Дуе кьунищ тӏехь?
Министерствоялъ халгьабулеб буго цӏалул тӏахьал школазде щвеялъул
ДРялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялде гӏемер чи кӏалъалев вуго жидее тӏахьал щвечӏин яги дагьал гурони рачӏинчӏин абун. Гьединлъидал министерствоялъ халгьабулеб буго кинал школазде ва кигӏанасеб къадаралда рикьун ругелали цӏалул пособиялги тӏахьалги.
Халгьабиялъул хӏасилалда баянлъана школазул нухмалъиялъ тасамахӏлъи биччан букӏин гьеб суал тӏубазабулаго. Масала, заманалда кьун гьечӏо чан тӏехь хӏажат бугебали баян гьабулеб кагъат, росун руго жидее къваригӏунарел, цо-цо школаз, тӏахьал хӏажалъулин абун, кагъатго хъван гьечӏо. Цо-цо школазда заманалда рикьун гьечӏо жидехъе рачӏарал тӏахьал.
Министерствоялъ баян гьабулеб буго: цӏиял ФГОСазда рекъонкколедухъ, тӏубанго цӏигьабун буго кӏиабилелги анкьабилелги классазул библиотекаялъул фонд ва тӏахьал щвезарун руго муниципалитетаздеги. «Министерствоялъул сайталда лъун руго кӏиабилелги анкьабилелги классазул тӏахьазул рахъалъ республикаялъул щибаб школалдаса бачӏараб заявкаги школазде тӏахьал ритӏиялъул хӏакъалъулъ кагъталги. Гьел классазе тӏахьал гӏолел гьечӏин нижехъе бачӏараб щибаб гӏарзаялъул хасго халгьабизеги буго», — ян бицана ДРялъул лъайкьеялъулги гӏелмуялъулги министрасул заместитель Темирхан Халиловас.
Гьединабго хӏал букӏана гъоркьиса тӏоцереселги анлъабилелги классазул тӏахьалгунги. Киназего гӏураб къадаралда рачӏун рукӏана гьелги. 2013-2015 соназда росун рукӏана лъабабилелги, ункъабилелги, щуабилелги классазе тӏахьал.
8-11 классазе цӏалул тӏахьал росиялъул масъала тӏубазабизе захӏмалъулеб буго. Республикаялда хӏалкъан букӏиналда бан, гьел росичӏого бана анкьгониги сон. 2017 соналда гьездалъун цӏалдохъаби хьезаризе кумек гьабулеб буго Россиялъул «Просвещение» издательствоялъ. Ноябралде гьелги щвезе руго республикаялде.