Кьер-кьерал тӏугьдузул квацӏи гӏадаб «Дир Дагъистан»
Фестивалалде рачӏарал гьалбал дандчӏвана ДГУялъул филологияб факультеталъул студенталгун
Студентазухъе гьоболлъухъ рачӏун рукӏана фестивалалъул жюриялъул гӏахьалчагӏи: культуролог ва журналист, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул президент Сулиета Кусова-Чухо, тележурналист ва кинодокументалист, «Элия-фильм» абураб студиялъул генералияв директор, «Кунаки» абураб рагьараб фестивалалъул директор Иляс Богатырев, жюриялъул председатель, РФялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъан, киновед, Россиялъул Кинематографистазул союзалъул член Григорий Гиберт, кинорежиссер, «Алания» абураб ГТРКялъул коновидеопроизводствоялъулаб къокъаялъул нухмалъулев, Северияб Осетиялъул халкъияв артист, ДРялъул искусствоялъул мустахӏикъав хӏаракатчи Рафаэл Гаспарянц, сценарист ва кинодокументалист Екатерина Головня, кинорежиссер, сценарист ва кинооператор, СССРалъул Пачалихъияб премиялъул лауреат, Туркмениялъул халкъияв артист Хӏожакули Нарлиев, РФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редактор Гӏали Камалов.
Гьалбадерица студентазе бицана жидерго махщел тӏасабищиялъулги гьеб камиллъизабиялъул мурадалда бахъараб хӏаракаталъулги хӏакъалъулъ. Гӏолилазде хитӏаб гьабулаго, гьез аслияб кӏвар буссинабуна ватӏан бокьизе ккеялдеги, тӏасабищараб махщалие ритӏухълъи цӏуниялдеги, анищаб мурад тӏубазелъун хӏаракат гьабизе ккеялдеги.
Масала, Сулиета Кусова-Чухоца ракӏалдещвезабуна Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан» абураб тӏехь. «Университеталда цӏалиги лъугӏун, аспирантураялде бакӏ хӏадурго букӏарай дун Дагъистаналде ана хӏалтӏизе. Гьелъие гӏиллалъун ккана Расул Хӏамзатовасул «Дир Дагъистан». Гьеб цӏалараб мехалда дие бокьана тӏехьалда хъвараб хӏакъикъаталда бугищали лъазе. Картаялъухъги балагьун, дица тӏасабищана бищунго «гӏурччинабилан» ракӏалде ккараб Табасаран район. Дун гьение ана учительлъун хӏалтӏизе. Гьелдаса нахъе дица киданиги бухьен тӏезе течӏо Дагъистаналъулгун. Ватӏан бокьизе ккола, республикаялъул лъикӏал гӏадатазулги, маданияталъулгун тарихалъулги хӏакъалъулъ бицине ккола – гьеб нужеда тӏадаб иш буго», — ян бицана гьелъ.
Цо нухалда Дагъистан бихьарав чиясда гьеб киданиги кӏочонарилан пикру загьир гьабуна Рафаэл Гаспарянцица. Гьес цо чанго фильм бахъана Дагъистаналда. Щвана Кубачивеги цогидал бакӏаздеги. Масала, гьес рахъана «Кубачиязул курхьеналъул бицанкӏо», «Квералъ хъвараб Къуръаналъул балъголъи» ва цогидал фильмал. «Дагъистаналда фильмал рахъулеб заманалда, дир ккана щулияб гьудуллъи лъикӏал гӏадамазулгун – Расул Хӏамзатовасулгун, Ахӏмадхан Абубакарилгун, Мухӏамад Сулеймановасулгун (кинематографист) ва цогидазулгун. Гьеб гьудуллъи биххичӏо тӏолабго гӏумруялъ», — ан бицана Рафаэлица.
«Рукӏинесел адабияталъулги мацӏалъулги учительзабазулги журналистазулги букӏине ккола тӏахьазде рокьиги, творческияб хӏалтӏуде гъираги. Тӏахьазул кумекалдалъун нилъ щола гӏемерал бакӏазде, батӏи-батӏиял улкабазде, лъай-хъвай гьабула гӏемерал хасиятазулгун. Гьеб кинабго хӏажалъула творческияб пишаялъул вакиласе. Дун гьавуна лагералда – пионеразул гуро, политикиял туснахъазе бараб лагералда. Гьениб букӏана кӏудияб ва бечедаб библиотека. Дир кӏудияй эбелалъул квербакъиялдалъун бижана дилъ тӏахьазде рокьи. Библиотекаялда ругел гӏемерисел тӏахьал цӏалана дица, школа лъугӏилалдего. Гьелъ кумекги гьабуна ВГИКалде цӏализе лъугьунеб мехалда. Телефоназде къулун, гьасухъе-досухъе хъвадарун рукӏинчӏого, тӏехьалъулгун гьудуллъи гьабе», — ян абуна Григорий Гибертицаги.
«Нужехъе ячӏине рес щвеялдаса цӏакъ йохун йиго дун. Григорий Гибертги, жюриялъул цогидал гӏахьалчагӏиги – ниж тӏубараб къоялъ ралагьун рукӏана фестивалалде рачӏарал фильмазухъ. Гьез ниж рачана Белоруссиялдеги, Хабаровскалдеги, Ингушетиялдеги, цогидал ракьаздеги. Нужер буго берцинаб тӏабигӏатги гьайбатал гӏадамалги. Рахъе гьезул хӏакъалъулъ гьитӏиналго фильмал, видеороликал ва ритӏе фестивалалъул сайталде. Гьеб букӏина, Расулилго гӏадаб, амма нужер бераздалъун бахъараб «Дир Дагъистан». Ракӏчӏун абила: гӏемерал сюжетаздаса гӏуцӏараб гьеб релълъине буго батӏи-батӏиял тӏугьдуздаса сокӏкӏараб берцинаб квацӏиялда», — ян бицана Екатерина Головняца.
Киназего гӏажаибаб асар гьабуна фестивалалъул гьобол Хӏожакули Нарлиевасул накъиталъ. Гьев ккола Туркмениялъул халкъалъул хасият гъорлъе бессараб «Нус» абураб фильмалъул автор. Гьеб киноялъухъ гьесие щвана СССРалъул пачалихъияб премияги, вахъана батӏи-батӏиял кинофестивалазул лауреатлъунги. «Дие бокьун букӏана дир халкъалъул аслияб хасият рагьизе. Фильмалда бицунеб буго Кӏудияб Ватӏанияб рагъул заманалъул хӏакъалъулъ. Рагъде арав росги хун хутӏарай гӏолохъанчӏужуги гьелъул вакьадги – гьел руго фильмалъул багьадурал. Гьел цоцазда кӏалъалелцин гьечӏо – кинабго бичӏчӏула цоцазухъ ралагьарабго. Амма нусалъул сипаталдалъунги вакьадасулги гьелъулги гьоркьоблъиялдалъунги гьениб бихьизабун буго халкъалъул хасият. Гьединаб хаслъи буго щибаб халкъалъул. Дие бокьилаан, цогидал халкъазе нужерго халкъазул къанагӏатаб хаслъи рагьун бажарулеллъун нужги рахъине», — ян бицана Нарлиевас.
Кавсарат Сулейманова