Сарикумалъул заповедникалда «Сарикумалъул барханал» заповедник бихьизе гӏемерал туристал рачӏуна

Гьединлъидал лъикӏаблъун бихьана заповедникалда рукӏунел, гӏадамазул гӏумруялъе заралиял хурдузулги хӏайваназулги хӏакъалъулъ бицине.

Гьабсагӏаталда гьенир руго щуго батӏияб тайпаялъул нусиречал, оцхӏутӏазул цо тайпа ва цогидалги инсанасул гӏумруялъе ва сахлъиялъе хӏинкъи бугел рухӏчӏаголъаби. Бищунго хӏинкъи бугеблъун ккола каракурт яги «чӏегӏераб къорола» нусиреч. Гьеб бахчун букӏуна ганчӏазда яги хурдузда гъоркь. Гьелъул загьру 15 нухалъ цӏикӏкӏараб букӏуна борхьил загьруялдаса. Гьелъ хӏанчӏидал, унтизе лъугьуна чехь, хьибил, керен. Ракӏкьабизе байбихьула, бидул кьаби цӏикӏкӏуна, бетӏер сверула.

Чараб ичӏкӏал

Гьеб къватӏибе бахъуна къасимехалда. Рогьиндал, ганчӏазда гъоркьги бахчула. Гьез куна нусиречал ва цогидалги гӏисинал рухӏчӏаголъаби. Гьез хӏанчӏун хадуб гӏадамал хвезеги бегьула. Хӏанчӏараб бакӏ гьорон бачӏуна. Гьединго хӏинкъи букӏуна лъималазул гьуърузеги — гьел гьорола.

На

Гьелъ хеч къазабураб бакӏ унтичӏого хутӏуларо. Унтул гӏаламатал – хӏанчӏараб гьорой.

Кьужнаял

Гьез хӏанчӏараб бакӏги унтула. Бетӏер сверун лъугьуна, чорхол цӏа-кан цӏикӏкӏуна, ракӏ кьабула.

Оцхӏутӏ

Аслияб къагӏидаялда гьез хӏанчӏула кверазда, горбода, гьурмада. Хӏанчӏиялъул хӏасилалда кванирукъ унтизеги рес буго. Гьеб мехалда кванирукъ чурун, бацӏцӏад гьабизе ккола.

Горахараб сколопендра

Гьелъ хӏанчӏараб бакӏги гӏурабго хӏалалъ унтула. Хӏайваназдаги хӏанчӏула гьелъ. Къад, ичӏкӏалалго гӏадин, багӏариялъукьа ганчӏазда гъоркь рахчула гьелги, цинги сардилъ рахъуна чанаре. Жиндирго гьиналда жаниб нусиречги букӏуна, найги букӏуна гьоцӏо бакӏарулеб. Гьезде кӏварги кьечӏони, гьезул рахӏатги хвезабичӏони, рукӏналги риххизаричӏони, гьез нилъеде кӏварго кьоларо.

Хӏажимурад Хӏабиев,

«Дагестанский» заповедникалъул экологияб лъайкьеялъул ва туризм цебетӏезабиялъул отделалъул хӏалтӏухъан