Социалиял гьиназдасан гьабураб даран
Социалиял гьиназдасан тӏибитӏизабураб рекламаялъул хӏасилалда, республикаялдаги гьеб тун къватӏибехунги гӏемерисезда рагӏана Гъизилюрт районалъул Миякьоса Салмановал Хӏажимухӏамадицаги гьесул вас Камалицаги жидецаго гӏезабураб микьир бичиялъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса нахъе гӏезегӏан гӏадамал щвана гьенире, гьездаго гьоркьов дунги. Гьезул буго 2 гектаралда гӏезабураб ах. Гьениб бижулеб буго 30 тайпа цӏолбол, 6 тайпа мокьрол, 3 тайпа куракул. Гьеб ахил бетӏергьабазулгун ва гьабуна гьадинаб гара-чӏвари.
— Хӏажимухӏамад, дуца ижараялъе босулеб мехалда, щиб хӏалалда букӏараб гьаб ракь?
— Росдал боцӏуца мерхьараб, расги пайда букӏинчӏеб, чӏобогояб ракь букӏана. Дица ракь бегана, сверун къана, нух бахъана, лъим бачана. Гӏурухъа (Сулахъ гӏор) лъим бачинелъун, бана насосалъулаб станция, лъуна чӏахӏиял рогӏрал. Нальчикалдеги ун, босана 407 цӏулакьодул гъветӏ.
— Хас гьабун ахихъанлъиялде машгъуллъиялъе щиб гӏилла ккараб?
— Нижер росдал гӏадамаз кидаго гӏезабулаан микьирги цӏибилги. Цӏулакьо гӏезабизе байбихьидал, бичӏчӏана нижер ракьалда гьеб лъикӏ бижулареблъи, ракъвана киналго гъутӏби. Нижер умумуз гӏезарурал цӏолбол ва мокьрол ахал ккана ГЭСалъул лъеде гъоркье. Гьанже нижги тӏаделъана умумуз гьабулеб батараб гьабизе.
— Рехун тараб бакӏалда гьадинаб гьайбатаб ах гӏезабизе ккани, кигӏан захӏмат бихьараб?
— Доб мехалъ дун вукӏана 26 сон барав, Чӏикӏаб ГЭСалда хӏалтӏун (скалолаз), моцӏрое 500-600 гъуруш босулев чи. Кодобе щвараб кинабго гӏарац дица биччана гьенибе. Бихьараб захӏматалъул бицани, гьеб лъидаго, хасго жакъасеб гӏелалда бичӏчӏуларо.
— Ижараялъухъ кигӏан кьолеб?
— Цо гъуруш кьечӏо, кьезе нигатги гьечӏо, кьейин абун, чиги аскӏове вачӏинчӏо.
— Щай?
— Доб мехалъ нижеца гьабураб къотӏи-къаялъул цониги пункт тӏубачӏо совхозалъ. Дида цадахъ нижер росулъа 27 чияс босун букӏана ижараялъе ракь. Жакъа кӏигояв вуго, дунго гӏадин, ах гӏезабулев, хутӏараз къо хӏехьечӏо.
— Пачалихъалъул рахъалдасан кумек щванищ дуе?
— Гьабураб хӏалтӏи, ракьул гӏатӏилъи, чӏараб гъветӏ рикӏкӏун, пачалихъалъ кьолеб дотация букӏана. Тӏоцересел соназда диеги щвана гьелъул 2,5 азаргогӏанасеб гъуруш. Фермерлъиялъул магӏишат гӏуцӏизеги тӏаделъун вукӏана. Хадуб биххана пачалихъ, ккана гӏемерал лъугьа-бахъинал, ва, мунги щиб гьабулев вугевин гьикъун, гьаниве гӏаданги ваккичӏо. Чанго нухалъ ана районалъул росдал магӏишаталъул управлениялде — дун гьадинав чи вугин, хӏалтӏи гьабизе гъираги ресги бугин, гьабулеб кумекгойищ букӏунаребин цӏехезе. Щибго хӏасил ккечӏо, ва дида бичӏчӏана дун, вихъун хваниги, кумек щолареблъи.
— Кумек гьабулеб батичӏони, квалквалгӏаги гьабичӏого толищ?
— Я кумекалъе, я квалквалалъе гьаниве щивго вачӏинчӏо. Гьанже хӏинкъун вуго гьалгощинал мухбирзаби рачӏун хадуб, метер-сезе налогазул инспекторзаби рачӏинадайин абун.
— Лъагӏалие кигӏан продукция гьоркьохъеб хӏисабалда дуца бакӏарулеб, ва мун разияб къагӏидаялъ бачӏунищ гьеб?
— Гъоркьиса цӏолбохъ дие цо гъуруш щвечӏо, квине щун гурого, щибго хутӏичӏо, хвана. Куракул букӏинчӏо кваназецин жо. Мокьроца мадар гьабуна. Исана куракги микьирги бегьулеб хӏалалда букӏана. Жакъа къоялда цӏибил гӏезегӏан берцинго, лъикӏ буго, хвечӏого хутӏани, бихьилаха хӏасил. Разилъиялъул бицани, бугелда шукру гьабизе ккола.
— Нилъер тукабазда, базаразда гьарзаго руго къватӏисел улкабаздаса рачӏунел нигӏматал. Гьезда гъорлъ дур цӏолбоегун мокьрое бакӏго букӏунищ?
— Бакӏ киб гурин щолеб, гьоркьове лъугьани, гӏадалъ жо бала. Сахлъиги гъираги бугони, пихъ гӏезабизе захӏмалъуларо. Захӏмалъи букӏуна бичизе. Гӏезабураб гӏечӏого, къасилъи-къадлъи гьечӏого, ургъизе ккола киндай гьеб бичила абураб суалалда тӏад. Базар дирин чӏаразулгун дагӏба-къец гьаби бигьаяб жо гуро.
— Базаралда бугеб къватӏиса бачӏараб микьирги дур ахикь бижарабги дандеккуни, киналъул даража цӏикӏкӏунеб?
— 10 баллалъул даража босани, дие щвела 7, дозие — 3. Бацӏцӏадаб, унго-унгояб микьир (гьединаб буго нижер) бакӏарун хадуб 3-4 къоялдаса цӏикӏкӏун цӏунизе кӏоларо. Хаслихъе добаса бачӏараб микьир ихдалги туруларо, туризеги биччаларо хӏалхьезегӏан гъорлъе жубараб химиялъ. Пихъ бокьараз квинаха нилъераб, химия бокьараз — дозулаб…
— Дур пикруялда, пачалихъалъ щиб кумек гьабизе кколеб дуе ва мун гӏадиназе?
— Гӏезабураб бичизе квербакъулебани, гьелдаса цӏакъаб кумек букӏинароан. Тахидаги кӏусун, мискинчиясда макьилъцин бихьичӏеб гӏарацги босун ругел гӏадамал гӏемерлъараб гьаб заманалда, гӏезабуралда щиб гьабилебали лъаларого вугев пакъирасул, рехун тарал ахазул, рекьичӏого ругел хурзабазул ургъел бугел хӏакимзаби гӏемер гьечӏо. 750 гектаралда бекьараб цӏибил букӏана нижер «Сулахъ» совхозалъул. Кӏудияб пачалихъ биххун хадуб, щу-щу дипломги кодоб ккун ругел гьанжесел хӏакимзабаз вабаъ рещтӏинабуна гьелде.
Чанго соналъ гӏараб улкабаздаги хӏалтӏун, гьабсагӏаталда Интернеталдасан бича-хисиялда вугев Камал, сезоналъул заманалда хъизамалъе кумек гьабизелъун, Гонконгалдаса вуссун вуго ватӏаналде. Нилъер университеталъул къватӏисел пачалихъазул мацӏазул факультет лъугӏарав Камалида лъикӏ лъалел руго магӏарул, гӏурус, ингилис, турк, гӏараб мацӏал. Гьес абухъе, хадубккун Гонконгалда гьабулеб хӏалтӏи гьанивго чӏун тӏубан букӏинеги бегьула, Интернеталъ цойиде бачун бугелъул дунял. Гьесиеги кьуна дица чанго суал:
— Камал, гьаб бакъукь, гӏетӏ тӏун гьабизе кколеб хӏалтӏудаса дуе бигьа букӏинчӏищ, Гонконгалъул лъикӏал шартӏаздаса пайдаги босун, доваго вукӏине?
— Сундулъго бигьаял нухал ралагьизе бегьуларелъул. Дунялго сверарав Хӏамзатил Расулицаги абун гьечӏищ гьаниб гӏадин хӏухьел цӏазеги хӏалхьи гьабизеги лъикӏаб бакӏ жинда дандчӏвачӏин. Дидаги гӏезегӏан бихьана рахӏатаб гӏумруги лъикӏал шартӏалги, амма рокъобе ракӏ цӏачӏого букӏунароан. Къватӏисел пачалихъазда бихьараб росдал магӏишаталъул цебетӏейги, дора хӏалтӏизарулел цӏиял къагӏидабиги гьанир хӏалтӏизаризе ресал ралагьиялда тӏадги бокьун буго ургъизе.
— Доба бугеб цебетӏейги бихьун, гьаниб бугеб ахӏвал-хӏалгун дандчӏвайдал, ракӏбуссиналъул асар бачӏунарищ?
— Битӏараб бицани, радал щугоялда тӏадеги рахъун, Хасавюрталъул базаралде щведал, дора, кӏиабилеб гӏасруялда гӏадин, гьакаца ящикалги раччун, руччаби хӏалтӏулел рихьидал, ракӏхунги хутӏула. Нилъер гьаниб дагьабниги цебетӏей букӏине ккани, тӏоцебесеб иргаялда лъазе ккола нилъго ругеб бакӏ, нилъер даража. Гьабсагӏаталда нилъ цӏакъго нахъа руго, къватӏисел пачалихъазул хӏакъалъулъ бицинарин, улкаялъул гӏемерал регионаздасаго. Нахъеккараб нилъерго даража бичӏчӏун хадуб ургъула, гӏадамал церетӏезе ккани, гьабизе кколелда тӏад. Жакъа нилъ руго умумузул тарихалдасаги, нилъго нилъедасагоги чӏухӏун, бугъби гӏадин. Къватӏире щведал гурони бичӏчӏуларо нилъ нахъеккун ругеб куц.
— Социалиял гьиназдалъун тӏибитӏана дур цӏар. Нужер хӏалтӏуе квербакъанищ гьез?
— Гӏезабурав чи эмен вугониги, цӏар щвана дие. Ракӏалдаго гьечӏого ккана кинабго. Гьаб ахикьа бакӏарараб тӏагӏамаб микьир, гъотӏодаса тӏурабго, рес бугин нужееги щвезабизейин бахъараб ролик дица лъуна Интернеталда. Гьелъ гьабуна кӏудияб дандерижи. Гӏемерал гӏадамал рачӏана кӏалъан, рачӏун рукӏана мухбирзабиги телевидениялъул хӏалтӏухъабиги. Кибего щвана информация, цӏикӏкӏана рачӏунел заказалги. Дагъистаналдаса (гьиназдалъун) рукӏарал заказазда рекъон, нижеца микьир щвезабулаан рокъо-рокъобе (кило — 60 гъуруш), гьедин бичана тоннагун бащадабгӏанасеб къадар. Ахикьаго босизе рачӏаразе кьуна 50 гъуршиде кило гьабун. Россиялъул цоги регионаздаса (Сибиралдаса байбихьун, Архангельскалде щвезегӏан) рачӏарал гьединал заказал тӏуразе нижер рес кколаро. Микьир буго хехго холеб нигӏмат, нилъер регионазда гьоркьоб транспорталъулаб (я гӏодосан, я гьаваялдасан) бухьен низам гьечӏеб, цӏакъго хашаб букӏиналъ хвезабула гӏемераб хӏалтӏи.
— Гьеб цӏияб къагӏидаялъул букӏинесеб кин бихьулеб дуда Дагъистаналда?
Гьеб электронияб бича-хиси дунялалдаго къойидаса къойиде цебетӏолеб буго. Дида ккола ва хьул буго Дагъистанги гьеб рахъалъ нахъеккезе гьечӏин ва бегьиларин, жакъа къоялъ гьадин нахъеккун ругониги.
Дун хӏадурав вуго дидаго лъалебщинаб, гӏемер махщел гьечӏониги, бокьарав чиясда чӏобого малъизе
Гара-чӏвари гьабуна
Гӏабаш Гӏабашиловас.