Дагъистаналъги гӏахьаллъи гьабуна
Россиялъул Журналистазул союзалъ кӏодо гьабулеб буго 100 сонилаб байрам
Байрамалъул тадбирал гӏуцӏараб заманалда тӏобитӏулеб бугеб журналистазул форумалда гӏахьаллъулев вуго 1200-ялдасаги цӏикӏкӏун чи: прессаялъул хӏалтӏухъабиги, жамгӏиял хӏаракатчагӏиги, власталъул вакилзабиги.
Исана форум рагьиялъул тадбир тӏобитӏана Сочиялъул аслияб концертазулаб майданалда – Хасалил театралда. «Форумалда руго улкаялъул тӏолалго регионазул вакилзаби», — ян абуна форум рагьулаго Россиялъул Журналистазул союзалъул председатель Владимир Соловьевас.
РФялъул Пачалихъияб Думаялъул информациялъулаб политикаялъулги, информациялъулал технологиязулги, бухьеналъулги комитеталъул председатель Леонид Левиница загьир гьабуна ункъабилеб власталъухъ рукӏарал ихтиярал гьелъухъе тӏадруссинаризе кколин абураб пикру.