Республикаялда урологиялъул центр гӏуцӏаралдаса 25 сон ана

— Унтидал гурони, чиясда сахлъиялъул къимат лъаларин абула. Амма унтудаса хадуб сахлъи тӏадбуссиналъул рохалиде данде кколеб жо букӏунебго батиларо, — ян абуна, республикаялъул урологиялъул централъул кавудахъ дандчӏварав Къакъашураса Атаев Анварица.

Ургьисалабазда ккарал ганчӏаз гӏезегӏан гӏазаб-гӏакъуба кьурав Анвар, гьеб централда сахги гьавун, рокъове унев вугоан. Бицана гьес щибго жинда унти лъачӏого, цӏиял технологиязда рекъон, гьабураб операциялъулги, унтараздехун тохтурзабазул бугеб ракӏунтараб бербалагьиялъулги, гьениб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялъулги, щибаб ригьалда кьолеб тӏагӏамаб квен-тӏехалъулги хӏакъалъулъ. Цӏакъ рази вугоан гьев урологиялъул централда унтаразул гьабулеб тӏалаб-агъазалдасаги.

Ниж гьенире унел рукӏана гьал къоязда жиб гӏуцӏаралдаса 25 сон тӏубалеб урологиялъул централъул, заманалъухъ балагьун гӏемерго кӏудияб гьечӏониги, тарих лъазабизе, гьел соназда гьенир ккарал хиса-басиязул хӏакъалъулъ централъул бетӏерав тохтур, медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур Хӏажиев Дибирилгун гара-чӏвари гьабизе.

Дибирги данделъиялда ватун, гьев лъугӏизегӏан унтаразулгун гара-чӏварун хутӏана ниж.

— Дир бащдаб гӏумру больницабазда анин абизе бегьула, — ян бицана Чӏикӏаса Гӏабдулаца. – Анлъго нухалъ гьаруна батӏи-батӏиял операциялги. Гӏемерисел больницабазда дицаго росизе кколаан дарабиги къваригӏараб-тарабги. Гьаниб кинабго дару-сабабги чӏобого гьабулеб буго, унтараздехун тохтурзабазул бербалагьиги лъималаздехун эбел-инсул гӏадаб буго.

— Нижер, чачаназул, аби буго, эмен лъикӏалъуб лъималги лъикӏал лъугьунилан, — ин абуна Гудермесалдаса Идиев Вахаца. – Цо къоялъ жанахӏалъув дандчӏвайдал, бетӏерав тохтурасда дица абуна духъе къваригӏел бугин, дун къабул гьавизе кида мун регӏилевилан. Мун дидаса кӏудияв вихьулин, дунго духъе палатаялде вачӏинин абуна Дибир Пазлуевичас. Вачӏана гьев бащдаб сагӏатгӏанасеб заманалдасан ва, дир ракӏ гӏодобе биччазабун, ургъел бигьа гьабуна бетӏерав тохтурас. Киналго унтараздехунги гьединабго адаб-хӏурматгун балагьулев вугоан гьев.

— Чанго сон букӏана дир, захӏматаб унтиги хӏехьон. Чанго больницаялде ккана, амма лъугьунеб мадар букӏинчӏо. Гьаниб, бачӏинахъего битӏараб диагнозги лъун, гьабуна операция. Метер рокъове виччазе вугин абуна тохтурас. Дун гӏадин рази гьареги Аллагьас, цӏидасан гӏумруялде дилъ божилъи бижизабурал гьанир ругел тохтурзаби, — илан тӏаде жубана Буйнакскалда гӏумру гьабулев Цӏумада районалдаса Мухӏамадов Сайгидхӏусеницаги.

Гьедин, унтаралгун ниж гара-чӏварулаго, данделъиги лъугӏун, тӏаде вачӏана бетӏерав тохтур. Централъул юбилей Дибирида баркиялдаса байбихьана гьесул кабинеталда нижер гара-чӏвари.

— Баркала. Киданиги больница бихьизе кколареб сахлъи кьеги нужееги, нуж рокьаразеги, нужее рокьаразеги, — ян гьара-рахьи гьабуна Дибирицаги.

— Дибир, мун вуго гьаб центр рагьараб къоялдаса нахъе гьанив хӏалтӏулев. Бокьилаан центр гӏуцӏиялъе рукӏарал гӏиллабазулги жакъа къоялде щвезегӏан нахъа тараб нухалъулги хӏакъалъулъ бицине.

— Республикаялъул урологиялъул центр гӏуцӏана 1993 соналъул хасалихъе, доб мехалда Дагъистаналъул сахлъицӏуниялъул министрлъун вукӏарав Ибрагьимов Ибрагьимил хӏукмуялдалъун. Гӏиллаги гьелъие букӏана, киса-кибего гӏадин, Дагъистаналдаги ургьисалабаздаги кӏварщул мухъаздаги ганчӏал лъугьарал ва гьединалго урологиялъулал унтаби ругел гӏадамал гӏемерлъулел рукӏин.

Гьеб заманалда центр гӏуцӏаниги, хадусеб соналъул ихдал гурони гӏадамал къабул гьарун бажарулеб хӏал букӏинчӏо. Гьаб букӏана поликлиникаялъе бараб мина. Операциязеги рентгеналъеги, цогидал унтаразе хӏажалъулел кабинетазеги цӏидасан кьачӏазе ккана рукъзалги гьединго унтарал регизе палатабиги. Гьелдаса хадуб лъуна доб заманалъул ресазда рекъараб медицинаялъул къайи-цӏаги. Гьеб гуребги, доб хаселги букӏана цӏакъ гӏазуги гӏемераб, квачараб. Рокъоса, Редукторазул поселокалдаса, транспорт хьвадулеб букӏинчӏолъиялъ, гӏемерисеб мехалъ лъелго вачӏунаан дун.

— Байбихьудасагойищ мун бетӏерав тохтурлъун вукӏарав?

— Байбихьуда дун отделениялъул заведующийлъун вукӏана. 1995 соналъул ноябралда Ибрагьимица дун жиндихъего ахӏана. Абуна урологиялъул централъул бетӏерав тохтурасул хӏалтӏи тӏаде босизе кколин дуцаян. Цӏар гурони, бицинегӏанасеб сурсат букӏинчӏо гьаниб больницаялъул. Тӏоцебесеб тӏалаялда лъим букӏана жанир къуркъби лъедолеб. Ганчӏалги лъун, гьезда тӏасан

хьвадизе кколаан гӏадамал. Букӏинчӏо жанибе лъугьунеб бакӏалда сах-саламатаб нуцӏагицин. Доб заманги нилъедаго лъаларищха кинаб букӏарабали. Къаси-къаси рачӏун, кина-киналги гӏоркьилаз гъалмагъирал гьа-рулаан, кьвагьдолаан. Гьел кквезе рахараб-къараб каву букӏинчӏелъулха гьаниб. Гьеб кинабго рукӏалиде бачине пачалихъалъ биччалеб гӏарацги букӏинчӏо доб мехалда. Дирго гӏагарлъиялъ, гьудул-гьалмагъзабаз, лъалел-хъвалез, бажарарас бажарараб кумек гьабун, кколелъур маххул нуцӏби лъун, цогидал хӏалтӏабиги гьарун, дагь-дагьккун бачине кӏвана гьаб жакъа нилъеда бихьулеб хӏалалде урологиялъул централъул мина.

Гьеб гуребги, цоги дару-сабабалъулни бицинарин, унтарасул ругъун бухьине катанги гьелда релълъанщинабги гӏолеб букӏинчӏо. Гьел киналго захӏмалъабазул хӏакъалъулъ бицун, хадув вачӏарав сахлъицӏуниялъул министр Мамаев Илясихъе ана дун. Гьес бакӏал раялъул отделалъул начальник витӏун вачӏана киналъухъго халгьабизе. Гьезул хӏалтӏухъабаз киса-кирего хӏалтӏабиги гьа-руна. Гьез кколеб куцалъ къачӏана къабул гьарулеб рукъ, реанимациялъулаб ва операциял гьарулеб отделениял. Министрас кьуна централъе къваригӏунеб медицинаялъулаб къайи-цӏаги. Гьедин рухӏ речӏчӏанаха урологиялъул централда.

— Чан унтарасе бакӏ бугеб гьабсагӏат централда?

— Байбихьуда 80 бакӏ букӏана, гьанже нусго чиясе бакӏ буго. Гьелде тӏадеги ункъо чиясе бакӏ реанимациялъулаб отделениялдаги буго.

— Отделение чан бугеб?

— Щуго. Урологиялъул кӏиго отделение, цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизарулеб – эндо-урологиялъулаб, рентгеналъулаб ва реанимациялъулаб.

— Унтарал сахгьариялъе кинал ресалха ругел?

— Гьанжесел шартӏазда рекъон, больницабаздаги цоги бокьарал бакӏазда ругездаса захӏматалги операциял гьаризе кӏола нижер гьанир. Магӏарулазда бичӏчӏулеб къагӏидаялъ абила, ургьисалабаздаги цогидалги кӏварщул мухъаздаги би баккичӏого операциял гьаризе нижеца тӏоцебе байбихьана Северияб Кавказалдаго. Гьеб рахъалъ Россиялдаго тӏоцересезда гьоркьор рукӏана ниж. Гьелъул хӏасилалги лъикӏал ккана, къоялдаса къоялде тохтурзабазул махщелги камиллъана. Масала, захӏматго унтарав чи вачӏани, бачӏинахъе диагнозги лъун, кӏиго-лъабго сагӏаталда жаниб гьесие кумек гьабун бажарула нижехъа.

Цоги, гьанибго абила, нилъер гӏадамал больницабазде рачӏуна, унтуца цӏакъго хӏал гьабураб мехалда. Гьединаб мехалда кумек гьабизе бигьаго букӏунаро. Нижеца хӏалтӏизе биччан буго «Сахлъи ва халатаб гӏумру» абураб программа. Гьелъул магӏна ккола унти цебеккунго лъазаби. Буго нижер гьеб программаялъе хаслъизабураб, кинабго хӏажатаб медицинаялъул къайи-цӏа жаниб бугеб машинаги. Гьебгун цадахъ уна нижер тохтурзабиги. Гьеб программаялда рекъон, гьанжелъизегӏан нижеца хӏалтӏи гьабуна Болъихъ, Хунзахъ, Шамил, Табасаран районазда. Хадубккун дагь-дагьккун тӏолабго республикаялда билълъанхъизабизе буго «Сахлъи ва халатаб гӏумру» абураб программа. Масала, тӏолабго Россиялда лъагӏалида жаниб 4 миллион лъимер гьабулел хъизамал ругин бихьизабулеб буго. Дагъистаналда гьединазул 17 азарго хъизан бугин рикӏкӏуна. Гьезие кумек гьабиги буго гьеб программаялъул мурад.

Советияб заманалда ругьунаб къагӏида букӏана цебеккунго унтаби тӏатинари. Доб улка биххаралдаса гьеб лъугӏана. Гьанже Куба, Финляндия, Швейцария ва цогидалги пачалихъал медицинаялъул хъулухъ гьабиялъул советияб къагӏидаялде рачӏунел руго. Гьениб гӏадамазул гьоркьохъеб ригь 77 сон буго. Россиялда бихьиназул — 65, руччабазул — 73 сон рикӏкӏуна гьоркьохъеб ригьлъун.

— Дуца абуна гӏемерго захӏматалги операциял гьарулин централдайилан. Махщел бугел тохтурзаби кин нужеца тӏасарищулел?

— Тохтурзаби, хӏакъикъаталдаги, нижер гьанир жидерго иш лъикӏ лъалел, махщел бугел руго. Дунги цоги чанго чиги хутӏизегӏан гӏемерисел руго гӏолохъанал. Гьел нижеца тӏасарищула гьадинаб къагӏидаялъ. Гьаниб буго Дагъмедакадемиялъул урологиялъул кафедра. Гьенир кӏиго соналъ клиникияб ординатураялда цӏалула рукӏинесел тохтурзаби. Гьезул лъаялъухъги, бажариялъухъги, махщалиде бугеб рокьиялъухъги балагьун, тӏасарищула хадурккун нижер

гьанир хӏалтӏизе гъира бугел тохтурзаби. Гьеб кафедраялда студентазе дарсал кьола лъикӏаздаса лъикӏал урологаз: профессор Арбулиев Мухӏамадица, гьесулго вас, доцент Арбулиев Камилица, Хӏамзатов Анварица.

Нижер цӏакъ лъикӏаб бухьен буго Россиялъул урологиялъул институталъулгун. Тӏадегӏанаб технологиялъул операциял гьаризе гьенире ритӏула гьелде хӏажалъи бугел гӏадамал. Дозги нилъер чагӏи квалквал гьечӏого къабул гьарула.

— Дагъистаналдаса гурелги, цоги бакӏаздаса рачӏунищ нужехъе сахгьаризе гӏадамал?

— Рачӏуна, Чачан, Ингушетия ва Северияб Кавказалъул цогидалги республикабаздаса гӏадамал. Гьездасан нижер центрги, гьаниб унтаразул гьабулеб тӏалаб-агъазги лъаялъ батила, къобахъанагӏан цӏикӏкӏунел руго гьедин рачӏунелги.

— Балъго гьабизесеб жо гуро, нилъер гьаниб гӏемерисел больницабазда жалго унтараз росизе кколел руго дараби. Нужер гьаниб гьеб рахъалъ кинаб хӏал бугеб?

— Нижер унтараз кинабгӏаги дару бичун босизе кколаро. Унтарасе хӏажалъулел дарабиги гьанир руго, щибаб ригьалъ тӏагӏамаб квенги букӏуна, рацӏцӏа-ракъалъиялда хадуб къойилаб мухӏканаб халкквейги букӏуна. Унтарал разияб хъулухъ гьаби буго нижер тӏолабго коллективалъул налъи. Ва, аммаха, нижееги жалго унтаразеги бокьухъе дунялалъулго медицинаялда цӏар рагӏараб аппаратура щвезе рес гьечӏо. Дотациялда бугеб нилъер республикаялъул гьеб босизе санагӏалъиги рекъолеб гьечӏо. ИншаАллагь, бачӏинеб батила гьединабги заман. Гьеб мехалда нилъер урологиялъул централъулги цӏар киса-кибего рехсолеб бакӏалде бахина. Гьелъие гӏураб лъайги, бажариги, тавакалги нижер тохтурзабазул буго.

Урологиялъул централъулги гьениб бугеб ахӏвал-хӏалалъулги хӏакъалъулъ пикру жалго тохтурзабаздасанги рагӏизелъун, ниж гӏенеккана эндоскопиялъулаб урологиялъул рентгеналъул отделениялъул заведующий Биларов Гъайирбегихъги.

— Нижер отделение рагьана 2011 соналда. Гьелъие хӏажатаб аппарат, министрасухъеги

ун, тӏалаб гьабуна бетӏерав тохтурас. Цебе гӏадин гуреб, гьитӏинаб каратӏги гьабун, бажарула гьанже ургьисалабаздаги цогидалги урологиялъулал операциял гьаризе гьаб

отделениялда.

Дибирицаги централъул щивав хӏалтӏухъанасе къваригӏараб-тараб лъазабула, гӏоларел рахъазухъ балагьула, гьел тӏуразарула. Хадуб букӏине кколеб къагӏидаялъ нижедаса хӏалтӏиги тӏалаб гьабула. Гьесул хӏаракаталдалъун гӏуцӏараб, гьаб жакъасеб даражаялде бахараб буго урологиялъул центрги.

Махӏмуд-Апанди Мухӏамадов