Каспийскалда тӏобитӏана «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул дандеруссин

Дандеруссиналъул аслияб мурад ккола Россияги исламияб дунялалъул улкабиги цадахъ лъугьун терроризмалъул хӏинкъиялде данде къеркьей. Данделъиялда хасаб кӏварбуссинабуна, гьеб ишалъулъ гӏолилал гӏахьал гьариялъул мурадалда, гьезие лъайгун бичӏчӏи кьезе кколеблъиялде. Бицана гӏолилазул рахъалъ тӏобитӏулеб политикаялдаги лъайкьеялдаги пайда цӏикӏкӏинабиялъул мурадалда цадахъал тадбирал гӏуцӏизе ккеялъул хӏакъалъулъги.

Дандеруссиналда гӏахьаллъана РФялъул къватӏисел ишазул министрасул заместитель, Гӏагараб Бакъбаккулги Африкаялъулги улкабазда вугев РФялъул президентасул хасав вакил Михаил Богдановги, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъулги, гьединго исламияб бухьеналъул гӏуцӏиялъулги, цебетӏеялъул исламияб банкалъулги, лъайкьеялъулги, гӏелмуялъулги, маданияталъулги суалазул рахъалъ исламияб гӏуцӏиялъулги, гӏараб пачалихъазул лигаялъулги членал.

Гӏолохъанав бусурманав

цевехъанасул школа

Дандеруссин рагьана ва нухда бачана РФялъул МИДалъул МГИМО (У)ялъул цивилизациязул партнерлъиялъул централъул директор, посол, стратегияб къокъаялъул координатор Вениамин Поповас. «Нилъеца гӏумру гьабулеб буго халкъазда гьоркьосел бухьенал хӏалуцараб заманалда. Гьединлъидал цӏакъ кӏудияб кӏварги буго Россиялъулги бусурбабазул пачалихъазулги бухьенал камиллъиялъул. РФялда гӏумру гьабулеб буго 20 млн бусурманчияс. Хутӏараб дунялалда гьезул къадар бахуна цогун микьго миллиардалде. Нилъер бухьенал щулалъиялда бараб букӏине буго дунялалдаго парахалъи чӏезаби. Россиялъулги, Турциялъулги ва Ираналъулги цоцазулгун дандран гӏуцӏарал тадбиразул хӏасилалда рес щвана Сириялда анкьго соналъ халатбахъараб рагъуе ахир лъезе. Москваялъулги Эр-Риядалъулги къотӏиялда рекъон, рес щвана чӏегӏернартил багьа рукӏалиде ккезабизеги, Россиялдаса Турциялдеги Египеталдеги самолетал роржинари цӏигьабиялъеги, гьел пачалихъазул экономикаялъе пайда бахиналъеги. Россиялдаса къватӏисел улкабазе бичула пурчӏинадул 30 млн тонна, гьелъул 80 процент уна исламиял пачалихъазде: Нигериялдаса байбихьун Индонезиялде щвезегӏан. Дармил букӏа, улка цӏуниялъул букӏа, яги атомалъулаб промышленносталда букӏа – ниж хӏадур руго исламиял пачалихъазулгун бухьенал жеги щула гьаризе. Гьеб рахъалъ пайдаяб иш гьабулеб буго Рустам Миннихановасул нухмалъиялда гъоркь хӏалтӏулеб бугеб «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъги: гьелъ квербакъулеб буго магӏишатиялги, рухӏиялги, маданиялги, гуманитариялги ва цогидалги рахъазда бухьенал щулалъиялъе», — ян бицана Вениамин Поповас.

Рехсараб къокъаялъ тӏоритӏарал данделъабазулги, басмаялде рахъарал тӏахьазулги ва бахъараб фильмалъулги хӏакъалъулъ бицун, Поповас загьир гьаруна гьадинал пикрабиги: «Халкъазда гьоркьосеб терроризмалъул хӏинкъи жеги лъугӏун гьечӏо. Гьединлъидал Россиялъул президент Владимир Путиница бакътӏерхьул улкабазул партнеразде хитӏаб гьабун букӏана, цадахъал тадбирал гӏуцӏизе рачӏаян абун. Амма гьеб ахӏуе жаваб щвечӏо. Гьединлъидал, ракӏалде ккана бусурманал гӏолилазда гьоркьоб лъайкьеялъул ва бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи камиллъизабизе. Гьелъул мурадалда бокьун буго «Гӏолохъанав цевехъанасул школа» абураб проект хӏадуризе. Гьелъул кьучӏалда нилъехъа бажарилаан экстремизмалде дандечӏей гьабизе гуребги, гьединаб хӏаракатчилъи бижунгутӏиялъего квербакъулел гӏолохъанал нухмалъулел хӏадурунги», — ян.

РФялъул президентасул хитӏаб

Татарстаналъул бетӏерас баркала кьуна Дагъистаналъе лъикӏаб гьоболлъиялъухъги лъикӏ гӏуцӏараб дандеруссиналъул хӏалтӏул программаялъухъги. Гьес цӏалана РФялъул президент Владимир Путиница дандеруссиналъул гӏахьалчагӏазде гьабураб хитӏабги.

«Хириял гьудулзаби! Ракӏ-ракӏалъулаб салам буго нужеде, «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул иргадулаб дандеруссин рагьиялда бан. РФялъ кӏудияб кӏваркьолеб буго исламиял пачалихъазулгун бухьенал гӏатӏид гьариялде.

Глобалиябги регионалиябги политикаялъул рахъалъ нилъер гӏемерисел пикраби рекъонкколел руго. Нилъ цадахъ рахъунел руго ритӏухъаб ва демократияб дунял гӏуцӏизе, гьеб дунялалда ихтияралги эркенлъиги цӏунизе, къуваталъулаб яги экономикиябгун информациялъулаб тӏадецуялдеги цояз цогидал хӏакъир гьариялдеги данде.

Россиялдаги исламияб дунялалдаги гьоркьор гӏуцӏун руго дармилгун экономикиялги, гӏелмиялгун техникиялги ва гуманитариялги гьоркьорлъаби, бакӏалъулал тунка-гӏусиялги гӏорхъолъа рорчӏарал ахӏвал-хӏалалги тӏагӏинариялъул рахъалъги цадахъаб хӏалтӏи.

Стратегияб къокъаялъул жакъасеб дандчӏваялъул буго цӏакъ кӏудияб кӏваралъул масъала – терроризмалъулги экстремизмалъулги идеологиялде дандечӏей, гьелдаго гъорлъе уна гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏи, лъайкьеялъул рахъалъ цадахъаб хӏалтӏи. Гьеб ишалъулъ нужее дица гьарула тавпикъ», — ан хъван буго президентасул хитӏабалда.

Хадуб Рустам Миннихановас бицана стратегияб къокъаялъул нухмалъиялда гъоркь исана гьарун рукӏарал тадбиразул хӏакъалъулъги. Гьесул баяназда рекъон, 2018 соналда тӏобитӏун буго 25 тадбир: 13 – Татарстаналда, лъабго – Москваялда, микьго – къватӏисел улкабазда, цо – Крымалда.

Бицана Миннихановас гӏолилазулгун гьабулеб хӏалтӏул хӏакъалъулъги. «Террористазул къокъабаз жигар бахъулеб буго, динги гьоркьоб ккун, нилъер гӏолилал жидерго кьеразулъе рачине. Гьединлъидал аслияб кӏвар буссинабизе ккола динияб лъайкьеялде. Исламияб лъай щвезе гъира бугел гӏолилал Татарстаналда цӏализарула ункъо батӏияб идараялда: мажгитазда цере гӏуцӏарал курсазда, Россиялъул исламияб университеталда, Болгариялъул исламияб академиял ва мадрасаялда. Тӏоритӏула батӏи-батӏиял форумалги. Хӏадурун буго гӏолилазул жигарчилъи хӏалтӏизабизе рес кьолеб чанго проектги», — ян бицана субъекталъул нухмалъулес.

Гӏолилазул рукӏа-рахъиналдеги кӏварбуссинабизе кколинги абун, Рустам Миннихановас рахъккуна Вениамин Поповасул пикруялъул: гӏолохъанал церехъабазул академия рагьи лъикӏаб иш букӏинин ва, гьеб пикру гӏумруялде бахъинабиялъул мурадалда, исламиял бухьеназул гӏуцӏиялъул кумекги хӏалтӏизабизе ккелин абуна гьес.

Лъабго батӏияб дин Дагъистаналда

Дагъистаналъул бетӏерасеги рекӏее гӏуна гӏолохъанал исламиял церехъабазул академия рагьиялъул хӏакъалъулъ пикру. Гьес ракӏалдещвезабуна дагьаб цебе республикаялда тӏобитӏараб «Дир Дагъистан» абураб кадрабазул къец. «Гьелда гӏахьаллъана 11,5 азарго гӏолилав. Къецалъул хӏасилалда финалалде рорчӏарал гӏолилазул 90 процент ратана Дагъистаналдаго гӏумру гьабулел», — ан абуна Владимир Васильевас.

Хадубги гьадин абуна гьес: «Дагъистан буго гӏемермиллатазулаб регион, гьаниса байбихьана гьанжесеб Россиялъул Федерациялъул ракьалда ислам тӏибитӏизеги. Гьаниб цебего дин гьабулеб буго бусурбабазги, насраниязги, ягьудиязги. Гьезул вакилзабазул цоцазде дандечӏейги букӏинчӏо киданиги. Ислам лъугьун буго Россиялъул пачалихъалъулги, тарихалъулги, маданияталъулги тӏолареб бутӏалъун. Россиялъул бусурбабазул муфтиязулгун Уфаялда тӏобитӏараб дандчӏваялда улкаялъул президент Владимир Путиница абуна: «Ислам лъугьун буго жамгӏиябгун политикияб гӏумруялъул кӏвар бугеб бутӏалъун, ва гьелъ квербакъулеб буго нилъер жамгӏияталъул рухӏиябгун маданияб цебетӏеялъе», — ян.

Владимир Васильевас ракӏалдещвезабуна 1999 соналда халкъазда гьоркьосел террористазде данде дагъистаниял рахъинги, улка цӏунизе гьезул букӏараб гъираги. «Гьабсагӏаталда республикаялда буго 2672 динияб гӏуцӏиги, рузман балеб 1337 мажгитги, 116 авал-мажгитги, как балеб 158 рукъги. Дагъистаналъ жигаралда гьарулел руго исламиял улкабазулгун бухьеналги», — ян абуна гьес.

Кавсарат Сулейманова