СМИязул алатаз гӏемер бицунеб буго 22 ноябралда Махӏачхъала шагьаралъул №1 роддомалда, тохтурзабазул гӏайибалдалъун, гьабураб лъимер хвеялъул хӏакъалъулъ

Гьелъул гӏайиб гӏунтӏизабулеб буго роддомалъул бетӏерай тохтуралде. Социалиял гьиназда гьадин хъвалеб буго: «Махӏачхъала шагьаралъул №1 роддомалда ккана иргадулаб балагьаб лъугьа-бахъин. Гьение ячӏарай лъимаде йигей гӏаданалъул букӏана цӏикӏкӏараб бидул тӏадецуй, лъимаде йигей гьелъул беццаб бакьалъе гьабун букӏана операцияги. 21 ноябралъул къаси унти чӏвазе байбихьана. 22 ноябралъул къалъудаса хадуб тохтурзабаз хӏукму гьабуна, нахъбахъун течӏого, операция гьабизе, щайгурелъул бихьулеб букӏана кӏиго нухалъ лъимадул габур сверун цӏину жемун ва гьелъие гьава гӏоларого букӏин. Гьей гӏадан операциялъулаб залалде ячана, наркоз кьуна ва къотӏизе кколеб бакӏалда гӏужцин гьабуна. Операция гьабизе хӏадурун рукӏана. Циндаго жание кӏанцӏун ячӏана отпускалда йигей больницаялъул бетӏерай тохтур ва операциялъулаб зал эркен гьабеян лъазабуна. Роддомалъул хӏалтӏухъабаз абулеб буго унтаралъ тохтуралъе цебеккунго гӏарац кьун букӏун бугилан. «Биччанте гьелъ лъимер жинцаго гьабизейинги» абун, тохтуралъ операция гьабизе хӏадурарай гӏадан нахъе къотӏана. Родблокалъул заведующиялъ нугӏлъи гьабуна лъимадул ракӏ кьабулеб букӏиналъе. Цин сагӏаталъ чӏезе ккана цебеккунго гьабураб уколалъул асар инегӏан. Хадуб, цӏакъ захӏматго, ункъо кило цӏайи бугев вас гьавуна. Тӏоцебе гьабураб лъимер хвеялъ гӏолохъанай гӏаданалъул рекӏеда гъваридаб ругъун лъуна. Гьелда лъимадул гьаракь рагӏичӏо, гьеб каранде къачӏо, гьеб гьелда бихьизецин бихьичӏо. Дунялалде вачӏиналдего гьев чӏвана тохтурзабаз. Гьезда лъалаан гьедин ккелеблъи, лъалаан лъимаца кумек гьарулеб бугеблъи ва гьеб гьесие хӏажат букӏин. Лъимер гьабуна къаси анлъгоялда, анкьго тӏубайдал гурони, гьеб хвеялъул хӏакъалъулъ лъазабичӏо. Щай? Операциялъул киналго гӏахьалчагӏазда бичӏчӏана жидедаго гӏайиб ккараблъи, гьел хӏинкъана ва больницаялдаса нахъе ине гӏедегӏана. Малъкъосун хутӏана тӏолабго больница, гьединаб гӏунгутӏи кин биччазе бегьулебин, чӏужугӏаданалъ чӏужугӏаданалда аскӏоб гьединаб нахъегӏанлъи кин гьабизе бегьулебан абулеб букӏана тохтурзабаз».

Гьаб лъугьа-бахъиналъул хӏакъикъат лъазабизелъун ниж щвана ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалде. Пресс-секретарь Залина Акмадовалъ абуна, Махӏачхъала шагьаралъул № I роддомалда гьабураб лъимер хвеялда бан, ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствалъ цӏех-рех гьабулеб бугилан. « Гӏуцӏун буго хасаб комиссия, специалистаз цӏех-рех гьабулеб буго тохтурзабаз гъалатӏ биччан бугищали. Лъимер хвеялъе ккараб гӏилла чӏезабизе буго судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъ. Гьелъул хӏасилалда, гӏайиб ккарал чагӏи тамихӏалдеги цӏазе руго», — ян бицана гьелъ.

ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствалъул руччабазе ва лъималазе медицинаялъул кумек гьабиялъул рахъалъ отделалъул начальник Раиса Шахсановалъ тӏубараб хӏакъикъат лъачӏого тохтурзабаздаги бетӏерай тохтуралдаги гӏайибчӏвазе бегьуларин рикӏкӏунеб буго. Жидер министерствоялъул хасаб комиссиялъги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъги тӏоритӏулел ругел цӏех-рехазул хӏасилазде балагьун кьезе кколин гьеб лъугьа-бахъиналъе битӏараб къиматилан абуна гьелъ.

Ритӏухълъи чӏезабиялъе цогидаб рахъалъухъги гӏенеккизе кколелъул, ниж щвана Махӏачхъала шагьаралъул № 1 роддомалдеги. Гьелъул бетӏерай тохтур ( медицинаялъул гӏелмабазул кандидат, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур) Земфира Хӏажиевалъ бицана, тӏоцее гьаб хъулухъалде лъугьиндал жинда больница батанин коррупциялъулъ къан. «Гьелде дица нухал къай гӏемерисел тохтурзабазе дандеккечӏо. Гьезул цояз дие квешезе гьабураб лъимер хвеялъул пашманаб лъугьа-бахъиналъе гӏайибияйлъун дун йихьизаюн йиго, журналистазги гьеб гьереси понцӏозабулеб буго. Лъабго сон буго дир гьаб хъулухъалда. Больницаялда гьабулеб кинабго хӏалтӏи дирго берда цебе букӏиналъул мурадалда лъун буго 40 видеокамераги.

Больницаялде ячӏарай гӏаданалъул халгьабулаго эбелалъул чохьониб бугеб лъимадул ракӏ кьабизе байбихьидал, дица лъазабуна хехго операцияги гьабун, лъимер хвасар гьабизе кколин. Операциялъул зал чӏобого букӏана, столалда тӏад гьей лъедал, лъимадул рекӏел хӏалтӏи ва эбелалде унти бачӏиналъул иш рукӏалиде бачӏана. Хадуб тохтурзабазул консилиумалъ хӏукму гьабуна операция гьабичӏого тани лъикӏ букӏинилан. Операциялдаса хадур захӏмалъаби камуларо, лъимада рецӏцӏ рекӏине, гьелъул микробал бидулъе ккезе бегьула, щайгурелъул гьелдаса цебе гьей гӏаданалъе рецӏцӏ ккураб беццаб бакьалъе операция гьабун букӏиндал, гьеб гуребги, гьелъул буго кванирукъалъул унтиги (гастрит) унтарал ургьисалабиги.

Мониторалдасан гьей гӏаданалда хадуб халкквезе тун йикӏана медсестра. Эбелалъеги ургьиб бугеб лъимадуеги мадар лъугьун букӏинги бихьун, хӏукму гьабуна лъимер гьабизе гьей жийго йичазе. Сагӏат ункъоялда дун больницаялдаса ана, анлъгоялда гьелъ лъимер гьабун буго. Гьабураб лъимадул ракӏ цӏакъ хьадарго, рагӏулеб-рагӏулареб хӏалалъ хӏалтӏулеб букӏана, кигӏан хӏаракаб бахъаниги, гьеб чӏаголъизелъун гьарурал тадбиразул хӏасил ккечӏо, лъимер хвана.

ДРялъул сахлъицӏуниялъул министерствоялдаса бачӏараб хасаб комиссиялъ минутал-секундал ккун видеозаписалдасан халгьабуна больницаялде ячӏаралдаса лъимер гьабизегӏан гьей гӏаданалда хадуб гьабураб хъулухъалъухъ. Комиссиялъул чагӏаз абуна: «Кинабго битӏун гьабун буго, лъимер хвеялъул гӏайиб нужеда гьечӏо», — ян.

Министерствоялъул комиссиялъги, судалъулгун медицинаялъул экпертизаялъги, гьарулел ругел цӏех-рехазул хӏасилазги хвараб лъимадул ургьире раккиялъги бицина лъимер хвеялъе нижеда гӏайиб гьечӏолъи.

Информациялъул алатаздасан диде гьабулеб гӏайиб мекъаб буго. Лъалезги лъаларезги телефоналдасан кьолел суалазги дир рахӏатхвезабун буго. Гьеб киналъго квешаб асар гьабулеб буго нижер коллективалъул хӏалтӏуего. Гьединлъидал дица, дун гьерсаздасаги бугьтаналдасаги цӏунеян абун, прокуратураялде гӏарза хъвана», — ян бицана бетӏерай тохтур Земфира Хӏажиевалъ.

Цӏех-рехалъ гьаб лъугьа-бахъиналъе ритӏухъаб къимат кьелин абураб хьул буго нижер. Гьелда сверухъ хӏалуцарал бахӏсал унел руго социалиял гьиназдасанги. Щуазаргоялдаса цӏикӏкӏун чияс къимат кьолеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъе. Абизе ккола тохтуралъул рахъ кколел цӏакъ дагь гурони гьечӏинги. Хасгьабун гьей тохтуралъе квешаб къимат кьолеб буго гьеб больницаялде ккарал улбуз. Битӏараб-гьереси якъинлъила заманалдаса, амма тӏекъал ишал рихьидал, нилъ руцӏцӏун чӏолел ругони, нилъер гӏумруялъулъ ритӏухъал ишал дагьлъизе руго къо бахъанагӏан.

Нури Нуриев