Аслияб мурад – гьудуллъи щула гьаби

15 октябралда «Дагъистан» РИАялда данделъун рукӏана Дагъистаналда тӏобитӏараб халкъазда гьоркьосеб гӏолилазул динияб форумалъул хӏасилазул хӏакъалъулъ бицине.

Гьенир гӏахьаллъана диниял ишазул рахъалъ комитеталъул председателасул ишал тӏуралев Мухӏамад Гӏабдурахӏманов, ДРялъул муфтиясул кумекчи Мухӏамад Мухӏамадов ва цогидалги. Мухӏамад Гӏабдурахӏмановас цоги нухалда ракӏалдещвезабуна форумалъул программа. Тадбиралъул гӏахьалчагӏи щвана Дербенталде, Ахӏулгохӏде, гӏолилал дандчӏвана батӏи-батӏиял диназул нухмалъулелгун, жамгӏиял ва пачалихъиял хӏаракатчагӏигун.

Дандеруссиналда гӏахьаллъа-рал жугьутӏазул цолъиялъул советалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Борис Ханукаевас ва Махӏачхъалаялъул епархиялъул отделалъул нухмалъулев Иеромонах Иоанница бицана гӏолилазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе ва цоцазде гьел гӏагар гьариялъе, гьезие рухӏияб тарбия кьеялъе гьединал форумазул бугеб кӏваралъул хӏакъалъулъ.