«Хъиргъуялъул» хӏалтӏухъабазул аслияб ахӏи — ракӏбацӏцӏалъи
Сагӏидбег Даитов. Лъидаха рагӏун батилареб гьев магӏаруласул хӏакъалъулъ. Гьесул цӏар бахъидал, цебе бачӏуна жиндир роржен Хасавюрталдаса байбихьараб «Хъиргъуялъе» гӏумру сайгъат гьабурав магӏаруласул сипат.
Исана гьев гьавуралдаса тӏубана 70 сон. Гьавуна Сагӏидбег Казбек районалъул Буртунай росулъ, 1948 соналда. Кӏиго сонгицин букӏинчӏо гьесул, эмен хвараб мехалда. Къуркьичӏо гьесул эбел Умагьин къисматалъе. Къезаруна гьелъ гӏумруялъул сухъмахъазда дандчӏварал захӏмалъаби. Гьелъ васасулъ куцалеб букӏана захӏматалде кӏудияб рокьи. Гьитӏинго эбелалда цадахъ рукъалъул магӏишат бачун ругьунав гьесие захӏматал рукӏинчӏо цӏияб гӏумруялъул свералабаздасан цевехун ине. Сагӏидбегил букӏана тӏабигӏаталъго кьураб пагьму-гӏуцӏарухъанлъи. Гьесухъа бажарана араб гӏасруялъул хӏабургъарал 90- абилел соназда гӏадамазеги жиндиегоги пайдаяб иш гьабизе — Хасавюрт шагьаралда рагьана «Хъиргъу» тукен. Амма доб мехалда лъиданиги ракӏалде кколеб букӏун батиларо «Хъиргъуялъул» роржен цӏакъго цӏакъ борхатаб ва тӏадегӏанаб букӏине бугин абун. Дица гӏемер хӏисаб гьабула тукеналъе кьураб цӏаралъул. Сагӏидбегги Хъиргъуги рукӏун ратизе ккола цӏакъго цоцазе ракӏ кьурал гьудулзаби. Унго-унгояб гьудуллъиялъул бахӏарчияб мисаллъун ккола гьудуласул цӏар ракьалда даим гьаби. Гьеле гьеб иш гьабуна Сагӏидбегица. Гьеле абадиялъего хвел гьечӏел лъимерлъиялъул ва гьудуллъиялъул лъалкӏал.
Соналдаса соналде роржен борхалъуде босулеб букӏана «Хъиргъуялъ». Гьелъул хважаин Сагӏидбег Даитовас бухьенал ккуна улкая-лъулги гьеб бахун къватӏирехунги ругел бизнесменазулгун. Бизнесалда жанибго гьес цӏунулаан исламалъул къанунал. Гьесул букӏана гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъ хъвалеб тетрадьги. Ва щибаб къоялъ гьениб гьес хъвалаан жинцаго гӏадамазе гьабураб лъикӏлъиялъул хӏакъалъулъ. Сагӏидбегил гьеб иш дие хутӏила гӏумруялъул аслияб дарслъун. Щай бегьилареб щивав чиясул букӏине гьединаб тетрадь. Дица дирго цӏалдохъабазеги кьуна гьединаб тетрадь. Гьез щибаб къо-йил, дарсиде рачӏиндал, бихьула дида «Лъикӏлъабазул тетрадь». Гьеб гурищ чиясул тӏадегӏанлъи — цогидазе лъикӏлъи гьаби ва талихӏ бикьи. Гьеб аслияб борч тӏубазабун буго Сагӏидбегица — унтаразе, херазе, лъималазе кумек гьаби, гьезул ракӏал рохизари.
«Хъиргъуялъ» кваркьаби хьва-гӏулел рукӏана ракӏчӏун. Гьелда бичӏчӏулеб букӏана жиндие дагьалги кӏудиял гӏатӏилъабиги зобалги къваригӏунеблъи.
Унел рукӏана сонал. «Хъиргъуялъ» рещтӏен гьабуна Дагъистана-
лъул тахшагьаралдаги. Къоялдаса къоялде кӏудияб гӏолеб буго «Хъиргъу». Жакъа гьеб ккола кинабго жиндир кваркьидакье бачараб дармил рукъ. Дун лъугьинаро гьениб бугеб къайи-къоноялъул хӏакъалъулъ бицине. Гьеб киназдаго лъала, гьениве щвечӏев дагъистаниявги хутӏун ватиларо.
«Хъиргъуялъул» бухьенал руго Китаялъул, Кореялъул, Япониялъул, Италиялъул, Германиялъул, Турциялъул, Чехиялъул бизнесменазулгун. Гьеб ккола Северияб Кавказалдаго бищунго кӏудиязул цояб. Жакъа къоялде Дагъистаналда буго «Хъиргъу» абураб цӏаралда гъоркь анкьго дармил рукъ.
«Хъиргъу» гьединго машгьураб буго зама-заманалдасан тӏоритӏулел гурхӏел-рахӏмуялъул акцияздалъунги, фестивалаздалъунги, спорталъе, искусствоялъе, гӏадатиял гӏадамазе гьабулеб кумекалдалъунги. Гьединго гьелъ кумекалъулаб квер кьола гьанжего гьанже жидерго иш байбихьулезеги.
Хасаб баркалаялъе мустахӏикъаб буго «Хъиргъуялъул» нухмалъи лъималазде кьолеб бугеб кӏваралъухъ. Гьелъие мисаллъун бачине бегьула «Family», гьитӏинаб хъиргъу, лъималазул рекӏелгъеялъул центр. Гьеб гуребги, гьеб дармил рукъалъ тӏоритӏула лъималазе батӏи-батӏиял байрамал ва кьола гьезие сайгъатал.
Гьедин букӏана гьаб нухалдаги. «Хъиргъуялъ» кӏодо гьабулеб букӏана Сагӏидбег Даитов гьавуралдаса 70 сон ва «Хъиргъуя-лъул» 23 сон тӏубай. Цоги нухалда бицана лъикӏав инсанасул лъикӏал, тӏадегӏанал ишазул хӏакъалъулъ. Байрам байбихьана Сагӏидбег Даитовасул гӏумруялъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильмалдасан. Гьенибго баян гьабуна «Хъиргъуялъул» тарихги.
Байрамалъул хаслъилъун ва гӏаламатлъун букӏана 10 метр халалъиялъул, 600 килограмм цӏайиялъул бугеб, «Хъиргъуялъул» тарихалъе сайгъат гьабураб торт. Гьелъул кескал щвана байрама-лъул киналго гӏахьалчагӏазе. Гьелда тӏад рукӏана дармил рукъалъул филиалалгицин. Дармил рукъалъул нухмалъи-ялъ дипломал ва сайгъатал кьуна анцӏго яги цӏикӏкӏун соналъ гьенир хӏалтӏаразе.
«Хъиргъуялда» цебе бугеб майданалда тӏобитӏулеб тадбиралъул аслиял гӏахьалчагӏилъун рукӏана лъимал. Кьурдизеги кьурдана гьел, кучӏдулги ахӏана гьез. Хасавюрталда бижараб дармил рукъалда байрам баркизе рачӏун рукӏана Хасавюрталъул гьунарчагӏиги. Гьединго концерталда гӏахьаллъана Дагъистаналъул халкъиял артистал Зайнаб Махаева, Роза Макъсумова, Рукъигат Хӏамзатова, республикаялда ва гьеб бахун къватӏирехун машгьурал кьурдул ансамблял. Тӏобитӏана «Хъиргъуялъул» тарихалъул хӏакъалъулъ викторинаги. Суалазе жавабал лъаразе кьолел рукӏана сайгъаталги. Сайгъатазул букӏана цӏакъго цӏикӏкӏараб къадар. Исанасеб лъаларо, амма гъоркьиса гьадинабго байрамалда кьун буго 500 сайгъат. Лъабгоязе щун руго квартирабиги.
Жакъа «Хъиргъу» компаниялъул президентлъун ккола гьелъие роржен кьурав, гьелда борхалъи тӏасабищизе малъарав Сагӏидбег Даитовасул вас Гӏузаир. Инсул гӏумруялъул лъалкӏазда тӏугьдулги рекьулаго, цевехун унев вуго Гӏузаир. Дос васигат гьабун тараб лъикӏлъиялъул хьонал хьалел руго гьес къойил гӏадамазе. Щибаб лахӏзаталъ ракьалде жив щай вачӏун вугевали Гӏузаирида ракӏадещвезабулеб батила инсул хӏикматаб къисматалъги.
Гӏузаир Даитовасе щвана Тӏолгороссиялъул «Гӏасруялъул меценат» фондалъул шапакъат. Гьединго гьесие кьуна «Миллияб чӏухӏи» абураб Хӏурматалъул медаль ва «Честь и польза» абураб орденги.
Шамай Хъазанбиева