Улбузе рокьулел тӏугьдузул махӏал…

Кочӏохъанас бицунеб буго жиндирго клипалъул хӏакъалъулъ

Дагьаб цебе дица цӏалана «Дагъистаналъул гӏолилал» газеталъул мухбир Регина Къурбановалъ магӏарул кочӏохъан Руслан Хӏасановасулгун гьабураб гара-чӏвари. Гьелъ кӏудияб, пашманлъиги рохелги жубараб асар гьабуна дие. Рохел — эбелалъул хӏакъалъулъ бицунеб букӏун. Пашманлъи — эбелалъул ахираб кочӏол сарин цӏидасанги рагӏун.

Ноябралда кӏодо гьабула Халкъазда гьоркьосел байрамазул бищунго хӏеренабги берцинабги байрам — Эбелалъул къо. Улбузул къоял нилъер гӏумруялъул щибаб лахӏзаталъулъ рукӏуна, амма эбелалъул къоялъ гьезул сипат цебесаго унаро.

Руслан Хӏасановасул буго эбелалъе сайгъат гьабураб цӏияб кечӏ. Кечӏ ахӏулеб буго гӏурус мацӏалда. Клип байбихьулеб буго Хӏамзатил Расулил рагӏабаздалъун.

Гӏадатиял гурел къисматал

Гьеб клип бахъизе дие некӏого бокьун букӏана. Дир лъикӏав гьудул ва видеограф Марат Гъапуровас абуна гьеб кочӏол рагӏаби жиндие рекӏее гӏунилан ва гьелъул социалияб клип бахъизе бегьулилан. Цо мехелалда жаниб бахъун бажарана клип.

Эбелалъул хӏакъалъулъ букӏиндал батила! Нилъер щивасул гӏумруялъулъ аслияй гӏаданлъун ккола гьей. Гьелъ цӏунула нилъ квешлъиялдаса, гьелда кӏола нилъер мунагьаздаса тӏасалъугьинеги, нилъ рокъоре щвезегӏан, рагьдухъ лъурал гьелъул бералги свакаларо. Эбелалде хъвана ва ахӏана гӏемерал кучӏдул. Клипалда гьечӏо актеразул хасаб хӏай. Гьениб буго гӏумру — лъимал рехун тарал улбулги улбуз рехун тарал лъималги. Жакъасеб гӏумруялъул къваридаб сарин. Клип бахъизе ниж щвана «Тӏалаб» лъималазул ва «Ветеран» харабазул интернатаздеги. Камераялда цере ругьунлъичӏел лъималгун хӏалтӏизе бигьаго букӏинчӏо. Цоцазда ричӏчӏизе гӏоло, гьезулгун лъай-хъвай гьабуна, цадахъ суратал рахъана. Гьел рази ругоан жидее гьабулеб хъулухъалдасаги. Амма къисматалъул хӏакъалъулъ бицине бокьулеб букӏинчӏо. Дун цевеги чанги щолаан гьезухъе. Цо-цоязда лъана дун, микрофон киб бугебилан цӏехолдилел рукӏана.

Херазул рокъобги цин гьезулгун лъай-хъвай гьабуна. Дица кечӏги ахӏана гьезие. Клипалъул аслияй багьадурлъун йикӏине йигей Нинель Александровнаялъ нижее бицана жиндирго къисматалъул хӏакъалъулъ. Дун кутакалда вохана гӏадамаз дир клип къабул гьабиялдаса. Гьеб буго кӏудияб рокьигун гьабураб хӏалтӏи. Чӏахӏиязулги, гӏисиназулги, гӏолилазулги, херазулги гӏадатал гурел къисматаз асар гьабуна гӏадамазе.

Расул Хӏамзатов

Дие цӏакъ бокьула Расул Хӏамзатовасул гьунар. Школалда цӏалулеб заманалдаго, кӏудияб гъира-шавкъалда, чанго нухалда тӏад-тӏадвуссун, цӏалун букӏана гьесул «Дир Дагъистан» абураб тӏехьги. Дирго «Инстаграмалдаги» зама-заманалдасан цӏалула гьесул кучӏдул. Дир пикруялда, социалиял гьиназда аслияб къагӏидаялда рукӏине ккола гьединал машгьурал гӏадамазул гьунаралъулги гӏумруялъулги хӏакъалъулъ бицунел флешмобал. Масала, шагӏирасул кучӏдузул. Дицаги хӏаракат бахъула гьесул махщелчилъиялъул хӏакъалъулъ дирго кучӏдузда бицине. Гьесул рагӏабазе гӏемерал бакънал хъвана Тӏагьир Къурачевасги. «Йо-йо» ва «Эбел» абурал кучӏдул ахӏизеги ихтияр дица гьесухъа босана.

Дир хадусел планазул хӏакъа-лъулъ бицани, къватӏире риччазе хӏадурулел руго лъабабилеб альбомги чанго дуэтги.

Гӏумруялъул дарсал

Зама-заманалдасан гӏумруялъги кьола нилъее дарсал. Жакъа якъинго бичӏчӏана саназда цадахъ бачӏунин гӏакъиллъийилан абураб умумузул абиялъул магӏнаги. Дагьабги лъикӏ бичӏчӏана улбул рокьизе нилъ кватӏизе бегьуларин абураб жоги. Гьезул адаб гьабизе ккола. Гьезда гьелъул тӏагӏам лъалеб мехалда, ай гьел чӏаго рукӏаго.

Ахирисеб нухалда кида абураб нужеца эбелалда йокьулилан? Кьунищ гьелъие тӏугьдул? Рестораналде кида ячарай гьей? Ракӏчӏола — некӏого. Нужеда лъазегӏаги лъалищ кинал тӏугьдул гьелъие рокьулелали?

Ракӏалдещвана цоги

социалияб ролик

Цо инсул вукӏуна щуго вас. Гьезул заман букӏунаро инсухъе щвезе. Цо къоялъ гьезул щивасухъе щола эмен хванин абураб кагъат. Хӏалтӏиги тун, гьел киналго уна росулъе, эмен вукъизе. Магӏуги пашманлъиги… Рес букӏанагури гьезул, хӏалтӏиги тун, инсухъе щвезе ине. Васал тӏаде щвелалде, эмен ватула гьезда, гьел рачӏиналде, дандчӏваялде хӏадурлъун. Сайгъаталги ратана гьес хӏадурун. Тӏолабго черхго цӏунцӏрахана дир, гьеб клипалъухъ валагьидал.

Гьале цоги мисал. Эбел ячӏуна васасухъе гьоболлъухъе. Гьев рокъове вачӏиналде, гьесие бокьулеб квен хӏадуризе лъугьана гьей. Цӏулал хъорщол бакӏалда, гьеб щиб жоялиги лъачӏого, гьелъ хӏалтӏизабулеб батун буго хирияб планшет. Рокъове щведал, васас сверухъ батанщинаб жо кӏалагъоркье чӏвазабуна, эбелалде ахӏдана, хьагиниб букӏараб квен гӏодобе чӏвана. Эбелалъул цӏакъ ракӏ къварилъана, ва гьей рокъое тӏадюссун ана. Амма гьей рокъое щвечӏо. Нухда авариялде ккана…

Цебе телевизоралдасан рихьизарулаан улбузухъе кӏалъазе кватӏугейилан малъулел рекламаби…

Дида ккола нилъер гӏумруялъулъ гӏолеб гьечӏин ва къанагӏалъулеб бугин гурхӏел-рахӏмуйилан. Нилъеца ракьалда бекьизе ккола лъикӏлъи…