Гьалда лъолеб цӏар щиб?
Полициялъулаз Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов ккун вукӏинчӏин
лъазабуна республикаялъул МВДялъ
«Хӏакъикъаталъул» цересел номеразда нижеца бицун букӏана Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъ росулъа васал чӏваялъул ва,гьелда бан гӏуцӏараб уголовнияб дело рагьунгутӏиялдаса разилъи гьечӏолъиги загьир гьабун, гьезул эбел-эмен Махӏачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун рукӏараблъиялъул.
Тӏоцебесеб октябралдайин абуни, Хӏасанхӏусеновазда цадахъ тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъана дагъистаниялги. Пикеталъул хӏасилалда гьезда лъазабун букӏана анкьил болжалалда вацал чӏваялъул хӏакъалъулъ уголовнияб дело Москваялде битӏизе бугин ва гьелъие Владимир Васильевас квербакъанин абун.
Анкьабилеб октябралда Москваялда Журналистазул минаялъуб тӏобитӏана Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов гӏахьаллъараб пресс-конференция. Гьениб гьесги, «Право ва Закон» абураб жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакил Жамбулат Хӏасановасги, «Мемориал» гӏуцӏиялъул адвокат Мурад Мухӏамадовасги, гӏакъуба кьеялде данде къеркьолеб комитеталъул юрист Абубакар Янгъулбаевасги журналистазе бицана рехсараб уголовнияб делоялъул букӏине кколеб куцалда цӏех-рех гьабунгутӏиялъул хӏакъалъулъ.
Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновас пресс-конференциялда гьадинаб хитӏаб гьабуна РФялъул президент Владимир Путинидеги: «Гьарула, босе гьеб дело дурго берзукье, гьабе кумек дир лъимал чӏварал гӏадамал ратизе ва гьезие законалда рекъонккколеб тамихӏ гьабизе», — ян.
Пресс-конференциялда кӏалъана тохтур ва жамгӏияв хӏаракатчи Гӏабдурашид Сагӏидовги. Гьесул кӏалъай, дагьабго къокъги гьабун, бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун:
«Щибаб минуталъул къиматги гьабун, хӏакъикъияб баян кьун бажарулев чиясе гурони, кӏалъазе рагӏи кьогеян гьарана дица, пресс-конференциялде хӏадурлъулаго, гьелъул хӏаракатчагӏазда. Дидагойин абуни ракӏалдацин букӏинчӏо кӏалъазе вахъине.
Муртазагӏалихъа изнуги гьарун, юрист Абубакар Янгъулбаевас гьенир рихьизаруна чӏварал вацазул суратал. Гьел ккола уголовнияб делоялъул документал. Ва гьел экраналдасан рихьизаруна тӏоцебесеб нухалда. Гьел рихьун хадуб, дихъа бажаричӏо вуцӏцӏун чӏезе. Гьел рукӏиндалха вахӏшилъиялъул рагӏа-ракьан гьечӏел суратал! Бегьилищ гьединаб къагӏидаялда инжит гьаризе чӏварал лъималазул жаназаби?! Гьаб залалда вуго кӏиго тохтур-хирург. Нижедацин кӏолеб гьечӏо гьезухъ ралагьизе. Пикру гьабеха: расги гӏайиб гьечӏел лъималазе гьединаб гӏакъуба кьун батани, дагьабниги гӏайиб бугезе щибдай гьабулеб гьез? Щиб лъугьараб гӏадамазе? Щиб цӏар лъезе кколеб гьелда?!
Адвокатал Жамбулат Хӏасановасги, Абубакар Янгъулбаевасги, Мурад Мухӏамадовасги бицаралда рекъон, низам цӏунулел идарабазул хӏалтӏухъабаз бицунеб буго батӏи-батӏияб, цоцазде дандего кколареб хабар. Гьез мекъал баянал кьолел рукӏин тасдикъ гьабулел хӏужабиги руго. Кин гьелдаса хадуб къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъабазда гӏадамал божилел?».
Гьал къоязда Дагъистаналде рачӏун рукӏана РФялъул къуваталъулал идарабазул нухмалъулелги. Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасе бокьун букӏана РФялъул цӏех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъе ине. Амма гьев виччачӏо аслияб майданалдецин. Гьес гьадин бицана: «Дун виччачӏо майданалде. Гьеб сверун къан букӏана. Гьениса дун ана Гьудуллъиялъул минаялдехун, гӏодовчӏана хьонбакӏида ва ургъулев вукӏана, киндай дир масъалаялъухъ гӏенеккизарилел Бастрыкинги Дагъистаналде рачӏарал къуваталъулал идарабазул цогидал хӏакимзабигиян. Дида аскӏоре рачӏана полициялъулал ва абуна, дуца сверункъараб майданалде ворчӏизе хӏаракат бахъулеб букӏанин. Дица абуна, гьеб гьереси бугин, гьединаб хӏалалда гьениве ворчӏизе ракӏалдацин букӏинчӏин ва дун рокъове инехъин вугин. Ракӏ хӏалуцарав дие бокьана хъалиян цӏазе. Гьезги, жамгӏияб бакӏалда хъалиян цӏазе бегьуларин абун багьанаги батун, дун вачана полициялъул отделалде», — ян.
Муртазагӏалил адвокат Абубакар Янгъулбаевас тасдикъ гьабуна гьеб хабар. «Дун виччалевго вукӏинчӏо полициялъул отделалде жаниве. Дица дежурниясда бихьизабуна дирго паспортги Муртазагӏали Хӏасанхӏусеновасулгун гьабураб къотӏиги, гьебмехалда дун жаниве виччана. Амма Муртазагӏалигун дандчӏвазе рес щвечӏо. Дун гьесухъе кӏалъана телефоналдасан. Гьес дида абуна полициялъул отделалде жив вачун вугин начальникасулгун накъит гьабизе. Дица гьесухъе дунго виччангутӏиялда бан гӏарза хъвана ва гьелъул хъвай-хъвагӏайги гьабуна», — ян бицана Янгъулбаевас.
Къад сагӏат лъабго тӏубараб гӏужалда Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов къватӏиве вачӏана полициялъул отделалдаса, амма, полициялъуласул машинаялдаги рекӏун, церехун ана. «Мемориалалъул» адвокат Шамил Мухӏамадовас абуна: «Къуваталъулал идарабазул хӏалтӏухъанасда цадахъ гьев ана жиндиего бокьун. Гьес абуна цо бакӏалде ине ругин гара-чӏвари гьабизе», — ян.
Дагъистаналъул МВДялъул пресс-хъулухъалда бицана Хӏасанхӏусенов ккун вукӏанин абураб хабар гьереси бугилан. «2016 соналда Шамил районалда чӏварал вацазул эмен Муртазагӏали Хӏасанхӏусенов полициялъ ккун вугилан абун Интернет-сурсатазда ругел баяназда бан, лъазабулеб буго, гьев ахӏун вукӏана Махӏачхъала шагьаралъул УМВДялъул начальник, полициялъул полковник Нурмухӏамад Муртазагӏалиевасулгун гара-чӏвари гьабизе. Дандчӏваялъул аслияб мурадги букӏана жакъа гьесда церечӏарал масъалаби тӏураялъе квербакъи гьаби», — ян хъван буго Дагъистаналъул МВДялъул сайталдаги.