Миллияб регионалияб туризмалъул рейтингалда рекъон, туристал рачӏиналъул рахъалъ Северияб Кавказалда тӏоцебесеб бакӏ ккола Дагъистаналъ

Нилъер республикаялде рачӏунел туристазул къадар кӏиго нухалъ цӏикӏкӏанин бицуна туризмалъул агентствабаз. Дагъистаналде рачӏине туристал хӏинкъулел ругин, гьединлъидал туризм цебетӏезабизе захӏмалъулеб бугин абулаан цебе республикаялъул нухмалъиялъги туризмалъул иш тӏаде кколел идарабазги. Амма, исана республикаялде рачӏунел туристазул къадар цӏикӏкӏиндал, тӏатана цоги гӏунгутӏи — туристал къабул гьаризе республикаялда шартӏал гьечӏолъи.

Чанго соналъ цебе къанагӏат гурони туристал рачӏунареб республикаялда кинал хиса-басиялха ккарал? Туризм цебетӏезабиялъе лъица квербакъараб? Яги республикаялда букӏараб «хӏинкъараб ахӏвал-хӏал» тӏагӏинищ гьелъие гӏилла?

Туристал тӏаде цӏалеб бакӏлъун Дагъистан лъугьиналъе гӏилла ни-лъеда батизе бегьула, социалиял гьиназда туризмалъул хӏакъалъулъ бицунел материалазухъ балагьидал. Унго-унгоги жалго рижараб ракьги бокьулел, гьелъул бечедаб тарихги умумузул лъикӏал гӏадатазул къиматги лъалел гӏолилаз Дагъистан лъикӏаб рахъалъ бихьизабизе хӏаракат бахъулеб буго. Гьединазул цоявлъунги ккола Чӏохъ росулъа Заур Цохолов.

Гӏагараб ракь цӏуниялъул мурадалда

Росдал бечедаб тарихги, гье-лъул сипатги, некӏсиял минабиги цӏуниялъул мурадалда, чанго сон буго Цохоловас росулъ бугеб некӏсияб мина къачӏалелдаса. Гьеб мурадгун Заурица ургъана ва гӏумруялде бахъинабуна «Этнорукъ» абураб проект. Университеталда цӏалун лъугӏидал, цогидал гӏолилалго гӏадин, шагьаралде гочинчӏо Заур. Нусго цӏараки гурони хутӏичӏеб, Дагъистаналъул архитектуриябгун тарихиял памятниказул цояблъун кколеб росу-музей чӏунтизе гурин хӏинкъи букӏана кидаго Заурил рекӏелъ.

«Этнорукъ» гӏуцӏиялъул мурадги букӏана цо: гӏицӏго Дагъистаналъе хасиятаб архитектура цӏуни, гӏун бачӏунеб гӏелалда росдал тарихги, умумузул рукӏа-рахъиналъул хасиятги, лъикӏал гӏадаталги рихьизари, тӏаде рачӏунел туристазда цебе букӏараб гӏумруги ахӏвал-хӏалги бихьизаби. Гьаб некӏсияб, бечедаб тарихалъул ва архитектураялъул росу чӏунтулеб букӏана, тарихиял памятникал риххун унел рукӏана. Гьеб цӏунизелъун росдал гӏолилаз жамгӏияб къокъаги гӏуцӏана», — ян бицана Цохолов Заурица диргун букӏараб гара-чӏвариялда.

Ункъо нухалда бергьана

«Этнорукъ» проектгун Заур Цохолов гӏахьаллъана «Машук» абураб гӏолилазул форумалдаги. Ункъо соналъ тӏатӏала бергьана гьеб форумалда «Этнорукъ» проект. 2015 соналда, «Машукалда», тӏоцебесеб иргаялда некӏсияб мина къачӏазе ва гьеб бачӏунеб гӏелалъе музей хӏисабалда бихьизабизе кколин абураб пикру загьир гьабуна Заур Цохоловас. Гьеб соналъ проект гӏумруялде бахъинабизе 300 000 гъуруш гурони щвечӏо Заурие. Хадусел соназда, «Чӏохъ» абураб лъималазулгун гӏолилазул регионалияб жамгӏияб гӏуцӏиялъул рахъалдаса, Заур къватӏиве вахъана жеги гӏатӏид гьабураб проектгун. 2016-2017 соназда цин кӏиго миллионгун щунусазарго гъуруш ва хадусеб соналъги гьедигӏанго гӏарац бергьана гӏолилазул форумалда некӏсияб мина къачӏазе. Исанаги ун вукӏана Цохолов «Машукалде» ва гьалбадерил рукъ-музей къачӏазе 500000 гъуруш щвана.

«Гьабсагӏаталда «Этнорукъалда» буго лъабго рукъ, тӏадеялъул, рес рекъани, ракӏалда буго жеги тӏадеги 12 рукъ базе. Кинавниги 30-гӏанасев чи къабул гьавизе рес букӏине буго гьеб мехалда. Гьабсагӏаталда «Этнорукъалда» гьоболлъи гьабизе кӏола щуго-анлъго чиясе. Букӏуна анцӏгониги чи сордо базе чӏараб заманги. Гӏодор тӏамурал ургабазда регунгицин нижер росулъ сордо базе хӏадуралги рукӏуна цо-цо туристал», — ан бицана Заурица.

«Этнорукъ» гӏуцӏиялъул бицунаго, Заурица ракӏалдещвезабуна, чанго соналъ цебе, Шамил имамасул хӏакъалъулъ кино ба-хъизе, Чӏохъе рачӏун рукӏарал гӏадамазе росулъ некӏсияб тайпаялъул цогӏаги санагӏатаб мина батичӏолъи, гӏемерисел некӏсиял минаби, бетӏергьабаз тӏалаб гьаричӏого, чӏунтизе тун рукӏана. Гьеб мехалда ракӏалде ккана Заурида росулъ цогӏаги басрияб минаги къачӏан, туристаздаги гьанжесеб гӏелалдаги жидерго росдал тарихги, гӏадаталги, квен-тӏехги, рукӏа-рахъиналъул къагӏидабиги гьенир рихьизаризе.

ХӀX гӏасруялъул мина – архитектурияб музей

Чӏахъадерил некӏсиял минаби раялъул къагӏидаги рукӏа-рахъинги кинабго жанибе бачунеб «Этнорукъ» проекталъе тӏасабищараб мина бан буго 1870-1880-абилел соназда.

«Минаялъул бетӏергьабазул рес букӏинчӏо гьеб къачӏазе, гьединлъидал гьез гьеб рехун тун букӏана. Нижер росдал гӏолилаз лъазабуна мина чӏунтизе тезе бегьуларин. Гьениб аскӏобго букӏана цоги цӏунун хутӏараб рукъ. Гьебги босана нижеца дагьабго гӏарацги кьун, гьалбал къабул гьарулеб бакӏ гӏатӏид гьабиялъул мурадалда», — ян бицана Цохоловас.

Заурица гьабураб хӏалтӏудаса хадуб гьеб лъикӏаб ишалдаса мисал босана росдал гӏадамаз, жидерго басриял минаби цӏигьаризе лъугьана цо-цоял.

Тӏубараб рииялъго гӏемерал туристал хьвадана «Этнорокъоре». Гьелъие гӏиллалъун рикӏкӏине бегьила Дагъистаналда бищунго гӏемер туристал хьвадулезул цояблъун Гъуниб район кколеб букӏин. Архитектурияб ва тӏабигӏияб памятникалъухъ ралагьизе цереги Чӏохъе рачӏунаан туристал. Исана туристазул къадарги гӏезегӏанго цӏикӏкӏана.

«Этнорокъоб» сордо балев чиясе киналго квегӏенлъабиги чӏезарун руго. Минаялъул рагъидаса росдал гьайбатаб тӏабигӏаталъухъги Да-гъистаналдаго некӏсиязул цояблъун рикӏкӏунеб росдал сипаталъухъги балагьизе рес буго. Минаялда жанибго буго некӏсияб къайиялъул музейги. Исана гьенире гьоболлъухъ рачӏун рукӏана Кореялдаса, Швециялдаса, Франциялдаса ва цогидалги улкабаздаса туристал.

«Къватӏисел улкабаздаса рачӏунел туристазе хӏажат гьечӏо чӏухӏарал гостиницаби. Гьезул гъира букӏуна нилъер гӏадамазул некӏо букӏараб рукӏа-рахъин, гӏумру-яшав, архитектура, тӏабигӏияб берцинлъи бихьизе. Нижеца «Этнорукъалъул»

хӏакъалъулъ Интернеталдасан гӏемер бицунаро, гьелъие гӏемераб рекламаги гьабуларо. Щайгурелъул гӏемерал туристал къабул гьаризе рес гьечӏого букӏун. «Этнорукъ» рагьаралдаса нахъеги лъабабилеб моцӏ буго. Гьеб заманалда жаниб гьенир сардал рарал туристазул къадар 200 чиясдасаги цӏикӏкӏана. Сордо бачӏого «Этнорукъ» бихьизе рачӏаразул къадарин абуни, кӏиазаргоялдасаги тӏаде ана. Гьезие умумузул квенги гьабула. Цо-цо къо букӏуна нусго-кӏинусго чи къабул гьавурабги. Нилъер гӏемерисезда шагьаралде гочаралдаса нилъерго гӏадатги, мацӏги, рукӏа-рахъиналъул цере рукӏарал къагӏидабиги кӏочонел руго. Жидерго умумузул хӏакъалъулъ лъималазда бицине жого хутӏулеб гьечӏо. Шагьаралда гӏумру гьабун ругел рачӏунел руго жидерго лъималазда цебе нилъер умумузул букӏараб рукӏа-рахъин, гьез магӏишат-гӏумру гьабулеб букӏараб къагӏида, цебе умумузул букӏараб къайи-свери ва цогидабги бихьизабизе. Газги бухӏараб лъимги гьечӏого кин гӏумру гьабулеб букӏарабали бихьизе рачӏуна. Цогидал росабалъ гӏумру гьабулел гӏадамалгицин рачӏуна некӏсияб мина-музей бихьизе, архитектурияб памятниклъун лъугьараб Чӏохъе щвезе.

Нижеца гьаб минаялда гӏемераб жо хисизабичӏого тана, кинабго къайиги рукъалъул къадалги руго нусго соналъ цереккун рукӏаралго гӏадинал. Сордо базе рачӏарал туристал буртинаялдаги къохьодаги тӏад регизаризе бегьилищха, гьезие рега-рахъине ва цогидал хӏажатал тӏуразе шартӏалги чӏезарун руго «Этнорокъар». Амма цӏунун буго умумузул рукӏа-рахъин бихьизабулеб ахӏвал-хӏалги, тӏагӏелалги, гъанситоги», — ян бицана Заурица.

Азаралда хадуб чӏахъадерил цӏаракиялъ гӏумру гьабулеб буго Махӏачхъалаялда ва цогидалги шагьаразда. Росулъин абуни 100 цӏараки гурони хутӏун гьечӏо.

Патӏимат Султӏанмухӏамадова