Салам, Жамбул

1939 соналда Москваялда тӏобитӏараб Тӏолгосоюзалъул росдал магӏишаталъул выставкаялде делегатлъун витӏун вукӏун вуго Цӏадаса Хӏамзат. Делегатазе бетӏерлъи гьабулеб букӏун буго Хашаев Хӏажимурадица. Гьелъул хӏакъалъулъ хадуса бицана выставкаялда делегатлъун вукӏарав Хунзахъ Сталинил цӏаралда букӏараб колхозалъул колхозчи, цевесев илхъичи Мухӏамадов Мухӏудадаца. (Гьесда росдал гӏадамаз Атахӏин абула).

Хӏамзатие бокьулеб букӏун буго батӏи-батӏиял павильоназде щвезе, гьес щибалъе кьолеб букӏун буго тӏадегӏанаб къимат ва жиндиего хъвай-хъвагӏайги гьабулеб букӏун буго.

– Бихьуларищ, Атахӏ, дуда улкаялъул гуч, гьелъ гъурал меседил куркьбаз рещтӏинабун буго гьаб бечелъи нилъер тахшагьаралда, макьилъцин букӏине рес гьечӏо гьадинаб хӏалкӏолъи. Гьале, гьудул, доб алжан. Рилълъа гьаниса нахъе, цощина берцин ккезе гурин гуржиязда, – ян велъун вуго шагӏир.

– Рилълъа, илхъичи, гӏемерал гӏадамал данделъараб бакӏ бихьулин доба, щиб лъалеб, гьадинабго бакъул дунял добаги батизе бегьула, – ян дун Хӏамзатица кваранаб рахъалде сверизавуна.

Гьенивехунго валагьун вачӏунев вугоан кутакалда къачӏарав щуго гӏолохъанчи. Гьез хӏурматалда гьоркьов вазавун вачӏунев вугоан нилъалда мегеж тарав цо херав чиги. Рикьа-риххизе гӏолохъабиги гьарун, аскӏовеги вачӏун, магжилас Хӏамзатида къвал бана.

– Саламалейкум, Хӏамзат!

– Вагӏалайкум салам, Жамбул! – ан Хӏамзатги гьесда хурхана.

Лъарагӏ чӏван, гӏурус чӏван, магӏарул мацӏ чӏван, гьел гӏемераб мехалъ хабар-кӏалалда рукӏун руго, гьезда гӏажаиблъи гьабун аскӏор ругелги рукӏанила. Казахазул, шагӏирас къвалги бан, Хӏамзат горсверулъа нахъе вачун ана, хадур нижги ана. Жамбулица Хӏамзатида бичӏчӏизабуна жалго цо бакӏалде ине кколел рукӏин ва къаси данделъилин. Гьеб къоялъул къаси Жамбулица дагъистаниял жиндихъего гьоболлъухъ ахӏун руго. Хашаев Хӏажимурадил кумекалдалъун шагӏирзаби цоцада ричӏчӏун руго ва рохалилаб ахӏвал-хӏалалда жидерго кучӏдул цӏалун руго. Хӏамзатица жинде гьабураб кечӏ цӏалигун, Жамбул Жабаев вохун вуго ва гьеб бакӏалдаго гьес Хӏамзатидеги гьабун буго кечӏ.

– Жакъа кино бахъизе бугилан абулеб буго, киналниги гьунарчагӏи майданалде рахъине рагӏула, бицен буго гьенире кӏудиял хӏакимзабиги, хъвадарухъабиги, цогидалги рачӏине ругин, – абуна Хашаев Хӏажимурадица. – Кьурдизе лъачӏониги, квералги гӏебеде ритӏун, ххвелал гьаризегӏаги лъаларев чи магӏарулазул вукӏунаро, бох гьечӏониги, гьеб дихъаги бажарула, тӏад бугеб ратӏлица рахъинарула нилъер кьурдухъаби, бажарараб жо гьабизе ккелаха.

– Дагьа-дагьабниги гьарс бачине нижедаги лъазе бегьула. Хӏажимурад, дуца кумек гьабеха лезгинка ва цогидал, нилъеего данде кколел бакънал рачинаризе, – ян гьиманин Хӏамзатин бицана Атахӏица.

Гьеб данделъиялда кьурдизе вахъана Хӏамзат. Шагӏирасде данде кьурдизе яхъана цо берцинай, данде кколеб ретӏел ретӏарай яс. Хӏамзат кьурдизе цӏакъав вукӏана. Гьесда гӏадин къаркъала кквезе кӏолев кьурдухъан ватизе къанагӏатаб жо букӏана. Гьев кьурдулаан гӏодове виччан ва свакалароан. Кинав вугониги кьурдухъанасе рокьи кьолей яс дандияйги йикӏинчӏо. Кьурдун вахъана Хӏамзат. Халкъалъ кутакалда хъатчӏвана, Москваялъул ясаз шагӏирасе кьуна тӏугьдул. Нахъаса къотӏи гьечӏеб хъатил гьаркьаз шагӏир цоги нухалъ кьурдизе ахӏулев вукӏана. Тӏадеги вахъун, халкъалъе баркалаги кьолаго, гьес дун цеве рехана. Диеги мусудуз гӏемерал тӏугьдул кьуна.

– Мухӏудада, диде данде кьурдулей йикӏарай ясалъул сипат-сурат лъалищ дуда? – ян цӏехана Хӏамзатица.

– Лъала, Хӏамзат.

– Дуралъулго лъалищ?

– Цӏакъ лъала, Хӏамзат.

– Гьедин батани, гьаб кӏиябго тӏогьол гул кӏияйго ясалъе кьезе а, – ян абуна Хӏамзатица. Дица гьесул мурад тӏубазабуна. Ясаз баркала кьуна нижее.

Выставкаялъул ахирисеб къоялъ Хашаевас нижее ихтияр кьуна Москва шагьаралда тира-сверизе ине. Нижеда тӏад букӏана гӏадатияб ретӏел. Цо чӏухӏараб къотӏносан унаго, къан гъежги ккун, дун лъалхъизавуна Хӏамзатица.

– Гьаб къватӏ бугин ккола дида доб, – ан абуна гьес.

– Кинаб къватӏ, Хӏамзат?

– Тамашаяв чи вуго, Мухӏудада, мун, Хъвадарухъабазул союзалъул кӏалгӏаби ругеб къватӏха!

– Цӏехезе бугоха, Хӏамзат.

– Цӏехезегӏаги цӏехезе бугоха, дуда мацӏги лъикӏго лъалеб батилин.

– Валлагь, гьудул, Хӏамзат, дидаги къанагӏатал рагӏаби гурони лъаларо.

– Рагӏабицин лъаларев дида данде дуцаго мадар гьабилеб батилин, гьадай данде ячӏуней хӏурулгӏиналда гьикъе.

– Йо, Маруса. Союз писатель дом где есть? – ан гьикъидал, гьей гьимун йиго.

– Хӏамзат, гӏайиб гьабуге, дида мун кватӏун гурони лъачӏо, дунги гьаний цӏалулей йигей магӏарулай ккола, – ян, Хӏамзатихъе квер кьун буго гьелъ.

– Рилълъа, щвезарила нуж Хъвадарухъабазул союзалде, – ян Хӏамзатида гъеж хуна гьей ясалъ.

Гьеб кӏалгӏаялъуса къватӏиве цӏакъ рази-ракиго вачӏана Хӏамзат.

– Гьале, вуссана дун, тӏубана хӏажат, цо материал кьун букӏана гьанибе, хӏалчӏахъаги азул, рилълъа гьанже нилъ бокьараб тукеналъ къабул гьаризе руго, анкьнусго гъуруш батана дие хъван, – ан абуна Хӏамзатица.

Цо кӏудияб тукада шагӏирасда ратун руго батӏи-батӏиял кьеразул чиллайдул куназул квертӏеричал ричулел. Гьездаса вохун вуго Хӏамзат.

– Кутакалда битӏана гьанже сапар, гьале цӏигьулдерил ясазе кьезе унго-унгояб сайгъат, – абун, гӏезегӏан квертӏеричал кьеян абун гьес.

– тӏасалъугьа, тӏокӏаб кьезе бегьуларо, – ян абун буго тукенчӏужуялъ.

– Нужеца гьалда бичӏчӏизабе дун даранчи гурин, ва гьал кьезе дир гӏагарлъиги лъималги гӏезегӏан ругин.

Цадахъ рукӏараз тукенчӏужуялда бичӏчӏизабуна Хӏамзат выставкаялде вачӏарав делегат вукӏин.

– тӏасалъугьа, бокьанагӏан росе, – ян тукенчӏужуялъ шагӏирасул къвачӏа цӏезабун буго.

– Атахӏ, духъ гӏарац батичӏони, дица кьела, босе кун, – ан дидехун вуссана шагӏир.

Дица Хӏамзатие баркала кьуна, – ян лъугӏизабуна гьес хабар.

1987 сон,

Мухӏамад Хъайтмазов