе абуни, беццилеб хӏалалда букӏинчӏин абуни, мекъи ккеларо. Гьеб стратегия Дагъистаналда гӏумруялде бахъинабиялъул хӏакъалъулъ суалги цебелъун, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул миллияб политикаялъул комитеталъул нухмалъиялда гъоркь Махӏачхъалаялда тӏобитӏана данделъи. Гьеб комитеталъул председатель Илдар Гӏилмудиновас бицана Россиялда миллияб политика билълъанхъизабиялъул мурадалда гьарулел ругел аслиял тадбиразул хӏакъалъулъ. Гьес тӏадчӏей гьабуна пачалихъиял школазда рахьдал мацӏал малъиялъул суалалда сверухъ улкаялъул жамгӏияталда ккараб ахӏвал-хӏалалдаги, бицана гьелда разиял ва разилъуларел гӏадамал рукӏиналъулги, гьаризе кколел ишазулги хӏакъалъулъ.
ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейица бицана Дагъистаналда 2025 соналде щвезегӏан хӏадурараб миллияб стратегия гӏумруялде бахъинабиялъе гьабулеб бугеб хӏалтӏул ва гьелъие биччараб гӏарцул хӏакъалъулъ. Масала, исана гьел мурадазе миллияб политикаялъул федералияб агентствоялъ Дагъистаналъе биччан буго 13 миллион гъуршидаса цӏикӏкӏун гӏарац.
Данделъиялда гӏахьаллъарав, рехсараб агентствоялъул директорасул заместитель Михаил Мишиница лъикӏаб къимат кьуна Дагъистаналъул халкъазул ва республикаялъул нухмалъулезул миллияб политика цебебачине ва халкъазда гьоркьоб рекъел цӏунизе бугеб бажариялъе. Гьеб рахъалъ Дагъистаналъул лъикӏаб хӏалбихьи бугинги абуна гьес.
Кӏалъазе щвараб ресалдаса пайдаги босун, гьал мухъазул авторасги лъикӏалин ккарал пикрабиги загьир гьаруна гьеб дандчӏваялда.
Гьезул цояб ккола миллияб политика билълъанхъизабиялъулъ районазул ва шагьаразул нухмалъулезул гӏураб жавабчилъи гьечӏолъи. Бакӏазда ругел хӏакимзабазул хӏалтӏи борцине бихьизабун буго 35-гӏанасеб пункт. Гьелда гьоркьоб буго гьенир гӏумру гьабун ругел гӏадамазда жаниб гьуинлъи-вацлъи цӏуниялъул пунктги. Амма нилъер республикаялда бакӏалъулал нухмалъулез гьелде кколеб кӏвар кьолеб гьечӏо. Гьеб гьез рикӏкӏунеб буго республикаялъул нухмалъулезул ва гьелъул идарабазул ишлъун. Лъикӏаб букӏинаан стратегиялда хиса-басиял гьарулел ругелъул, гьезул жавабчилъи борхизабиялде кӏвар кьуни.
Кӏиабизе, стратегиялъул 19-абилеб статьяялда хъван буго «батӏи-батӏиял миллатазул гражданазул ихтияр буго жидерго рахьдал мацӏ лъазабизе», — абун. Гьедин бугониги, школазул нухмалъулез хӏаракат бахъулеб буго рахьдал мацӏал аслиял гуреллъун рихьизарурал цӏалул программаби тӏаса рищизе, ай мацӏазде гьабулеб бербалагьи чучлъизабизе. Узухъда, гьеб буго бигьаяб нух – рахьдал мацӏалъул учительзаби, цӏалул тӏахьал, пособиял ралагьулел рукӏинегӏан, гӏурус, ингилис ва цогидал мацӏал тӏасарищани, бигьаго букӏинарищ хӏалтӏи гьабизе. Амма сунде нилъ гьелъ рачунел ругелали пикру ва ургъел гьабулеб гьечӏо. Жакъа росабалъцин рахьдал мацӏазда кӏалъалел лъималазул гьаракь рагӏулеб гьечӏо, киназго бицунеб буго гӏурус мацӏ. Гьелдаса хадур кинал рукӏинел нилъер адабият, маданият, гӏадатал?
Гьединго стратегиялда бихьизабулеб буго «миллиял гьоркьорлъаби квешлъизариялъе квербакъулеб бугила цо-цо халкъаздехун квешаб бербалагьи бижизабиялъги». Долдаса нахъе ана анлъгоялдаса цӏикӏкӏун сон, амма жакъаги Москваялда ва цогидалги Россиялъул гьитӏинал-кӏудиял шагьаразда дагъистаниязул хӏакъалъулъ тӏибитӏизабулеб буго расги лъикӏаб гуреб пикру. Бицунеб гьечӏо Дагъистаналъул Кӏудияб Ватӏанияб рагъул 75 Бахӏарчиясул, Рагъулаб реццалъул лъабабго даражаялъул орденал росаразул хӏакъалъулъ, ракӏалдещвезарулел гьечӏо СССРалъул министраллъун, космос квегъиялъул генералиял конструктораллъун рахъарал дагъистаниязул, гӏалимзабазул, тохтурзабазул, улкаялъулго намус, къадру цӏунун цере рахъунел спортсменазул цӏарал. Амма гьоркьоса къотӏичӏого рихьизарула Дагъистаналдаса такъсирчагӏи, хъамалчагӏи, гӏицӏго нилъер гурони гьел гьечӏел гӏадин. Гьеб гурищ дагъистаниязул напс гӏодобегӏан гьаби, цогидазда бащадал гражданаллъун рукӏине бугеб гьезул ихтияр цӏунунгутӏи! Гьединабищ букӏине кколеб миллатал гӏемераб улкаялъул централиял газетазул, телевидениялъул политика? Бегьуларищ гьелдехун Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ, федералияб агентствоялъ пикру буссинабизе ва гьелъие ахир лъезе?
Буго цогиги, дир хӏисабалда, кӏвар кьезе ккараб суал. Демографиялъул ва миллиял суалазул рахъалъ Северияб Кавказ буго Россиялъул цогидал бутӏабаздаса гӏемерго батӏияб, жиндирго хаслъаби ругеб бакӏ. Гьединлъидал лъикӏаб букӏинаан гьаниб стратегиялдаса жиб чвахун бачӏунеб, гьенире кколел субъектазул программабиги хӏисабалде росун, хӏалтӏулеб хасаб къагӏида гӏуцӏани. Гӏемер руго мисалал, гьанир хӏалтӏулел парламентариял, юридикиял рахъал, Россиялъул законазде дандекколарин гӏиллаги батун, хвезарулел. Масала, гьединаб букӏана нилъер республикаялъул парламент гӏуцӏиялъул рищиязда кьучӏлъун жиб букӏараб «Миллиялгун территориалиял округазул хӏакъалъулъ» хӏукму. Гьелъ рес кьолаан Халкъияб Сораниялде рищиязда Дагъистаналъул гӏемерал миллатазул ихтиярал цӏунизе. Амма гьеб хвезабуна. Гьединал мисалал дагьал гьечӏо цогидал республикабаздаги. Лъикӏаб букӏинаан гьединал рахъал хӏисабалде росани.
Гьенибго Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гӏуцӏиялъул нухмалъулев хӏисабалда, дица тӏадчӏей гьабуна гьелъ республикаялда гьабулеб бугеб хӏалтӏудаги. Щайгурелъул, миллияб стратегия къабул гьабизегӏан чанго соналъ цебе, гьеб гӏуцӏиялъ халкъалъул цолъи букӏинабиялда рарал гӏемерал суалал гӏумруялде рахъинарулаан.
Данделъиялъул гӏахьалчагӏи, Дагъистаналъул бетӏерасул гӏакълучи Камил Ландаца, гӏалимчи Мухӏамадхан Мухӏамадхановас, Дагъистаналъул гӏелмияб централъул этнополитикиял цӏех-рехазул централъул нухмалъулев Руслан Абакаровас ва цогидазги рорхана жакъасеб гӏумруялда миллияб политика цебебачиналъе хӏажатал пикраби.
Зикрула Илясов