79 бадибчӏвайги 89 пикруги
Учителасул профессионалияб стандарталъул хӏакъалъулъ жамгӏияб бахӏс
Стандартпедагога.рф сайталда тӏобитӏулеб буго «Учителасул стандарт» ва «Учителасул цебетӏеялъул миллияб къагӏида (НСУР)» абурал док
ументазул бахӏс. Гьабсагӏаталде бахӏсалда гӏахьаллъун вуго 0,01 проценталдасаги дагьав учитель.
Учительзабаз сайталда хъвалел руго стандарталъулъ ратарал дандеккунгутӏиязул хӏакъалъулъ жидерго пикрабиги. Масала, «Стандарталда хӏалтӏизарулел терминал рукӏине ккола чӏванкъотӏараллъун» абураб пикру загьир гьабулеб буго гӏахьалчагӏазул гӏемерисез.
Учительзабазе рекӏее гӏолеб гьечӏо учителасул хӏалтӏуе къимат кьолеб къагӏидаги. Гӏемерисез абулеб буго, стандарталда мухӏкан гьабун гьечӏила, кинал критериязул кьучӏалда къимат кьезе бугеб учителасе, ведущий учителасе, кӏудияв учителасе; кин тӏобитӏизе бугеб аттестация ва гьеб гӏолищ жеги тӏадегӏанаб статусалъе мустахӏикъавлъун рикӏкӏиналъе.
Марина Бернштейница (Ульянов областалдаса гӏурус мацӏалъул учительница) гьадинаб пикру хъван буго: «1. Учителасул хӏалтӏул хӏасилазе къимат кьолаго, хӏисабалде босизе ккола цӏалдохъабазги гьезул эбел-инсуцаги гьесие лълеб къимат. 2. Учителасе къимат кьолаго, хӏалтӏул хӏасилазул цебетӏей, ай цӏалдохъабазул лъаялъул даража хӏисабалде босизе ккола. 3. Дир пикруялда, жинца кьолеб дарсил экзаменги кьун бажаризе ккола учителасухъа».
Бадибчӏваял руго моцӏрол харжазул хӏакъалъулъги. Батӏи-батӏияб даражаялъул учителасе моцӏрол харж чӏезабиги мухӏкан гьабун гьечӏо ва гьеб гьабизе бугищалиги бичӏчӏулеб гьечӏо стандарталдасанин рикӏкӏунеб буго гӏемерисез. «1. Лъайкьеялъул идараялъул штаталда чан ведущий ва кӏудияв учитель вукӏине кколевали мухӏкан гьабизе ккола. 2. Кӏудияв ва ведущий учителасухъ рукӏине ккола учителасухъаялдаса дагьал дарсал. Гьебго заманалда херлъиялда бан кьолеб пенсиялъул страховияб бутӏаялдаса махӏрум гьаризеги бегьуларо гьел. 3. Учителасе, кӏудияв учителасе ва ведущий учителасе батӏи-батӏиял харжал чӏезаризе ккола» — ян абулеб буго Пермь шагьаралъул СОШ № 120 МАОУялъул директор Оксана Склюевалъ.
Самара шагьаралдаса учительница Ольга Андреевалъ хъвалеб буго: «ОГЭялдаги ЕГЭялдаги гӏахьаллъизе ккола учительва гӏолохъанав учитель, кӏудиявги ведущийги учительзаби гӏахьал гьаризе ккола гӏицӏго хӏалтӏабазул халгьабиялъулъ».
Дагъистаналдаса цониги учитель гӏахьаллъун ватичӏо бахӏсалда. Бахӏс букӏине буго 20 сентябралде щвезегӏан.
Стандартпедагога.рф сайталдаса