Лъикӏал гурел «сайгъатал»
100 азарго чиясда гьоркьов 26 сифилисалъ унтарав
Нилъер республикаялда венерикиял унтабаз унтиялъе ругел гӏиллабазул, унтабаздаса цӏуниялъе тӏоритӏулел тадбиразул ва гьел сахгьаризе ругел ресазул бицун, нижеца гара-чӏвари гьабуна ДРялъул сахлъицӏуниялъул отличник, тӏадегӏанаб категориялъул тохтур, республикаялъул тӏомолгун венерикияб диспансералъул поликлиникияб отделениялъул бетӏерав тохтур Мухӏамад Ахӏмадовасулгун:
— Мухӏамад, Дагъистаналда венерикиял унтаби тӏиритӏиялъул кинаб хӏал ва статистикиял баяназ щиб бицунеб бугеб?
— Республикаялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар, Россиялъул цогидал регионаздаго гӏадин, дагьлъулеб буго. Гьелдалъун гьел унтаби тӏатинарулел ва сахгьарулел рукӏарал цо-цо медицинаялъул идарабицин къазе ккана. Гӏелмиял журналазда хъвалеб буго Россиялда венерикиял унтабаз унтаразул къадар 50-60 проценталъ дагьлъанилан. Гӏалимзабаз абула зама-заманалдасан гьел унтабаз унтаразул къадар гӏодобе-тӏаде ккей букӏунила, лъабго-щуго соналдасан унтаразул къадар цӏикӏкӏунила, гьедигӏанабго заманалдасан гьебго къадар дагьлъулила. Масала, 1980-1990-абилел соназда щибаб анкьалъ нижер поликлиникаялда хъвай-хъвагӏай гьабулаан 15-20 унтарасул. Ахирал соназдайин абуни, лъагӏалида жаниб 10-15 унтарасул гурони хъвай-хъвагӏай гьабуларо. Унтаразул къадар дагьлъиялъе гӏиллабиги ккола гьадинал: халкъалъул бичӏчӏи цӏикӏкӏин, гӏолилазе динияб тарбия щвей, медицинаялъул хӏалтӏухъабаз тӏоритӏулел профилактикиял тадбирал гӏемерлъи, къуватал дараби рукӏин.
2018 соналъул ичӏго моцӏида жаниб Махӏачхъалаялда хъвай-хъвагӏай гьабун буго сифилисалъ унтарав 30 чиясул. Гьеб къадар, гъоркьисаялде дандеккун, кӏиго нухалъ дагьаб буго. Гьединго дагьлъун руго цогидал унтабаз унтаразул къадарги. 2018 соналъул ичӏго моцӏида жаниб, 2017 соналъул гьебго заманалде дандеккун, Дагъистаналда унтаразул къадар 302 чияс дагьлъун буго. 2018 соналда республикаялда сифилисалъ унтун вуго 103 чи. Гъоркьисаялде дандеккун 17 чиясдалъун дагь ккола. 2018 соналда гонореялъ унтун вуго 265 чи, 2017 соналда — 377 чи, ай 112 чияс дагь.
Сифилисалъ унтаразул гӏемерисел руго Махӏачхъалаялда, Дербенталда ва Дербент районалда, Гъизляралда ва Гъизляр районалда, Хасавюрталда ва Сергохъалаялда.
— Унтаразда гьоркьор бихьиналищ яги руччабийищ цӏикӏкӏун рукӏунел?
— Гьезда гьоркьоб цо кӏудияб батӏалъиги гьечӏо. Щуго-анцӏго проценталъ бихьиназул къадар цӏикӏкӏун буго, гьелги, аслияб къагӏидаялда, лъудби рачинчӏел гӏолохъаби. Гӏемер ккола Россиялъул шагьаразде хӏалтӏизе арал нилъер гӏолохъаби, гӏадлу хварал ясаз гьединал «сайгъаталги» кьун, тӏадруссун рачӏиналъул хӏужаби.
— Инсанасул сахлъиялъе гьел унтабазул кинаб хӏинкъи ва рекӏкӏ букӏине бегьулеб?
— Кватӏун гурого лъаларо чиясда сифилисалъ живго унтун вукӏин, гьединлъидал жакъа гьелъ унтаразул 90 процент тӏатинабула, профилактикиял цӏех-рехал гьарулаго. Унтиялда щаклъи ккун, живго лъикӏав лъугьун, исана нижехъе вачӏана 25-гӏанасев чи.
Сифилис рикӏкӏуна сахлъиялъе хӏинкъи бугеб унтилъун. Гьелъ квешаб асар гьабизе бегьула ботӏрое, рекӏее, ургьисалабазе. Сифилисалъул микробал бида цадахъ чорхолъ хьвадулел рукӏуна. Бичча-бихъан тараб неврабазул сифилисалъ унтарал психбольницаялдецин ккола.
Ахирал соназда, тохтурасул халкквей гьечӏого гӏадамаз антибиотикал хӏалтӏизарулел рукӏиналда бан, гьел унтабазул микробазул къвакӏи цӏикӏкӏун буго. Гьединлъидал унтарал сахгьаризеги захӏмалъула.
— Сифилисалъ унтун вукӏиналда кин щаклъи кколеб, ай кинал гӏаламатал рукӏунел.
— Рахӏатхвезабулел гӏаламаталлъун рукӏине ккола гӏемер кӏущизе хьвадизави, кӏущизе захӏмалъи, кӏващда цадахъ гӏадатияб гуреб кьералъул лъамалъи бачӏин, ахадаса чехь унти, жинсиял лугби рукари. Чорхолъ сифилисалъул микробал цӏикӏкӏиналъул аслиял гӏаламатал ккола кӏалдиб, кверазда, жинсиял лугбазда, горбода, цо-цо мехалда тӏубан черхалдаго жаниб рецӏцӏ ккараб гӏадаб сус бай. Жидецаго сахгьаризеян лъугьинеги бегьуларо. Гьедин гьабулаго, заманги уна, унтиги сах гьабизе захӏмалъула.
— Венерикиял унтабаздаса цӏуни-къай кин гьабилеб?
— Сундулъго букӏине ккола гӏадлу ва жавабчилъи, хасго бихьинчиясулги чӏужугӏаданалъулги гьоркьоблъиялъулъ. Бихьинчиясда рекъараб гьечӏо берцин бихьанщинаб цӏуябжоялда сверун сентӏей. Тохлъи ккун, унтиялда щаклъи бугони, лабораториял цӏех-рехалги гьарун, сагӏаталъул болжалалда хӏакъикъат лъазабизе, гьединго къуватал дарабазул ва мазазул кумекалдалъун унти сах гьабиялъе рес буго. Амма сах гьаричӏого чӏани, масала, сифилисалъул «кумекалдалъун» ккезе бегьула 20 батӏияб унти. Гонореялъ яги трихомонозалъ унтани, хӏинкъи букӏуна гӏолохъанчи бихьинчиясул борч тӏубазабун бажаричӏого хутӏиялда ва гьесие лъимер гьабунгутӏиялда, гьединго унтизе бегьула кӏващукъвачӏа ва предстательнияб цӏекӏгьан (железа).
— Сифилисалъ яги цогидал «квешал» унтабаз унтарал чагӏи хӏалица сахгьаризе тӏамулищ?
— Цебе хӏалтӏулеб букӏараб уголовнияб кодексалъул № 115 статьяялда рекъон, унтарас гъолбасине кколаан сахгьави тӏадаблъун гьабулеб документалда. Квалквал гьабуни, тамихӏалдеги цӏалаан, ай лъагӏалица туснахъ гьавизеги рес букӏана. Гьанже гьелъул хутӏараб жого гьечӏо.
— Диспансералъул специалистаз бичӏчӏикьеялъул хӏалтӏи кин гӏуцӏун бугеб?
— Зама-заманалдасан нижер специалистал уна школазде, училищабазде ва вузазде, церерахъуна радио-телевидениялдасан ва газет-журналазда макъалаби хъвала. Гьеб хӏалтӏиялъул кколел ругел лъикӏал хӏасилазул хӏакъалъулъ дица тӏадехун бицана. Амма гьеб рахъалъ чара гьечӏого хӏажалъула эбел-инсул тарбияги.
— Гьел унтаби сахгьариялъе кина-кинал дараби хӏажалъулел? Дида рагӏун букӏунха, цо-кӏиго укол гьабуниги гӏолин абун.
— Гьел руго кьучӏ гьечӏел харбал. Венерикиял унтаби, хасго сифилис, сахгьабиялъе бищунго лъикӏаб хӏасил кьолел дарабилъун рикӏкӏуна пенициллинги бициллинги. Гьел хӏалтӏизариялдалъун, тӏоцебесеб тайпаялъул сифилис больницаялда сахгьабула 18, бичча-бихъан тараб тайпаялъул сифилис — 28 къоялда жаниб. Хадуб тохтурасул бербагьиялда гъоркь гьев вукӏуна кӏиго соналъ, щибаб кварталалъ гьес биги кьезе ккола цӏех-рех гьабиялъе гӏоло. Унтаразе ункъ-ункъ сагӏаталдасан уколал гьаризе ккола, гьединлъидал гьел больницаялда гурони сахгьаризеги бегьуларо.
— Гӏолилазе кинал малъа-хъваял гьарилел, кинаб гӏакълу кьелеб дуца?
— Лъагӏалида жаниб кӏиго нухалъниги цӏех-рех гьабизе ккола. Цере ккарал ясазда сверун сентӏезе бегьуларо. Щаклъи бугей ясалъулгун гьоркьоблъи ккани, нахъбахъун течӏого, цӏех-рехалъе тохтурасухъе ине тӏадаб буго.
Венерикиял унтабаз унтарал сахгьарула Махӏачхъалаялъул, Дербенталъул ва Гъизляралъул хасал больницабазда. Махӏачхъалаялда буго 230 чиясе бакӏги бугеб, 68 тохтурги хӏалтӏулеб тӏомолгун венерикиял унтаби сахгьарулеб стационар.
Нури Нуриев