Къад зирхун роцӏараб зоб къасиялде кьерхана.
Хӏинкъаби кьолеб гӏадин кьурдизе лъугьана пири. Гӏинкълъуледухъ кьвагьдана гъугъайги. Цӏодорго галабиги росулаго, сверухълъиялде хӏинкъарал бералги рехулаго, кӏиго чухъилав азбаралъул сангаралда аскӏоре рачӏана. Гьаниб букӏана Асадулагьил кӏитӏалаяб мина. Цойги нухалъ сверухъ инсан вихьулищалиги валагьун, цеве вукӏарас телефоналъ ахӏана:
— Ле, Асадулагь, чара гьечӏого дуда дандбазе жо буго. Рагъиде щай вахъунарев?
Цо лахӏзаталдасан жавабалъул бакӏалда минаялъул гъоркьияб тӏалаялдаса нуцӏил къири бахъана. Гьеб параялъго, гъугъаялда данде ккезабун, цояс автоматалъ, хадув вачӏунес танчица кьвагьана. Асадулагь нуцӏикӏалтӏе шапун ана. Гьал рагъидеги ралагьун лъалхъана. Асадулагь гӏодов ккаралъуса вагъаричӏо. Цевехун вугес нахъеги бераз сверухълъи хъирщана. Чӏагояв инсан вихьичӏо. Нахъеги зодихъ гъугъаялъул кьвагьи бахъана. Кӏиясго ярагъ азбаралъубе хьуризабуна. Цинги гьал, къунш-къуншиялда бецӏаб къотӏнорехун тӏерхьун ана.
Чӏварав Асадулагьил азбаралде нахъисеб къоялъ радалго ракӏарун рукӏана гьеб рахӏму-цӏоб гьечӏеб ругьел щварал райцентралъул гӏадамал. Гьел нахъе къазарулел, азбар тун къватӏире гочинариялъул хӏаракаталда ругоан полициялъулалги.
— Абураб жого босуларел кинал гӏадамал нуж, — абун мех-мехалъ данделъаразде борхатаб гьаркьидалъун ахӏдолев рагӏулаан районалъул полициялъул бетӏер, майор Тӏагьиров. – Я гъарималха, нужеда абураб жоги гьабун, цӏех-рех гьабулезе квалквалги гьабичӏого, нуж азбаралъуса къватӏире ая!
— Гьая, гьая нужерго ишалде руссине заман щвана, — ян, гьоялда хадуб рехулеб гамачӏ гӏадин, майорас данделъарал нуха регӏулел рукӏана. Чангоял гулла щвараб къедаса гьел рахъулел, гъурараб цӏорол рагъи рукӏалиде ккезабулел рукӏана. Тӏагьировас прокурорасе киналъулго баян кьезе хӏаракат бахъулеб бугоан амма гьесдаса дагьаб гурони къаси ккаралъул хӏасил лъалеб букӏинчӏо.
Азбар тезегӏан майорас прокурор нуха регӏана. Кӏиясего гьаб лъугьа-бахъин букӏана рекӏелъ къараб ханжаргӏан бегӏераб. Гьадинаб иш районалда цебехун киданиги ккун букӏинчӏо.
Прокурорасул гӏалагъважа жаниб багъулеб ботӏрода босизе кӏолеб букӏинчӏо лъица Асадулагьиде квер борхарабали. Гӏадамазда гьоркьоб гьесул цӏар букӏана «гӏакъилав диванчийин» абураб.
Прокурор нухарегӏарав майор нахъвуссана. Гьесда вихьана данде вачӏунев Лабазан. Аскӏове щваравго Лабазаница мутӏигӏаб лимхӏараб гьимигун хъат гӏебеде битӏана.
— Гьалмагъ майор, лъабго гулла къадалъа бикӏизе кӏванаха, — ян гулби ругеб хъат Тӏагьировасда цебе ккуна. Дида ккола гьел батӏи-батӏияб яргъил гулби ругилан.
— Воре, къимат кьезе гӏедегӏуге, — илан майорас Лабазанил «давла» кодобе босана ва кӏваркьун гьезухъ валагьана. Лабазан иргадулаб буюрухъалъухъ валагьун хутӏана.
— Лабазан, гьанив хъаравуллъуда цо полициялъулавги те. Гьал тохтурзабазул машинаялъ больницаялде экспертизаялъе жаназа битӏизе кумекги гьабун, сагӏаталдасан дир кабинеталде данделъизе нилъерго хӏалтӏухъабазда лъазеги гьабе. Дун нужехъ валагьун чӏела.
Тӏаде бегараб масъалаялъул бакӏлъиялъ майор кӏотинавун вукӏана. Киданиги рагӏичӏеб гьаб балагьалъ виххизавун, рукӏалиде вачӏунарого вугоан гьев. Тӏагьировасда кколеб букӏана гьеб гьоркьоб лъезе данделъаби гьарунагӏан лъикӏ букӏинин, бахӏсазул гучалъулъ лъугьа-бахъиналъул бегӏерлъи-бухӏи сун инин ва жиндир рекӏееги бигьалъи ккелин.
Цо-цоккун тӏаде лъугьун рачӏана полициялъулал. Гьезие вагӏза гьабулелъулги гьасда цебе чӏолаан борхатаб, тӏубачӏого рес гьечӏеб хӏакимасул амруяб калам. Гьелъ гьавги лъугьунаан, заралги столалда тӏад тенкезарун, жиндир кверщаликь ругезда гьезул загӏипаб хӏалтӏуде кӏвар буссинабизе. Сагӏаталдаса цӏикӏкӏараб заманалда гьез дандбалеб букӏана кин рагьилеб гьаб такъсиралъул кӏул гьечӏеб нуцӏа.
Надалдаса бачӏараб гӏетӏги бацӏцӏунаго, къватӏире лъугьунел рукӏана полициялъул хӏалтӏухъаби.
— Лабазан, мун дагьалъ лъалхъея…
Цинги киналго къватӏире ун хадуб Тӏагьировас, аскӏовеги вачӏун, хӏеренго гьесул гъажалда квер лъуна. Зазихарал цӏахӏилал бералги гьасда речӏчӏизарун, полициялъул бетӏерас гӏодоцараб каламалъ абуна: — Дир дуе цо хасаб тӏадкъай буго. Бичӏчӏулищ?
Рокъоб бакӏаб сихӏкъотӏи лъугьана.
— Гьаб такъсиралъул пикру гьабе, ургъун вихье, киналъулъго мухӏканлъи лъазабе. Гьанже а.
Хӏажалъи дагьасда талихӏалъ къвал бала
Цудунаб радал мех. Сордоги рокъоб бан, кӏиявго вац Гӏимранги Халидги гӏиял къавуде унел ругоан. Школалъул каникулазул заманги букӏун, дагьабниги жидерго мискинаб рукъалъе кумек букӏинеян жамагӏаталъул гӏияде хьвадулел рукӏана. Чернобылалдаса вуссун заман бахъилалдего хварав инсул пенсиялде тӏаде гӏияда хадур ун щвараб гӏарацги гьазие кумекалъе чӏолаан. Цин цебе кӏанцӏун, цин хадуб бекерун, гьаздаса рикӏкӏалъичӏого унеб букӏана бацӏгъанкъ Аргъутги. Хӏакъикъаталда гьазда абизе бегьулаан лъабго ракӏбикьарав гьудулилан. Кӏиго километралъниги эхедераялъ мегӏералъул кӏал гӏадин бугеб, кьурул сирталъ цӏунараб нохъода букӏана гьазул гӏиялкъай. Гӏиязул рехъен гьитӏинабго авлахъалдехун гӏедегӏана. Кӏиябго гьой сандирахъалда хӏапдолаго гӏияда хадуб ана. Гӏухьбузул тӏилалги росун, гӏумруялъул хӏалбихьи щварал гӏухьбуца кинниги, къиматалда гьелги гӏунтӏун вацал гьаругьинан хадур рилълъана. Радалго чӏамучӏлъи тӏаса босизейин Халидица чвантиниса бахъана телефон ва бакъаназухъ хӏалуцун, хӏасрат бергьун шавкъалда цӏалулеб кочӏол мухъазухъ гӏенеккана кӏиявго.
— Ахӏулеб кечӏ гьечӏищ дур гьелда хъван? Валагьун вихьея. Гьадинги кьерхараб дуниял кьочӏолъе баккизегӏан буччизабичӏого те абун, махсарадего гӏадин рехана Гӏамирица. Халид сихӏирго гьесухъ валагьун хутӏана. Цинги буртӏинкилщица гиризабуна телефоналъул гьитӏинабго чарх. Роцӏараб борхатаб гьаркьидалъун харибакӏалда йигей ецарухъаналъ кинигин ахӏулеб кочӏоде тӏаде ккана. Халид гъоркьанго кӏудияв вацасухъ валагьана.
— Гьаб бегьулищ дуе? — ян гьимана гьитӏинав.
— Гьебги бегьила.
— Гьалдаса лъикӏаб дир гьаниб хъван гьечӏо, дир кӏудияв вехь, — ан велъанхъулаго, телефонги къан, Халидица швантӏих бахъун бачӏана.
Гьедин махсара-хочӏалда майданги нахъа тун, гьал щвана мугӏрул лабаллъиялде. Хуриб хьвалеб хьон кинигин рихха-ричун ана гӏиял рехъен. Кӏиявго гӏодов чӏана ва, хъатиниб лъураб гӏадин, гьазда цебе чӏана гӏор бахун добехун бугеб кӏудияб росу. Гӏадамазул рагъа-рачари, гьезул данде ракӏари цоги къояздаса цӏикӏкӏараб бугоан жакъа.
— Щиб букӏаниги ккун батизе буго доба, — йилан Гӏамирица рахъун рачӏана жиндирго таргьиниса дурнаби. Гьелги беразда чӏван, тӏадеги жубана:
— Валлагь цо хӏапу-чапур бугилан ккола.
— Воре, воре, дихъеги валагьизе кьея.
— Дун гурхӏиледухъ гьареха, — ан гапилго гьасухъ валагьана Гӏамир.
— Гӏемер гурхӏел-цӏоб цӏикӏкӏарав чи вугелъулищ, — ан къун чӏечӏо Халидги. Вацасухъа гьелги росун, Халид гъираялда кӏудияб росулъехун валагьана. Гьасда якъинго бихьулеб букӏана руччабазулги бихьиназулги рахӏатхвараб хьвада-чӏвади.
— Ле Гӏамир, гъоба рагъул гӏаламат бихьулеб буго дида.
— Щиб, гьел ратӏа гьаризе ине къасдцин гурищ дур бугеб?
— Гӏиязул тӏалаб дуца тӏаде босани, – йилан вацасда тункизабизехъин букӏана гьас. Гьеб бичӏчӏарав кӏудияс циндаго чӏезавуна гьев.
Кӏудияв вац хаслихъе армиялде ине хӏадурлъулев вукӏана. Эбел унтарай гӏадан йикӏун, щибаб соналъ нахъбахъун тана гьав армиялде вачин. Лъадиги доваса нахъвуссинчӏого ячинарин чӏун вукӏана гьев. Эбелалъги гӏагарлъиялъги гӏемер гьарулеб букӏана гьасда ригьинги гьабун, гьелдаса дагьабниги пайда нусалъул рукъалъеги букӏинин абун. Амма Гӏамир гьелда разилъичӏо. Армиялдаса хадуб росдал магӏишаталъул академиялде цӏализе лъугьинги бигьалъила. Гьуинал пикрабаз керен цӏурав Гӏамирица гъваридго угьун биччана. Мех-мехалъ гьасул каранлъ бухъардулаан, эмен нахъе вукӏаравани, гьадин ятимго жал хутӏилароанин абураб пикру. Рес бугезул гӏумру бихьидал гьитӏинабго букӏаниги жахӏдаялъул цӏадуца бухӏизабулаан ракӏ. Гӏамир вукӏана рокъов киналъулго тӏалаб-агъаз гьабулев, гьавудулев гӏолохъанго гӏакълу-лъай босарав вас. Гьасда гьикъичӏого я эбелалъ, яги вацас щибниги гьабулароан. Гьасул рагӏухъ гӏенеккизе, малъаралъе мутӏигӏлъизе хӏадурав вукӏана Халид. Махсара-хочӏ гӏемер гьабуниги, кӏудиясул амруяб каламалдаса кьурулароан гьав. Гьединавлъун гьитӏинав вас гӏолев вукӏиналдаса йохун, хӏатта чӏухӏунцин йикӏунаан Жарият.
Гӏарип Расулов