«Бо гӏуцӏулевги – цо чи, бо биххулевги – цо чи»
Хӏабиб Нурмухӏамадовасул хӏакъалъулъ гӏемер бицуна дунялалъулго информациялъулал алатаз. Гьев ккола Россиялъул тарихалда жаниб речӏчӏухъанлъиялъул рахъалъ тӏоцебе чемпионасул рачел босарав чи. Лъималазги гьесдаса мисал босизе, гьесда релълъараллъун рукӏине хӏаракат бахъула, хӏакимзабазги гьев жидедаго аскӏове цӏала. Хӏатта гьес тӏад лъун букӏараб, гьелдаса хадуб гӏолилазда гьоркьоб ссиялде бачӏараб гъалараб тӏогъролгицин багьа бахана 2500-3000 гъуршиде. Гьанже гьесул сурат тӏад бахъараб ретӏелцин букъулеб буго.
Хӏабиб гьавуна Цӏумада районалъул Силди росулъ, 1988 соналъул 20 сентябралда. Макгрегорилгун дандчӏвай гьабизегӏанги Хӏабиб вукӏана гьитӏинаб къоялдаса нахъе речӏчӏухъанлъиялъул болъо-къоноялда, мегӏели гьоркьоб течӏого, цевехун унев чи. Гьаб ахирисеб къецалда гьев бергьинги букӏана ракӏчӏараб хӏужа.
Хӏабиб жиндирго гьунаргун, батӏи-батӏиял мацӏазда кӏалъазе бугеб махщелгун, жиндехунго гӏадамазул рокьи бижизабизе бажаригун ваккана Россиялъеги Дагъистаналъеги гьединав бахӏарчи хӏажат вугеб, киналго гьединав багьадурасухъ ралагьун чӏун ругеб заманалда. Гьев нилъер ракьцояв ватиялдаса, узухъда, нилъее дагьабги цӏикӏкӏун рохизе рес щвана. Амма нилъ цогидаздаса ратӏарахъизе магӏнаялда гуро гьеб абулеб бугеб. Щайгурелъул ХӀX гӏасруялда немцазул анатом, антрополог Иоганн Фридрих Блюменбахил гӏелмуялда рекъон нилъ, магӏарулалги жанире рачунеб Кавказалъул сипат кколеб буго Европаялъул расаялъул бацӏцӏадаб тӏеллъун. Гьединаб къавмалъул вакил хӏисабалда, гьаб заманалда нилъер гӏумруялъ Хӏабиб вихьизави, гьев нилъер кьеразулъан вахъин буго тарихияб хӏужалъун рикӏкӏине кколеб далил.
Жакъа къанагӏатабцин пачалихъ гьечӏо Хӏабибил гьунаралъул хӏакъалъулъ бицунареб, гьесдехун лъикӏаб пикру загьир гьабулареб. Хасго гьелде кӏвар буссинабулеб буго бакъбаккул, бусурбабазул улкабаз. Турциялъул президент Эрдогъаница гьесда дандчӏвай гьабуна. Дунялалъулго бусурбаби цолъун руго гьеб гьунаралъул кьучӏалда. Гьединго Белоруссиялъул президент А. Лукашенкоца В. Путинида баркана Хӏабибица дандиясда тӏад босараб
ракӏчӏараб бергьенлъи.
Хӏабибица дагьал церегӏан къояз Африкаялде гьабураб сапаралъги бихьизабулеб буго гьезул къавмалцин гьесдаса чӏухӏун рукӏин. Гьеб кколарищ Дагъистан ва тӏолабго Россия гьесул бергьенлъиялдаса рохиялъе гӏилла! Дагъистаналъул тарихалда гӏемерал рукӏана нилъер гӏолохъабаз Олимпиадаялдаги дунялалъулго къецаздаги
гьайбатал бергьенлъаби росиялъул хӏужаби. Нилъеда киданиги кӏочон толаро Гӏали Гӏалиевасул, Гӏабдулбег Загъаловасул, Мавлет Батировасул, Хӏайдарбег Хӏайдарбеговасул ва цогидалги спортсменазул цӏарал, гьезул гьунарал. Амма Хӏабиб ккана гӏицӏго спорталъулги политикаялъулги вакилзабазул гуреб, бусурбабазул цивилизациялъул бергьенлъиялъул къебедлъун.
Гьесул хьвада-чӏвадиялъулъ якъинго бихьулеб буго гьев гӏицӏго речӏчӏухъан гуревги, хъизан, тухум, жиндирго ватӏан бокьулев инсан вукӏин. Гьелъ гьесие рес кьолеб буго гьезул къадру-къимат цӏунун, гьездехун жиндирго рокьи загьир гьабун кӏалъазе, чӏорогоял гӏадамазул гӏантал бугьтаназдаса гьел цӏунизе.
Жакъа Россиялдаги цо-цо гӏадамазул Кавказалдехун, Дагъистаналдехун бугеб бербалагьиялъухъ балагьани, гьеб роцӏа-раблъун гьечӏо. Гьеб буго политикияб рахъ. Абизе бегьилаан, гьеб Хӏабибие хӏажатаб жоги гурин, гьев жиндирго спорталъул чӏаголъиялда тӏад хӏалтӏулев вукӏайилан. Спортсменал политикиял суалазде гьоркьоре лъугьиналъул мисалал цӏакъго къанагӏатал ругелъулха. Гьедин бугониги, гӏадаталдаса борчӏараб жо гьабиларин, жиндирго напсги къадруги цӏунун, гьеб дир иш гурилан чӏолев гьечӏо Хӏабиб. Гьес цӏунулеб буго Россия, Дагъистан, жинца гьабулеб дин, тухумалъул, хъизамалъул ва эбел-инсул къадру. Гьесул гьунаралъ Дагъистаналда сверухъ ракӏарун рукӏарал кьерхарал накӏкӏал нахъе рачахъун, гьелъул гьумер гвангъизабулеб буго. Жиндир щибаб гали Хӏабибица лъолеб буго ургъун, гӏедегӏинчӏого. Гьединлъидал киназго хӏаракат бахъулеб буго гьесул лъикӏаб хасияталдаса битӏараб пайда босизе. Россиялъул президент В. Путиница Дагъистаналдехун ва нилъер халкъаздехун бугеб рокьи цоги нухалъ бихьизабуна Хӏабибилгун ва гьесул эмен Гӏабдулманапилгун гьабураб данд-
чӏваялъул мисалалдалъунги.
Киназдаго лъала, нилъер республикаялъул бетӏер В. Васильевасулгун букӏараб дандчӏваялда гьес Хӏабибида жиндир гӏакълучилъун чӏайилан абураблъи. Хӏабибица кьураб жавабги балъголъи гуро – гьес абуна жив ургъилин. Киналго дагъистанияз гьабизе букӏарабдай гьедин? Дида ккола гӏемерисел, нахъбахъун течӏого, гьенирго разилъилаанин. Гьелъги бихьизабулеб буго Хӏабибил гӏаданлъи, рухӏияб бечелъи, чорхолъ хъантӏи гьечӏолъи ва гьесие эбел-инсулги росдал жамагӏаталъулги лъикӏаб тарбия щун букӏин.
Социалиял гьиназухъ халгьабидалги бихьулеб буго гьениб дагъистаниясдехун, динияб рахъалде балагьичӏого, гьесдехун ва гьесул умматалдехун рокьи загьир гьабулеб букӏин. Пуланав Николай Тепляковас хъвалеб буго:
«Хӏабибица Макгрегорида тӏад бергьенлъи босаралдаса нахъе дица Дагъистаналъул тарих цӏализе байбихьана ва дир цебе гьеб республикаялдехун букӏараб бербалагьи кьучӏдасанго лъикӏаб рахъалдехун хисана. Дун гӏурусав вуго, амма дида лъана Шамил-имам, гьесул муридал щал чагӏи кколел рукӏаралали. Дица диего рагьана дунялалъул цо бутӏа — Дагъистан, гьелъул тӏабигӏат, берцинал, къуватал, лъикӏал гӏадамал. Биччанте гьезда гьоркьоб кидаго рекъел букӏине», — ян. Жакъа гьеб буго цӏакъ кӏвар бугеб пикру ва къимат. Щайгурелъул бичӏчӏизе захӏматаб жо буго Хӏабибилги Макгрегорилги къец байбихьилалде цебе, цо-цо блогеразул пикруялда рекъон, Ирландиялъул вакиласул гӏезегӏанго россиялъулазги рахъкколеб букӏин. Гьелъ бихьизабулеб буго цо улкаялъул халкъазул цоцалъ гьечӏеб гъунки, цолъи. Гьединаб ахӏвал-хӏал хисизабизе ккани, нилъеца батӏи-батӏиял халкъазда гьоркьоб гьабизе ккезе буго гӏемераб бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи. Щайгурелъул, Хӏ. Нурмухӏамадовасдехун цо-цо нилъер ватӏанцоязул гьечӏеб рокьи – гьеб гӏицӏго гьесдехун жакъа бижараб гуро – гьединабго бербалагьи гьезул букӏана Россиялъул спортсменал Федор Емельяненкодехунги, Александр Шлеменкодехунги, цогидаздехунги.
«Хӏабиб» абун гӏараб мацӏалдаса бачӏараб рагӏиялъул магӏна буго «хирияв», «вокьулев» абураб. Гьев киназего вокьана, гьединаб буго гьесул пиша, гӏамал-хасият, тӏабигӏат. Гьединлъидал гӏажаиблъи гьа-бизе ккараб жо гуро гьесие нилъер рес-
публикаялъул жамгӏияб рахъалъ бищунго тӏадегӏанаблъун кколеб «Дагъистаналъул халкъияв бахӏарчи» абураб цӏар кьейги. Щайгурелъул гьев нилъер умматалъул бо гӏуцӏаразул цояв кколелъул.
Зикрула Илясов