«Сугъралъ» СПКялда кӏодо гьаруна гӏияхъаби-церехъаби
Кочӏохъаби, кьурдухъаби, спортсменал ва цогидалги къадруялда рукӏиналда цадахъ гӏадатияв хӏалтӏухъанасул, мисалалъе, гӏияхъан-хурухъанасул къадру гьаб заманалда ккун бугеб бакӏги нилъеда цебе буго. Гьезул хӏакъалъулъ гӏемер бицунебги гьечӏо, гьездехун бугеб бербалагьиялъул, гьезие ругел шартӏазул, мухьалъул хӏалги беццизегӏанасеб хӏалалда гьечӏо. Амма анкьабилеб ноябралда Гъуниб районалда бищун кӏудияб ва Дагъистаналда церетӏурал магӏишатазул цояб «Сугъралъ» СПКялда (Цӏияб Сугъралъ) тӏобитӏараб тадбир букӏана дагьаб батӏияб. Гьениб борхараб аслияб суалги букӏана гӏияхъанлъиялъул лъагӏалил хӏалтӏул ва магӏарухъа гӏи лъарагӏлъиялде гочинабиялъул хӏасил гьаби ва, гьелда рекъон, церехъаби кӏодо гьари. Тадбиралда гӏахьаллъана Росдал магӏишаталъул ва кванил нигӏматазул министерствоялъул, Гъуниб районалъул росдал магӏишаталъул управлениялъул жавабиял хӏалтӏухъаби, СПКялъул нухмалъи ва хӏалтӏухъаби, гьалбал. Хӏалтӏул хӏасилал, хӏакъикъаталдаги, заманалда рекъон ва цоги магӏишатазда дандеккун, гӏезегӏан лъикӏал руго. Гьединлъидал шапакъатазе мустахӏикълъана гӏиял чанго бригада (щибалъе кьуна грамота ва 90 азарго гъуруш), кӏочон течӏо хӏалтӏул ветераналги (гьезда гьоркьор рукӏана 70 ва жеги цӏикӏкӏун соналъ магӏишаталда хӏалтӏаралги). Гьелда цадахъго рехсечӏого гӏоларо цогидаб ишги. Сугъралъа цо хъизамалда Россиялъул кӏиго Бахӏарчи (Мухӏамад ва Тӏайиб Тӏолбоевал; кӏиясулго буго «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» цӏарги) вахъи лъалеб хӏужа буго. Гьеб данделъиялда гӏахьаллъарал «Гӏагараб Дагъистан» жамгӏияб гӏуцӏиялъул вакилзабаз СПКялъул кӏиго хӏалтӏухъанасе (гӏиял бригадир Асхӏаб Рамазановасеги хурухъанлъиялъул бригадир Мухӏамад Мухӏамадовасеги) кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар. Тадбир берцин гьабуна ракӏбащадаб хабар-кӏалалъ, Мухӏамадтӏамир Синдикъовасул кучӏдуз ва СПКялъул нигӏматаздалъун хьезабураб гӏодобчӏеялъ. Гьеб ана гӏадатияб къагӏидаялда, гӏахьаллъарал разияб хӏалалда, гьадинал данделъаби санайил тӏоритӏизе ккеялда ракӏчӏейгун. Гӏияхъанлъиялда бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва жакъасеб тадбиралъул хӏакъалъулъ къокъабго баян кьуна СПКялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Чураевас:
— Гӏаммаб куцалда босани, исана иш квеш гьечӏо. Тайпадулаб ва селекциялъулаб хӏалтӏи цебебачиналъе пачалихъалъги кумек гьабулеб буго. Исана гӏи гочиналъул ишги ана гӏезегӏан лъикӏ, къваригӏел гьечӏел лъугьа-бахъинал ккечӏого. Магӏарухъе ва магӏарухъа гочиналде цебеккунго тӏубана хӏаримазул суал, гӏияда цадахъ рукӏана хӏажатаб техника, киналъего хӏадур букӏана ветеринарияб хъулухъ. Исана ихдал магӏарухъе ана 20 азаргогӏанасеб гӏи-цӏцӏани (тӏинчӏги рикӏкӏун). Магӏарухъа гьеб нахъбуссарабго нижеца тӏурана ветеринариял тӏалабал ва гьеб бикьана жиде-жидер бригадабазде. Жакъасеб гьаб тадбирги нижеца тӏобитӏана хӏасилал загьир гьари, вехьасул хӏалтӏи бихьизаби ва чӏезарурал нормабиги тӏуран жеги лъикӏ хӏалтӏи гьабизе, лъикӏал хӏасилал рихьизаризе кӏваразе премиял-сайгъатал кьей мурадалда.
Хадув дун дандчӏвана Бахӏарзалгунги. Асхӏаб Мухӏамадов, 14 сон тӏубаралдаса нахъе, 40 соналъ вуго гӏияхъанлъиялда (17 сон вехьлъун, 23 сон бригадирлъун).
— Асхӏаб, дур хӏалбихьиялъул борхалъудасан балагьун кинаб хӏалтӏи бугеб вехьасул?
— Гьелдаса захӏматаб хӏалтӏи батиларин ккола дида. Сезон батӏабахъичӏого, гӏодобкъо-байрамкъо гьечӏого, къасиги къадги, виччун, вакъван вугониги, вакъаниги къечаниги — гьоркьоб течӏого гьабизе кколеб хӏалтӏи бигьаябин кинха абилеб. Магӏарде-нахъе гӏи гочинабулаго ва мугӏрузда ругеб заманалда (анлъго моцӏ) вехьасе къанагӏат гурони щоларо рес сордо-къоялда жаниб лъабго-ункъо сагӏаталдаса цӏикӏкӏун парахатго кьижизе.
— Советияб заманалдайищ вехьасе бигьа букӏараб, гьанжейищ бугеб?
— Цебе сундулъго букӏана гӏадлу-низам, вехьасул къадру-къимат. Шартӏал гӏезегӏан лъикӏлъун ругониги, хӏалтӏизе чи щоларого букӏиналъги, гӏи хьвадулеб нухда ракьалъул хважаинзаби цӏикӏкӏиналъги, гьаб заманалда дагьаб захӏмалъизабун буго вехьасул хӏалтӏи.
— Хӏалтӏухъ щолеб мухь кигӏан бугеб?
— Дица абиларо гьабсагӏаталда вехьасе бугеб мухь, чӏезарун ругел бигьалъаби къадарал ругин абун. Амма доб заманалда, цоги жоялъул бицинчӏониги, квасул букӏана лъикӏаб къимат, цохӏо гьелъ тӏуралаан гӏемерал суалал. Гьебги, гӏемерал цогидал рахъалги хӏисабалде росун, доб мехалъ вехьасе цӏикӏкӏун щолаан.
— Дагъистаналда гӏемерисел гӏаммал магӏишатал риххана, рикьана. Дур кинаб бербалагьи бугеб гьеб суалалдехун?
— Гьаниб гӏаммаб магӏишататги биххизабун, пачалихъалъул гӏарацги хачан, жалго бетӏергьанал магӏишатал гӏуцӏиялъул магӏна дида бичӏчӏуларо. Бугеб цӏуни, гьеб цебетӏезаби, гьелъул хӏалтӏи борхизаби рикӏкӏуна дица битӏараблъун.
— Дида бицана мун вугин хӏалтӏизе бокьулев чи. Хӏатта хӏалтӏи гьабуларого вукӏиналъ, дуца вацгицин хӏалтӏудаса нахъе гъунин абун. Битӏараб бугищ гьеб?
— Жугьутӏав гьев ватаниги, дица къимат гьабула хӏалтӏулев чиясул, вац гьев ватаниги, хӏалтӏи бокьуларев чиясулгун дир дандеги кколаро. Дида лъаларо кӏвахӏаллъи абураб жо, гӏи бакъун бугони мехелалъго кьижизе кӏоларо дида. Дие бокьуларо цӏогь, данде кколаро гьереси, дида лъала гӏи-боцӏул хӏал, дун вуго хӏалтӏун ругьунав чи.
— Жакъа дуе кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар…
— Гьереси щай, гьелдаса вохана, кутакалда разилъана. Баркала нухмалъиялъе гьаб хӏалалда магӏишат цӏунаралъухъ.
Мухӏамад Мухӏамадов, 40 соналъ хӏалтӏана механизаторлъун (комбайн, Т-150 трактор), цо лъагӏел буго бригадирлъун хӏалтӏулелдаса.
— Мухӏамад, кинха араб механизаторлъун хӏалтӏараб 40 сон?
— Ана разиго, дир гӏумруялъе ва хӏалтӏуе щибниги сундулниги къварилъи гьечӏого, гьабин абун, гӏарз бахъизе жо гьечӏеб хӏалалда.
— Механизаторасул хӏалтӏуе бигьаяб заман кида букӏараб?
— Цебе кинабго хӏажатаб чӏезабун букӏунаан, къваригӏел ккараб техника- алат хъващтӏан щвезабулаан гьанибе. Гьабсагӏаталда щоларого рукӏуна запчастал, гӏемер сверизе ккола гьезда хадур, щваралги чӏола цӏакъ хираго, даражаги букӏуна тохаб. Гьеб киналъго захӏмалъизабула хӏалтӏи
— Мухьалъул хӏакъалъулъ бицани…
— Цебеги квеш букӏинчӏо, хӏалтӏарав чиясе гьабсагӏаталдаги щола гӏезегӏан лъикӏаб гӏарац. Дове-гьаниве кьуричӏого, берцинаб хӏалалда хӏалтӏун, гьоркьохъеб хӏисабалда, моцӏалъ дие щолаан 30-40 азарго гъуруш.
— Жакъа дуеги кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бахӏарчи» абураб цӏар. Кинаб асарха гьабураб?
— Советияб ва инсуца кьураб тарбиялда рекъон, дун кидаго вукӏана ва жакъаги вуго хӏалтӏичӏого чӏезе кӏоларев, хӏалтӏун ругьунав чи. Дун гьеб цӏаралда ва цоги шапакъатазда хадув лъугьунги вукӏинчӏо, гьезие гӏоло хӏалтӏулев чиги гуро. Амма гьеб цӏар кьун хадув гӏезегӏан разилъана, вохана. Гьеб кьейги дица рикӏкӏуна дирги дир хӏалтӏулги къимат гьабилъун.
Гӏабаш Гӏабашилов