Хъебалъ росулъ школа базе биччан буго 178 млн гъуруш
Ракӏунтун гӏодани, бецаб бадисаги магӏу бачӏунин абула магӏарулаз. Цӏунтӏа районалъул Хъебалъ росулъа Мухӏамадрамазан Гӏабдулкаримовин абуни гӏодичӏо, амма хӏаракат бахъана законазул тӏалабалги цӏунун, росдал школалъул масъала тӏубазабун. 2011 соналдаса нахъе районалъулги республикаялъулги батӏи-батӏиял идарабазде хьвадиялъул хӏасил ккечӏеб мехалда, гьес балагьана батӏияб нух — пикет. Гьес тӏалаб гьабулеб букӏана росдал школалъул мина къачӏайин яги цӏияб бакӏалда байин. «Нижер росулъ школа бана 1965 соналда. Гьелдаса нахъе цониги нухалда гьеб къачӏачӏо. Школалда цӏалулеб буго 80 лъимер. 2011 соналдаса нахъе дица чанцӏулго хитӏаб гьабуна райо-налъулги республикаялъулги пачалихъиял идарабазде, амма хӏасил ккечӏо», — ян бицана Мухӏамадрамазаница.
Лъабцӏул гьарана
2018 соналъул 18 апрелалда гьев вахъана РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялъул минаялда цевеги добго пикетгун. Пятигорскалда гьабураб пикеталъул хӏакъалъулъ гьадин бицана Мухӏамадрамазаница: «РФялъул президентасул СКФОялда бугеб вакиллъиялда цеве дун эхетун 10 минут балелдего дида аскӏоре рачӏана вакиллъиялъул
хӏалтӏухъаби. Гьез дида абуна, мун жаниве ахӏулев вугин абун. Битӏараб бицани, дун инчӏо. Дие бокьун букӏана гӏадамаздаги журналистаздаги гьелъул хӏакъалъулъ лъазе. Жеги 15 минуталъ чӏана дун. Рачӏунел рукӏана гӏадамалги, Россиялъул, СКФОялъул регионазул, масала, Чачан Республикаялъул журналисталги, доба гӏумру гьабулел дагъистаниялги. Гьез кинабго ба-хъулеб букӏана видеокамераялдеги. Дагъистанияз абулеб букӏана, республикаялъул журналистал жидеда лъалин ва бахъараб материалги жидеца гьезухъе битӏизе бугин абун. Ана жеги 15 минут. Вакиллъиялъул хӏалтӏухъан вачӏана аскӏове ва жаниве вилълъаян кӏалъана дида. Гьебмехалдаги инчӏо дун. Аслияб мурад букӏана нижер школалда бугеб хӏал гӏадамазда лъазаби. Рукӏана цо-цо хӏалбихьиял, дир пикет политикияб рахъалде цӏазе хӏаракат бахъаралги. Путиние гьаркьал кьогеян ва цогидал ахӏиялгун кӏалъазе журана бакӏалъулал гӏадамазул цо-цоял. Амма дица гьезухъ гӏинтӏамичӏо. Лъабабилеб нухалда ахӏидал, ана дун вакиллъиялъул минаялъуве. Лъикӏ къабул гьавуна, хъвазабуна гӏарза, жидерго телефонал кьуна дихъе. Дир хитӏабалъул халгьабизе рагӏиги кьуна, дунги нахъе ана».
— Хӏасил щибха ккараб?
— Дихъе бачӏана президентасул администрациялдаса жаваб. Гьеб бачӏиналде дун кӏицӏулго гӏахьаллъана президентасул администрациялъул управлениялъул хӏалтӏухъанасулгун букӏараб видео-конференциялда. Гьенибего хитӏаб гьабун букӏун буго Мокъокъ росдал вакиласги – жидер школаги басра-лъун бугин, цӏалдохъабазегун учительзабазул гӏумруялъе хӏинкъи бугин абун. Амма гьезул хитӏабалъул хӏасил ккечӏо: жеги рес гьечӏин ралел школазул сияхӏалде гьоркьобе нужер школа босизеян абун жаваб кьуна гьезие. 2019 соналде гьеб сияхӏалде босун руго Хутӏрахъ росдал лъималазул ах бан бахъинабизеги Хъебалъ росулъ школа базеги.
ДРялъул Экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министерствоялдаса бачӏараб жавабалда рекъон, нижер росулъ цӏияб школа базе бихьизабун буго ракьул цо гектар. 2019 соналде школа баялъе биччан буго 66 млн ва 2020 соналде – 70 млн гъурушги. Школа баялъе гӏаммаб къадаралда биччан буго 178 млн гъуруш. Дун ана рехсараб министерствоялде. Министрасги гьел баянал тасдикъ гьаруна. Гьенисан ана ДРялъул Ралел бакӏазул министерствоялде. Малик Баглиевасги абуна, подрядчиказул гӏуцӏабазухъе хӏалтӏи кьеялъул мурадалда тендер лъазабун бугин.
Нилъеразул «чӏанда»-хабар
— Щай дуе гьеб, гӏемерав чияс баркала гьечӏеблъун рикӏкӏунеб хӏалтӏи?
— Гьеб иш тӏаде босизе дун гьесизавуна гьадинаб хӏужаялъги. 2018 соналъул 23 июлалда дун ахӏун вукӏана ДРялъул хӏукуматалъул данделъиялде. Гьенир рукӏана ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил Гӏумароваги, ДРялъул ралел бакӏазул министр Малик Баглиевги, Экономикаялъул, Финансазул ва цогидалги министерствабазул вакилзабиги, доб заманалда Цӏунтӏа районалъул бетӏерлъун вукӏарав Пахрудин Мухӏамадиновги. Гьез байбихьана, жидехъеги вачӏинчӏого, РФялъул президентасде щай хитӏаб гьабурабин цӏехезе. Уммупазил Гӏумаровалъ гьикъана щай вуцӏцӏун чӏун вукӏаравин абун. Дица гьелда абуна: «2015 соналда, ДРялъул бетӏерасда цее йигей инсанасул ихтиярал цӏунулей вакиллъун мун йикӏаго, дица духъе кьуна гьеб масъалаялъул бицараб хитӏаб. Щайха дуца гьелъие кинабгӏаги жаваб кьечӏеб? Дуца щибха гьабураб лъималазул масъала тӏубаялъе?» — ян. Школалда дарсал кьеялъе къварилъи гьечӏин абун цо жал рицине гьоркьове лъугьана Пахрудинги. Дунги къезе чӏечӏо – районалъул школазул 90 процент жагъалал ругеблъи чӏезабун бажарула дихъаян кӏалъана. Цоцазухъ ралагьахъдана гьел, гьегьал жал рицине байбихьана ва гьелдалъун хабарги лъугӏана. Республикаялъул нухмалъиялда гьединал хӏакимзаби рукӏаго, халкъалъул масъалаби тӏуразе рес гьечӏо.
Москваялде ахӏи байдал…
— Президентасул администрациялъищ мун ахӏарав видеоконференциялде?
— Гӏемерисев чиясда лъаларо, гьеб идараялъулгун битӏахъеяб бухьен гьабизе рес бугеблъи. Каспийскалда буго президентасул администрациялъул мобильнияб приемныялъул ункъо терминал. Цин гьениреги ун, хъвай-хъвагӏай гьабизе ккола ва хадуб, чӏезабураб къоялъ, гьенивеги вачӏун, администрациялъул хӏалтӏухъанасулгун гара-чӏвари гьабула. 27 июлалда букӏана диргун видеоконференция. Дицаги бицана бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъ. Гьелдаса хадуб президентасул администрациялъул бербалагьиялде гъоркье босана росулъ школа бая-лъул суалги.
Школа балаго, гьелде биччалеб гӏарцул хӏисаб гьабулеб мехалда, федералияб законалда рекъон, цо цӏалдохъанасе бихьизабула миллионгун 250 азарго гъуруш, гьеб росулъ яги шагьаралда балеб батаниги. Росдал школа баялъе цӏикӏкӏунцин кьола, щайгурелъул салиги, цементги, цогидабги рикӏкӏадаса баччизе кколелъул. Нижер школалъе биччараб гӏарцудаса цо капек добе-гьанибе кьуризе биччазе гьечӏо дица.
Гара-чӏвари гьабуна
Кавсарат Сулеймановалъ.